МагъчIваялъе рес

ХIайдар хисун - Путин


Дербент
Дербент

Дербент шагьаралъул Советская къватIалда Азербайжаналъул вукIарав нухмалъулев ХIайдар ГIалиевасул цIар букIинегIан, Россиялъул президент Владимир Путинил цIарго лъун лъикIин рикIкIунеб буго Советская къотIнор гIумру гьабулел чагIаз.

ЭР-ялъ бицун букIана исана 15 июналда Азербайжаналдаса гьалбалги рачIун гьеб къватIалда ХIайдар ГIалиевасул цIар лъезехъин букIиналъулги лезги миллаталъул жагIияб багъа-бачариялъул гIадамал гьелда дандечIун рукIиналъулги. Дербенталда цебе ХIайдар ГIалиевасул бугеб тIокIлъи щибин гьикъулеб буго гьез. Гьелда бан 8 июналда Дербенталда кIудияб митинг тIобитIизехъин буго Къилбаялъул рахъалда ругел Дагъистаналъул халкъазул маданиябгун тарихияб ирсалъул Централъ. Гьелъул мурад ккола исана 8 маялда Дербент шагьаралъул депутатаз гьабураб гьеб хIукму нахъбахъизабизе.

Гьедин митингалде хIадурулаго бачIун буго ХIайдар ГIалиевасул бакIалда Советская къватIалда Путинил цIар лъезе бегьиялъул пикруги. Амма цогидал дагъистаниял яги россиялъулал гурел, хас гьабун гьесул цIаралда тIадчIей гьабиялъул магIна гьикъидал, лезгиязул миллияб багъа-бачариялъул вакил Руслан Гереевас гьадин бицунеб буго ЭР-ялъе.

Руслан Гереев: «Хас гьабун Россиялъул Федерациялъул президент Владимир Путин ккола Дербенталъул тарих улкаялъулго даражаялда тIобитIизе кколин тIоцебе пикру кьурав чи. Гьединаб хIукмуялде рачIана жамгIиял багъа-бачариязул вакилзабиги митинг тIобитIизе ракIалде ккаралги».

КъватIазда, майданазда, яги цогидал бакIазда цIарал аслияб куцалда хварал чагIазул лъолеб гIадат лъугьун бугелъул, чIагояв Путин тун батIияв чиясул цIарго букIанищ гьениб гьоркьоб лъунин гьикъидал, Руслан Гереевас жаваб кьуна букIинчIин. Шагьаралъул нухмалъиялъул хIукмуялда ракIалде ккун бугелъулин къватIалда цIар лъезе Азербайжаналъул вукIарав нухмалъулев вихьизавизе, гьединлъидал жидецаги гьединавго нухмалъулев - Путин - вихьизавулев вугила.

Руслан Гереев: «Кин букIаниги, дов цояв ккола къватIиб пачалихъалъул президент, гьавин абуни ккола нилъер пачалихъалъул президент».

Къилбаялъул рахъалда ругел Дагъистаналъул халкъазул маданиябгун тарихияб ирсалъул Централъул нухмалъулев Сардар Агъаларовас ЭР-ялъулгун букIараб гара-чIвариялда суал лъун букIана лезгиязул пачалихъ гIуцIарав ХIажи-Давудил монумент щайин гьечIеб Бакуялда, яги Фатали-ханасул, ялъуни бергьарав гIалимчи МухIамад Ярагъиясул. Гьединлъидал дагь-дагьккун, дагь-дагьккун Дербент Азербайжаналда гъоркье бачунеб бугин абураб пикру щулалъулеб буго шагьаралъул цо-цо гIадамазулъ.

Нагагь Путинил цIарги лъечIого, ХIайдар ГIалиевасул цIар лъолеб батичIони Советская къватIалда, Бакуялда бугеб ХIайдар ГIалиевасул цIар лъураб майдан лезгиязул ХIажи-Давудиде хисизабеян абураб шартI лъезехъин буго 8 июналда митингалда. Гьеб мехалда биччалила жидецаги ХIайдар ГIалиевасул цIар лъезе.

Лезгиязул миллияб багъа-бачариялъул вакилзабазул пикруялда рекъон, Азербайжаналъ – ЦIоралда – гIумру гьабулел лезгиязулгун магIарулазул ва цIахуразул ихтиярал хвезарулеб мехалда лъезе кколаро Дагъистаналъул къватIазда дозул нухмалъулезул цIарал.

Гьебго пикру загьир гьабулеб буго прессаялдасан Дагъистаналдаса тарихчи Тимур Айтберовасги жамгIияв хIаракатчи Сулайман Уладиевасги. Масала, Уладиевас абулеб буго халкъазда гьоркьоб гьудуллъи букIиналъе гьабулеб батани, щайдила бегьулареб маданияталъулгун спорталъул, гIелмуялъул хIаракатчагIазул цIарал лъезе. Хас гьабун ХIайдар ГIалиевасул цIар щайила босизе кколеб? ТIадежоялъе Закаталаялда кьвагьизабун букIана имам Шамилие лъураб монументги.

Тимур Айтберовас абулеб буго цин бугони, Дербенталда гIемер рукIана гьеб шагьар цебетIеялъе квербакъарал лезги миллаталъул чагIи. Гьединлъидал лъолел ругони гьезул цIарал лъезе ккелила. Амма къватIаздаги цогидалдаги пачалихъиял хIаракатчагIазул цIарал лъезе бегьилила гьез гьабураб хIалтIуе къиматги кьун. ЦIарал лъун хадур монументал лъолеб гIадатги лъугьун бугин, диналда рекъонин абуни данде кколарин монументал лъей.

Дербенталъул Советская къватIалда Путинил цIар лъейин абун лезгиязул миллияб багъа-бачариялъ кьураб пикруялъе кинабгIаги жаваб гьабун гьечIо жеги Дербент шагьаралъул администрациялъ.

Путинил цIар лъураб къватI жеги МахIачхъалаялдаги гьечIо, Грозныялда гурони. ЧIаго ругезул цIарал лъунгутIиялъул магIнаги букIине рес буго гьениб. Амма чIаго вукIаго шагьараздаги цIалул идарабаздаги, магIишатаздаги лъолел рукIана СССРалъул вукIарав нухмалъулев Иосиф Сталинил цIар.

XS
SM
MD
LG