МагъчIваялъе рес

Джикаевасул ахираб хIаракатчилъи


Гьиристан- Бусурбабазул хIакъалъулъ хъубал кучIдул хъван букIиналъухъ 2011 соналда чIварав Шималияб Гьиристаналъул халкъияв шагIир Джикаев Шамил
Гьиристан- Бусурбабазул хIакъалъулъ хъубал кучIдул хъван букIиналъухъ 2011 соналда чIварав Шималияб Гьиристаналъул халкъияв шагIир Джикаев Шамил

2011 соналъул май моцIалда чIварав гьириязул шагIир Джикаев Шамилил цIар кIодо гьабулеб буго гьалкъояз гьириязул кIиябго республикаялда.

Шималияб Гьиристан-Алания республикаялъул халкъияв шагIир Шамил Джикаев чIваялъе гIиллалъун лъазабун букIана гьес бусурбабазде, хасго чачаназде данде 2009 соналда ццидалаб кечI хъвай. Гьесул рахъ ккураз жиндир иргаялда абулеб буго шагIирасул ццим бахъун букIанин хIежалде унел рукIарал чачаназда.

2008 соналда автобусалде рекIарал гьел гIолохъанал чачаназ Беслан шагьаралъул хабзабазда аскIоб как баялде хIадурлъи гьабулеб мехалда гьенире реккерун рачIарал гьирияз гьезде ганчIалги речIчIун гьужум гьабун букIанин. Гьезул рагIабазда чачаназе бокьилаанин гьириязул хабзабазда къваригIелалъ ине.

КIиго сон ун хадуб шагIир Шамил Джикаевас хъвана «Унел руго бацIил тIанчIи хIеж борхизе» абураб жиндирго питнадул кечI. Шималияб Гьиристаналъул бусурбабазул динияб идараялъ гьеб кечI рикIкIана динияб ва миллияб тушманлъи бижизабулеблъун ва гIарз битIана прокуратуроялде.

Суравалде ахIарав Джикаевас гьеб гIайиб нахъ чIван абуна, гьеб бугила гIицIго бацIил гIамал бихьизаби. Гьелдаса нахъе Джикаевасе хIинкъаби ритIизе байбихьанила щалали лъаларез.

2011 соналъул 26 маялда гIумрудул 71 сон барав Шамил Джикаевасул жаназа батун букIана Владикавказ шагьаралъул сверухлъиялда. ВахIшияб къагIидаялда чIварав шагIирасул бетIер къотIун букIана. Добго соналъул 31 маялда гIадлу низам цIунулез лъазабуна Джикаев чIварав чи тIагIинавун вугин Владикавказалда гьабураб хасаб операциялъул хIасилалда. Ва гьев кколаанин Ислам дин босарав гIурусав Мурашев Давид.

Гьале доб хIужаялдаса лагIел ун хадуб гьириязул кIиябго республикаялда ракIалде швезавулев вуго жиндирго шагIир. ТIоритIулел руго батIи-батIиял тадбирал. Мисалалъе босани Жанубияб Гьирстаналда тIад чIезабун буго гьесул цIаралда бугеб пачалихъияб премия. Универиситеталъул къадада чIван буго мемориалияб къоно, гьенир ракIкIарун руго шагIирасул тIахьалги квералъ хъварал асаралги.

Владикавказалда жамгIиял хIаракатчагIаз тIалаб гьабулеб буго Джикаевас яшав гьабулеб букIараб къватIалъе гьесул цIар кьей. Гьириязул Университеталъул филологиялъул факультеталъул декан Борис Хозиевас абулеб буго гьеб бугин заманалъ жидеде бараб ахIиялде данде кколеб жавабилан.

«Шамил Федоровичас гIумру бичана нилъее гIоло ва нилъеда тIадаб буго гьесул хIурмат гьабизе», ян абуна Борис Хозиевас. Владикавказалъул Машгьурал чагIазул ахалда вукъарав Джикаевасе гамачI лъун буго.

БатIияб пикру буго Шамил Джикаевасул ахирисеб жамгIияб хIаракатчилъиялда бан гIемерал гIолохъанал бусурбабазул. Жидерго интернет форумазда гьез абулеб буго Джикаев чIварас битIараб иш гьабунин щивав бусурбанчиясда тIадаблъун бугеб.
XS
SM
MD
LG