МагъчIваялъе рес

Халалъулел ругел хасал операциял


Махlачхъала, 20Янв2014
Махlачхъала, 20Янв2014

Ахирисел къоязда Дагъистаналда тIоритIарал хасал операциязда гIаммаб къагIидаялда чIван вуго изну гьечIого яргъидгIуцIаразде гъорлъе уневин рикIкIунев 14 чи. Ахирисел хасал операциял тIоритIана Дагъистаналъул шималияб рахъалда.

21 январалда Дагъистаналда лъабго хасаб операция тIобитIана. Терроралде дандечIараб низам лъазабун букIана Хасавюрт ва Гъизилюрт мухъазда.

Хасавюрталъул Винсовхозный росулъ сверухъ ккун букIана изну гьечIого яргъид гIуцIарал жанир ругел мина. Гьениве лъабго чи вугилан информация букIана. Низам цIунулез мегафоназдасан лъазабуна жанир ругезда кверде рачIеян. ТIоцебе жаваб щолеб букIинчIо. Цодагьаб заман индал минаялда къватIире рачIана кIиго чIужугIаданги, кIиго лъимерги. Къадеялда нахъе хасаб операция лъугьана, амма гьелъул хIасилал кинал ругел официалияб къагIиядалъ къуваталъул идарабаз лъазабичIо жеги.

Официалияб гуреб информациялда рекъон, минаялда жанир рукIарал изну гьечIого яргъид гIуцIаразе кIун буго къуваталъулазухъа рорчIизе. Цогидал баяназда рекъон, гьел гьениса хасаб операция байбихьилелдаго нахъе ун рукIун руго ва жанир рукIарал ручабаз ургъунго заман цIалеб букIун буго «рохьилазда» хадур къуваталъулал рортичIого рукIине.

Гъизилюрт мухъалъул ЦIобокь-Миакьо росулъги тIобитIана хасаб-операция. Гьенив низам цIунулез чIвана «бабаюрталъул» абураб «рохьилазул» къокъаялъул цевехъан Эльдар МахIатов. Хасаб операция байбихьилелде низам цIунулез ЦIобокь-Миакьо сверухъ ккун букIана. «Бабаюрталъул» къокъаялъул амир МахIатIовас чанги такъсир гьабунилан, лъазабулеб буго низам цIунулез. Полициялъул хIалтIухъаби чIвазе къасд гьаби, бизнесменазухъе «флешкаби» ритIи, кьвагьиял гIуцIи – гьелги цогидалги такъсиразулъ МахIатIовасул лъалкI бугилан абулеб буго къуваталъулаз. Гьанибго тIаде жубала, МахIатIовгун минаялда жаний йикIарай кIиго чIужугIадан къватIир рачIана ва гьелгун полициялъулаз цIех-рех гьабулеб буго.

Гъизилюрт мухъалъул Стальское росулъги тIобитIана хасаб операция. Гьениб низам цIунулез чанги нух сверухъ ккун букIана. Низам цIунулезул лъазабиязда рекъон, оперативияб информация щун букIана, росулъ рахчун ругин Гъизилюрт мухъалда терроралъулал такъсирал гьарулеб «рохьилазул» къокъаялде унел. «Кавказский узел» информагентствоялъул лъазабиязда рекъон, Стальское росу рагъулаз сверухъ ккун букIана радалиса нахъе, гьениса жанисаги ричалел рукIинчIо чагIи, жаниреги ричалел рукIинчIо.

21 январалда Сулейман-Стальское мухъалъул Ашага-Стал росулъ батана кьвагьул алат. Гьеб батун буго росу бакьулъ бугеб росдал администрациялъул минаялда аскIоб. Низам цIунулезул лъазабиязда рекъон, радиокарачелабаздаса кьвагьизабизе бегьулеб бомба букIун буго гьеб. Федералияб хасаб хъулухъалъул сапераз гьеб тIагIинабун гидропушкаги хIалтIизабун.

ЖамгIияв хIаракатчи Максим Шевченкол рагIабазда рекъон Дагъистаналда бугеб хIалуцараб ахIвал-хIалалулъ гIайбал руго гIемерисала хIакимал.

Максим Шевченко: «ТIатIала ккезабураб республика ва бечедал хIакимал – гьединаблъун буго жакъасеб Дагъистан. ГIолилазда бихьулеб буго къанунал хIалтIулел гьечIеблъи, хакIимаз бокьахъе бюджеталъул гIарац хвезабулеб букIин, полициялъулаз гIадатиял гIадамазул ихтиярал цIунулеб гьечIеблъи. ТIадежоялъе цо-цо хIакимазул яги авторитет бугел чагIазул бухьенал руго рохьилалгун».

Россиялда низам цIуниялда хъинтIараб данделъли тIобитIана гьал къоязда. Гьеб данделъиялда генералияв прокурор хисулев Иван Сыдорукица абуна терроралъул такъсиразул рахъалдасан тIоцебесеб бакI Россиялда кколеб бугилан Дагъистаналъ. «Эстремизмалъул ва терроралъул рахъалдасан бищун гIемер такъсирал Дагъистаналда ратана, гьединго гьел руго Шималияб Кавказалъул цогидал республикабазда: Кабардино-Балкариялда, Ингушетиялда. Амма цогидал такъсиразул рахъалъан Шималияб Кавказалъул республикаби рейтингалъул ахиралда ккун руго. Россиялъул цогидал регионазда данде росани гьел республикаби, гьенир бищун дагь такъсирал гьарулел руго», - илан абуна Сыдорукица.

XS
SM
MD
LG