МагъчIваялъе рес

ГIайиб тIаде рехулеллъун гьанже нилъ руго


«ГIурусазул марш», Москва, 04Ноя2012
«ГIурусазул марш», Москва, 04Ноя2012

Россиялъул информалатазда кавказиязул хIакъалъулъ квешаб жо гурони хъвачIого, ургъунго Россиялъул халкъазул кавказалъулаздехун рокьукълъи бижизабулеб бугилан рикIкIунеб буго Дагъистаналъул журналистаз. Гьезул пикруялда, лъикIаб жо гьабурав чи Кавказалдаса вугониги россиялъулав вугин абула, квешаб жо яги такъсир гьабурав чи кавказалдаса вукIин мухIкан гьабула, амма гьединабго такъсир гIурусас гьабун бугони, гьев рехсола-гIайиб бугев, щаклъи ккарав, мадугьал, юрист ва цоги рагIабаздалъун.


Кавказалъулал метроялда рагъана, Дагъистаниял Москваялда берталъ кьвагьдана, Кабардиназул цIогьал ккуна -гьадинаб къагIидаялъул бутIрул ругел макъалабазул читIир бихьула щибаб къоялъ интернеталда ва халат бахъараб заманаялъ рейтингалда тIоцересел бакIазда рукIуна гьел.

Гьедин рикIкIунеб буго Дагъистаналъул техническияб университеталда цIалулев АхIмадов Рамазаница. Гьес бицунеб буго жив ракI унтун валагьулин кавказияздехун рокьукълъи тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб букIиналъухъ ва гьеб ишалъулъ информалатаз гьабулеб хIалтIухъ. «Дида ккола гьаб къагIидаялъ иш ани кватIичIого пачалихъ хIисабалда Россия картаялдаса тIагIине бугилан» - абун хъвалеб буго гьес жидерго цIалул идараялъул сайталда. Гьесда разилъулел руго гIемерисел. Камулел гьечIо кавказиязда гIайиб чIвалелги. «Щал ругониги гIайибал тIаде реххулел чагIи къваригIун руго, гьабсагIаталда нилъ руго гьединаллъун» - абун тIаде жубалеб буго Рамазаница.

Информалатазда гIайибал чIвалел руго АхIмад Буро абурав «Кавказская политика» сайталда хъвадарулев журналистасги. Макъалаялда цIар буго «Кида дагъистанияв, кида юрист». Гьениб журналистас данде кколеб буго чанго анкьалъ цебе Москваялда берталъ дагъистаниял кьвагьданилан информалатазда бахъинабураб ахIи-хIур ва гьенибго Москваялда цо чияс жаваб гьечIеб рокьи сабаблъун чанго чи чIваялъул хIужа.

«ТIоцебесеб нухалда киса-кибего хъвалеб букIана кьвагьдарал дагъистаниял рукIинилан, кIиабилеб нухалъ рехсолеб букIана гьев юрист вугилан, гьесул миллаталъул бицинчIого пиша рехсолеб буго» - ян хъвалеб буго АхIмад Буроца. Хадубги гьес тIаде жубалеб буго миллаталде балагьун такъсиралъе къимат кьолеб бугин. «Журналистазул этикаялъухъ балагьичIого, бокьахъе кьолеб буго информация. Нилъер жамгIият унтун буго, гьеб жамгIияталъул бутIалъидал журналисталги» - абун лъугIизабулеб буго макъала журналистас.

ГIадатиял дагъистанияз гьеб проблемаялда хурхун батIи-батIиял пикраби загьир гьарулел руго. Тарихиял гIелмабазул кандидат, мугIалим Нугъаев МухIамадица рикIкIунеб буго цохIо кавказалъулаздехун рокьукълъи бижи гуреб, киналго миллатазул цоцадехун рокьукълъи цIикIкIун бугин. Гьелъие гIиллалъунги гьес рикIкIунеб буго пачалихъалъул гIаммал, гIадамал данде гьарулеб идеология гьечIолъи.

Нугъаев МухIамад: «Кавказалъулаздехун рокьукълъи ахираб заманалда баккараб жо гуро. ГьабсагIат гьеб тIубанго къватIибе загьирлъун буго. Цебеккунги букIараб гьеб, халкъалъ жанибго тун букIана. Советияб пачалихъ биххун хадуб гIадамазул букIараб гIаммаб идеологияги биххана. Доб пачалихъ гIемерисезда лъала гIемерал миллатаз ракълида гIумру гьабулеб букIараб, миллазул рекъел тIоцебесеб бакIалда лъолеб, щулияб идеологиялъул пачалихъ хIисабалда. Пачалихъ биххарабго раккарал гIунгутIабазул ва жидерго балагьазул гIайибал лъиде ругониги гIунтIизаризе кколелъул. Гьебмехалъ бищунго бигьаго букIана цоги миллаталде тункизабун тей.

ГьабсагIаталда Владимир Соловьевасдаса байбихьун Россиялъул журналистаз ва Владимир Жириновскиясдаса байбихьун политиказ гьабулеб бихьарабго дида бичIчIулеб гьечIо сундуе гIоло гьеб гьабулеб бугебали. Нилъер кавказиязул цо-цояз законалда данде кколарел ишал гьарулел рукIин гьеб балъголъи гуро, гьелги гIадамаллъидал, жидерго гIунгутIаби ругел. Такъсирал гьари цохIо кавказиязе хасиятаб жо гурелъул, такъсирчагIи киналго миллатазул рукIуна. Нахъойги абулеб буго, гьелъие аслияб гIилла буго гIаммаб идеология гьечIолъи».

Гьеб проблема роцIцIине ккани Нугъаев МухIамадица рикIкIунеб буго тIалъиялъ рекъезабизе кколин информалатаз информация кьолеб къагIида ва гIураб къадаралъ цензура хIалтIизабизе кколин.

Нугъаев МухIамад: «Гьеб суал роцIцIине бокьани тIалъиялъе, гьеб цIакъ бигьаго роцIцIинабизе кIола. Щайгурелъул нилъер тIалъиялъул руго гьелъие гIурал сурсатал. ТIалъиялда гьабизе кIола кинабго. ТIоцебесеб иргаялда хал гьабизе ккола информация кьолеб къагIидаялъухъ. Телевидениялдаса, газеталдаса ва радиоялдаса миллат гIодобегIан гьабулел программаби гьукъизе ккола. Гьеб буго тIоцебесеб гали. КIиабилебги, дир хIисабалда, школазда рукIине ккола киназего тIадал, лъималазда халкъазда гьоркьосеб рекъел малъулел дарсал. Школалдаса нахъего лъималазда малъизе ккола цоги миллаталъул чи тушман кколарин, гьенисанго гьезда бичIчIизабизе ккола Россиялда цохIо гIурус миллат гуреб, I60 гоялдаса цIикIкIун батIи-батIиял миллатал рукIин».

Россиялъул Президентасухъ Дагъистаналдаса вакил МахIачев ХIажица «Runovosti» сайталда гьабураб гара-чIвариялда бицунеб буго миллаталъухъ балагьичIого такъсирчиясе гьесие рекъараб тамихI гьабизе кколин, кавказалъулазда аскIоб ахIи-хIур бахъинабиялъ нилъ лъикIалде рачине гьечIин. «Гурони щибха гьабилеб? Цо заманалда Америкаялда «Негразе гьукъун буго жанире лъугьине» абурал хъвай-хъвагIаял рукIана. Гьелъухъего, «Кавказалъулазе гьукъун буго» абун хъвайха, хас гьабун кавказалъулал ратIа рахъизе нужее бокьун батани. Армиялде кавказалъулал росулел гьечIо, цIалулел бакIазде росулел гьечIо, гьанже гьеб хутIун буго гьабизе жо» - ян абулеб буго Дагъистаналъул вакилас.
XS
SM
MD
LG