МагъчIваялъе рес

21-билеб гIасруялъул "лагъзал"


 "Лагълъудаса" эркен гьарурал Сергей, Олеся ва Вадим. Сентябрь2013
"Лагълъудаса" эркен гьарурал Сергей, Олеся ва Вадим. Сентябрь2013

Гьал къоязда волонтераз иргадулаб нухалда эркен гьаруна Каспийск шагьаралда гIагарда ругел кирпич къотIулел заводазда хIалтIулел ратарал лъагъзал. «Альтернатива» абулеб багъа-бачариялъул гьеб хIаракаталъул лъала гIемерисезда. ХIатта Россиялдасацин ахIун бачIуна гьезухъе жидер гIагарал рилараз гьел заводазда жидерал ругищали балагьеян.

7-леб сентябралда волонтеразухъе ахIун буго Башкортостаналдаса гIаданалъ. Гьелъ абуна жинца вас Вадим Кучербаев цIехолев вугин гьаб соналъул 10 июналдаса байбихьун ва гьарана жиндие кумек гьабеян. 34 сон барав Вадим ватун вуго Дагъистаналда кирпич къотIулеб заводалда. Гьев цIехолаго «Альтернативаялъул» волонтеразе ратун руго заводалда ккурал росги лъадиги.

Багъа-бачариялъул цевехъан Олег Мельниковас лъазабуралда рекъон, Вадим цIехолаго волонтерал чанги заводалда щвана. Каспийскалда гIагарда бугеб заводалда гьезул лъай-хъвай ккун буго Олесягун ва Сергейгун.

Гьез бицун буго жал Мордовиялдаса ругин ва хIалтIи балагьулаго Москваялде щванилан. Вокзалалда гьезда аскIов вачIун вуго цо чи. Гьес абун буго лъикIаб хIалтIи бугин, харжги гIезегIан кIудияб кьолин ва кванилги кьижизе бакIалъулги ургъел гьабизе кколарин. Гьедин рос ва лъади ккун руго Дагъистаналда. Заводалъул хважаинас гьезда абуна гьел 15 азарго гъурущги кьун росанилан. Жал хIалтIизе гьечIилан чIарал мехалда гьел рухун руго квешго. 8-леб сентябралда заводалдаса гьел лъутун руго, амма хважаинасда гьел нухда ратана. Гьес абун буго гьезда магIарухъ бугеб росулъ ричилин гьелин ва гьезда хадув чи вачIине кколев вукIун вуго. Амма заводалде гьебго къоялда щварал «Альтернативаялъул» волонтераз Сергейги Олесяги нахъе рачун руго заводалдаса.

Башкортостаналдаса Вадим ватун вуго волонтеразе Каспийскалда гIагарда бугеб цоги заводалда. Гьев Дагъистаналда вукIин тIоцебе лъалеб букIун гьечIо. Эбелалъул телефоналда гьес хъван бачIун буго sms-хитIаб. «Дун вуго лагълъун ккун», - илан хъван буго гьес.

Полициялде гIарза хъвана Вадимил эбелалъ, жиндир вас вугеб бакI лъазабеян доб битIараб sms-хитIабалъул кумекалдалъун. Амма полициялъ щибго гьабун гьечIо. Вадимил эбелалъухъе «Альтернатива» багъа-бачариялъул телефон щун буго лъалел-хъвалезухъа.

Мельниковас лъазабун буго Вадим вукIине бегьулеб бакI. Волонтеразе гьев ватун вуго МухIамад Ражабовасул заводалда. РакIалда щвезабила, Ражабовасул заводалда хурхун гъалмагъир ккун букIана 2011 соналда. Гьеб заводалдаса лъутун вукIана солдат-дезертир Андрей Попов. Живго Ражабовгун кIалъазе волонтеразе щун гьечIо.

Вадимица абулеб гьечIо заводалде гьевгун щиб хабар бицунеб букIараб кин гьев заводалде ккарав. Гьев хIинкъизавуравлъун гIадин вугилан, абуна Мельниковас.

Дагъистаналда ругел кирпич къотIулел заводазда гIемерисала хIалтIул лагъзал рукIунин хIалтIизарулелин абуна «Эркенлъи» радиоялъе «Альтернатива» багъа-бачариялъул цевехъанас.

Олег Мельников: «Кидаго нижее кумек гьабула полициялъулаз. Амма заводазул хважаиназе тамихI гьабизе кIолеб гьечIо жеги. Щайгурелъул эркен гьарурал хIалтIул лъагъзазда гьоркьоса гIарзаби толел къанагIат гурони ратуларо. Гьел гIарзабазда хурхун рагьарал такъсир гьабиялъул ишалги гIемерисала къазе ккола, щайгурелъул гIарзаби хъваралгун бухьен кквезе захIмат букIуна полициялъе. Щай абуни, иш бачун льугьинегIан Дагъистаналда чIоларо эркен гьарурал лъагъзал.

Заводазда хIалтIулел руго гIемерисала лъагъзал. Амма руго нормалиял заводалги – гьенир дагъистаниялги хIалтIулел руго, цоги регионаздаса рачIаралги хIалтIулел руго.

Добго Москваялда захIмат букIуна хIалтIул лъагъзал эркен гьаризе, щайгурелъул полициялъ кумек гьабуларо. Амма Дагъистанги дандккун абизе бегьула, Москваялда хIалтIул лъагълъиялъул рахъалъан хIал лъиIкаб гьечIо».

Цодагьалъ цебе Дагъистаналда хIалтIул лагълъиялдаса хвасар гьавуна Ржев шагьаралдаса Евгений Скородумов. Гьесул рагIабазда рекъон, Дагъистаналде гьев вичун вуго полициялъул хIалтIухъабаз. Дагъистаналда вехьлъун хIалтIулев вукIана гьев.

Араба моцIалда МахIачхъалаялда кирпич къотIулеб заводалдаса хIалтIулесухъа гIарац бахъулев полициялъулав ккуна. Гьесда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьун буго.

XS
SM
MD
LG