МагъчIваялъе рес

Жанисел ишазул министрасухъе чIарадисезул хитIаб


Лицензия гьечIого бичулеб гIаракъи-чагъир бахъун буго гьал къоязда пуланал гIолохъабаз Дагъистаналъул ЧIарада мухъалда. Гьеб мехалда гьезие квал-квал гьабичIогоян хъулухъалдаса гIодов чIезавун вуго полициялъул нухмалъулев. Гьев цIунун жамагIаталъ кагъат хъван буго республикаялъул жанисел ишазул министрасухъе.

ЧIарада мухъалъул полициялъул нухмалъулев Варис Варисов хъулухъалдаса рехунгутIиялъе квербакъеян жанисел ишазул министрасухъе кагъат хъван буго гьеб мухъалъул харабазулгун гIалимазул шураялъ, гьединго «ЧIарадисел» абураб гIуцIиялъул вакилзабаз.

Хъулухъалъулаб халгьабиги байбихьун, полициялъул нухмалъулев Варис Варисов гьабсагIаталда цодагьаб заманаялъ хIалтIудаса гIодов чIезавун вуго. Гьелъие гIиллалъун ккун буго лицензия гьечIого ЧIарада мухъалда бичулеб гIаракъи-чагъир гIолохъабаз тукабаздаса бахъи. Ахираб заманалда гьел гIолохъабаз гьединал табирал гIемер тIоритIула ЧIарада мухъалда. Полициялда цадахъго гьезги квербакъулеб бугин жидер дора наркотикал хIалтIизарунгутIиялъеги, экстремистал хIисабалда гIолохъаби рохьалъе унгутIиялъеги, къваригIел гьечIел цогидал жалазде гIадамал руссунгутIиялъеги хIалтIи гьабизеян бицана «ЭР-ялъе» ва мухъалдаса жамагIатчи МикагIил МикагIиловас.

ГIолохъабаз лицензия гьечIеб гIаракъи-чагъир тукабаздаса бахъулеб мехалда гьезие щибниги квалквал гьабичIого чIун вугин полициялъул нухмалъулев Варис Варисовин абураб тIадкIалъай буго жанисел ишазул министерлъиялъул.

Гьелда бан гьадинаб баян кьолеб буго «ЭР-ялъе» МикагIил МикагIиловас.
МикагIил МикагIилов: «Ахираб кIиго соналъ нижер мухъалъул имамзабазги жамагIаталъги чанго нухалда лъазабун букIана гьезда лицензия гьечIеб гIаракъи-чагъир бичугеян. Цинги гьез гьеб пиша тунгутIи бичIчIидал, ракIарана нижер гIолохъаби МахIачхъалаялдаса, Гъизилюрталдаса, батIи-батIиял росабалъа. Гьелда цебеги анкь кьун букIана гьез ричарухъабазе ургъизе. Гьелъулги жо ккечIо. Гьединлъидал гIолохъабаз, щибаб тукада жаниреги лъугьун, къватIибе баччана гьениса гIаракъи. Баччилалда цебе гIолохъабаз гIодорги чIун, рикIкIана щибаб гIаракъиялъухъ кигIан кколебали. Жидеца гьеб босараб гIадин нахъе босана. Щайгурелъул доба-гьаниса бакIарун кинабниги 200 азаргогIан гъурущги кьуна гьез ричарухъабазе. Гьеб бакIалде тIаде щварав полициялъул нухмалъулес, гъалмагъир ккеларедухъ, хабар бицун, гIодориччазарулел рукIана гIолохъаби. Гьев живгоги квешаб-лъикIаб батIа бахъизе лъалев, кутакалда ритIухъав вас вуго. Нижер мухъалъул полициялде нухмалъиялдеги гьев МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул полициялъул начальниклъун вукIарав АхIмад МухIамадовасул малъа-хъваялда рекъон тIамун вукIана. Гьанже гьевги чIван, Варисовасул рахъкколев чи хутIичIиланищ ккарабали… Гьедин гьесул бакIалде чи тIамизейищ къваригIун бугебали. Нижеда бичIчIулеб гьечIо. Халгьаби лъугIизегIан хъулухъалдаса гIодов чIезавун вуго гьев».

Лицензия гьечIого гIаракъи-чагъир бичулел ричарухъабазда хурхун ЧIарада мухъалдаго гIадаб хIужа цебехун Казбек мухъалдаги ккун букIун буго.

МикагIил МикагIилов: «Нижеда рагIана Казбек мухъалъул гIолохъабаз гьединалго ричарухъаби чIезарунин щибгно ахIи-хIур гьабичIого – гIодориччан гIарзаги хъван, гьезда тIад гIакIаги къотIун».

Низам цIунулезул махщалилаб цолъиялъул нухмалъулев ккола Шамилов МухIамад. Гьесда лъалеб гьечIоан чIарадисезул хитIабалъул хIакъалъулъ.

Шамилов МухIамад: «Полициялдехун халкъалъул полициялдехун гьаниб бугеб бербалагьи лъаларищха. Гьединлъидал гIажаибаб жо буго гьеб. Варисовасда хадуб халкъ батани, гьев лъикIав полициялъулав ватула. РишватчагIиги жидерго гурони ургъелги гьечIел хIакимзабиги жалго тун, аслияб куцалда хъулухъалдаса рахъулел руго рацIцIадал хIалтIухъаби».

Шамиловас кумек гьабула хъулухъалдаса рахъулел низам цIунулезе. Масала, Москваялде щвезегIанги ун вукIана гьанжегIагар Шамилов гьедин хъулухъалдаса вахъарав полковник СалихI ХIажиев цIунизе.

Гьеб киналдаго цадахъ цо-цо суалал раккулел руго чIарадисез министрасухъе битIараб хитIабалда тIасан. Масала, цин бугони, лицензия гьечIеб гIаракъи-чагъир тукабазда гьукъи ккола экономикиял такъсиразда бан хIалтIи гьабулел низам цIунулезда тIадаб иш. ЧIарада мухъалдайин абуни гьеб тIаде босизе хIалбихьун буго гIадатиял гIолохъабаз. Гьез гьеб иш гьабун буго, гьезул вакилзабаз бицахъе, къанунги хвезабичIого ай кьун гIарацгун бичун босун ва хадуб тIагIинабун буго гьеб гIаракъи-чагъир.

Гьединго бичIчIулеб гьечIо лицензия гьечIеб гIаракъи гIарацги кьун тукабаздаса къватIибе босулел гIолохъабазе квал-квал гьабичIогойилан полициялъул нухмалъулесда сверухъ хъулухъалъулаб халгьаби щай тIобитIулебалиги.

XS
SM
MD
LG