МагъчIваялъе рес

Шамиль мухъалда терроризмалде дандечIараб операциялъул низам


Шамиль мухъалда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазда ва изнугьечIого яргъид гIуцIаразда гьоркьоб ккарб тунка-гIусиялъул хIасилала цо полициялъулав захIматго лъукъун вуго, мухIканаб гуреб баяналда рекъон изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кIигояв чIван вуго.

Итни къоялъул къаси Шамиль мухъалда байбихьараб ва жеги талат къоялъги халат бахъараб хасаб операциялъул заманалда цо полициялъул хIалтIухъан чIван вуго, гьединго кIигониги изнугьечIого яргъидгIуцIаравги чIванин гьеб тунка-гIусиялъул заманалдайилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Шамиль мухъалдаса Таймасханов ИсмагIилица.

Идрисов Басир: «Гьеб тунка-гIуси ккун буго гьидерил кьода аскIоб. Гьениб букIун буго рохьилаз жидеего гьарурал щулалъаби, гьеб бакIаллдаго гьезул кIигоявги чIван вуго. Гьебго тунка-гIусиялда цIех-рехчиги лъукъун рагIула. ЧIварал чагIи щалалиги лъалеб гьечIо жеги. Гьел рохьилазда гьоркьор ТIидиса васал ругин абулеб букIана, гьеб кьоги гьезда аскIобегIан буго гьелъ чIварал чагIиги гьел тIидисаел ратизе бегьула».

Дагъистаналъул къуваталъул идарабаз Шамиль мухъалда ккараб рагъ-кьалалда чIваразул къадар жеги мухIканчIо чIезабун гьечIин лъазабулеб буго.

АхIмад МахIамадов «Гьениб жеги халат бахъунеб буго хасаб операция, гьединлъидал жеги щиб кинали ракIчIун абун бажаруларо. Чан чи чIван вугевалиги лъаларо, нижер мухIканал гурел баяназда рекъон изнугьечIого яргъид гIуцIаразул цояв чIван вуго, амма гьевги лъиданиги вихьун гьечIо, низамцIунулезда гьоркьо камиял гьечIо».

Гьединго хасал идарабазул хIалтIухъабаз бицухъе гьезухъе баянал щун руго ХIебдаса 5 километралъ рикIкIад бугеб бакIалда ярагъ бахчараб бакI бугилан, хал-шалалъе гьеб бакIалде унаго полициялъулазде кьвагьи бахъинабун буго. Гьенив каранлъ гуллаги щун лъукъун вуго Шамиль мухъалъул жанисел ишазул идараялъул цIех-рехчилъун хIалтIилев вугев 45 сон барав МухIамадов Мурад. Гьеб тунка-гIусиялдаса хадуб сверун ккун буго изнугьечIого яргъидгIуцIарарал рахчараб бакI ва лъазабун буго терроризмалде дандечIараб операциялъул низам.

ЦебегIан гIодобе биччарабин рикIкIунеб букIараб гьеб Шамиль мухъалда ахираб заманалда кIиабилеб нухалъ лъазабулеб гьеб терроризмалде дандечIараб операциялъул низам.

ТIоцебе гьеб лъазабиялъе гIиллалъун букIана 21 ноябралда цебехун рехсараб мухъалъул ТIелекь росулъ изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьералъ рукIиналда щаклъи бугел чагIи кквеялъе хасал тадбирал тIоритIи. Гьел тадбиразул заманалда Шамиль мухъалъул полициялъул нухмалъулев лъукъана ва Лаваши мухъалъул низам цIунулев чIвана, гьединго изну гьечIого яргъидгIуцIаразул цояв чIвана ва кIигояв лъутун ворчIана. Гьез рецIел босизе чIван ватизе бегьулин 6 декабралда ТIелкьадерил бегавул Къебедов Халидиланги рикIкIунеб буго цIех-рехчагIаз. Гьел лъугьа-бахъиназдаса хадуб ТIелкьадерил росдал жамагIаталъ гьенир гIумру гьабун ругелщинал исламалъул вагьабияб гIаркьелалъул рахъ ккуразда росу тезабулеб буго.

XS
SM
MD
LG