МагъчIваялъе рес

БукIине бугищ Дагъистаналда рагъ?


Исана Сочиялда Олимпиадаялъул хIаял лъугьун хадуб Дагъистаналда рагъ букIине рес бугин абурал харбал къойидаса къойиде гIемерлъулел руго республикаялда. Руго рагъ букIине гьечIин, амма ахIвал-хIал хисизе бугин рикIкIунелги.

Сочиялда Олимпиада лъугьун хадуб Дагъистаналда щиб букIине бугеб? Гьеб суалалда тIасан чанги бахIсал кколел руго республикаялда. Цояз рикIкIунеб буго рагъулаб кIудияб операция байбихьизе бугилан регионалда, цогидаз рикIкIунеб буго терроралде данде къеркьей вахIшилъизе бугин, лъабабилезни абулеб буго батIаго щибго хисизе гьечIилан.

Терроралде дандечIараб миллияб комитеталъул данделъиялда Федералияб хасаб хъулухъалъул нухмалъулев Александр Бортниковас абуна сочиялъул хIаязда хIадурлъулел ругилан къуваталъул идараби ва Дагъистаналда ахIвал-хIал лъикIлъизабизе нухал ралагьун ругилан. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къадарги, терроралъул такъсиралги, низам цIунулел чIваялъулги рахъалдасан Дагъистаналъ жакъа къоялда тIоцебесеб бакI кколеб буго Россиялда гуребги, Европаялдацин.

Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб къокъаялъул вакил Варвара Пахоменкоца абуралда рекъон, ахираб заманалда республикаялда цIикIкIана хасал операциялги, профилактикиял тадбиралги ва гьел тадбирал букIинесеб Олимпиада сабаблъун гьарулел ратула.

Пахоменкоца абуна «Эркенлъиялъе» къуваталъул идарабазул хIалтIи къануназул гIорхъолъа борчIараблъун кколин Дагъистаналда.

Варвара Пахоменко: «Дагъистаналда гIемерлъулел руго хасал операциял, къуваталъул тадбирал цIикIкIунел руго. БукIинисеб Олимпиадалъе гIоло гьабулеб хIалтIи батила гьеб. Амма къуваталъул идарабаз гьабулебщинаб кидаго къануназда рекъараблъун букIунаро. ГIайибго гьечIего гIадамал кколел руго, гIакъубаби кьун гьаричIел такъсиразе мукIурлъизарулел руго, цIех-рехалда гьересиял хIужжаби рехсолел руго – гьединал чанги гIарзаби щолелл руго инсанасул ихтиярал цIунулезухъе. Рохьилазул гIагарлъиялъе рахIат толеб гьечIо. Гьезул гIайибищ бугеб боевиказда гъорлъе гIагарав чи ин. Къуваталъул гурони нухал ратулел гьечIо республикаялда бугеб ахIвал-хIал хисизабизе.

Дагъистаналъул цIияв президентас къана адаптациялъул комиссия, рагьана цогидаб идара, амма гьелъул кинал мурадал ругел, щиб хIалтIи гьабизе бугеб бичIулеб гьечIо. Гьединго цIикIкIана салафиздехун гьужумал. Къалел руго гьезул ясли-ахал, школал, бизнесалъе рахIат толеб гьечIо. Гьеб киналъго ахIвал-хIал Дагъистаналда хIалуцинабулеб буго. Амма абизе бегьиладай республикаялда рагъ букIинин? Лъаларо, мухIканаб жаваб кьезе кIоларо. БачIунеб соналда хасал операциязул къадар дагьлъизе батиларо. Жакъа къоялда Дагъистаналда цIакъ гIемер къуваталъулал руго».

ЦохIо Дагъистаналда гуребги, Кавказалъул цогидал регионаздаги бугин гIемер бицунеб Олимпиадалда хадуб букIинеселъул илан абуна «Эркенлъиялъе» политолог Руслан Къурбановас. Гьес абуралда рекъон, терроралъул такъсирал Кремлалъ кидаго хIехьезе гьечIо, амма сочиялъул хIаязда хадур рагъулал операциял рукIинин абураб жоялда божизе бегьуларо, щайгурелъул гьел операциял Олимпиадаялде цере гьаризе рукIана.

Руслан Къурбанов: «ГIемерисел экспертаз рикIкIунеб букIана Олимпиада байбихьилелдаго Кремлалъ терроралъул масъала тIубазе бугин Шималияб Кавказалда. Амма федералияб централъ гьединаб нух тIаса бищичIо. Гьел хIинкъун ратила Кавказалда армия бачани, ахIвал-хIал жеги хIалуциналдаса. Кавказалда лъабабилеб рагъ Россиялъе къваригIун гьечIо – гьединаб пикру буго гIемерисел экспертазул. Мисалалъе, Чечняялда тIоритIарал рагъулал операциял ракIалде щвезаре. Гьединалго операциял цIидасан хIехьерало Россиялъ. Улкаялда унел процессазул халгьабе. ЖамгIият дагь-дагьккун хисулеб буго, политикиял суалазда гIахьаллъи гьабулеб буго. ТIадежоялъе «Хватить кормить Кавказ!» илан абурал лозунгал хIисабалде росе. Рагъалъе кIудияб бюджет къваригIулаан.

Гьединго Чечняялда рагъ унеб букIараб мехалда, Россиялъул цогидал регионазда боевиказ чанги вахIшияб теракт гьабуна. Гьединал террактал такрарлъизе Кремлалъе къваригIун гьечIо. Гьелдалъун, рагъулал операциял Дагъистаналда рукIинарин кколеб буго. Рагъ байбихьани, Кавказалда бугеб ахIвал-хIалалъе контроль гьабизе кIвезе гьечIо».

ЖамгIияв хIаракатчи Максим Шевченкоцаги рикIкIунеб буго Дагъистаналда рагъ байбихьизе гьечIин. Амма, гьес абуралда рекъон, бугеб ахIвал-хIал хIалуцине бегьула. Терроралъул такъсиразул къадар Дагъистаналда цIикIкIунел яги дагьлъулел ругилан абураб жоялъе жинца къимат кьеларин абуна Шевченкоца ва тIаде жубана терроралде данде республикаялда гьанже къуват хIалтIизабун гурони къеркьолел гьечIилан.

Адаптациялъул комиссия къан буго, суфияздаги салафияздаги гъоркьоб байбихьун букIараб диалог цIигьабун гьечIо – Дагъистаналъул нухмалъиялъ ругел конфлиткал тIуралел гьечIо рагьараб хабаралдалъун илан рикIкIунеб буго Шевченкоца.

Максим Шевченко: «Дагъистаналда сверунги ва жибго республикаялда жанибги ахIвал-хIал хIалуцинабулеб буго ургъунго. Салафитазе рахIат толеб гьечIо, мисалалъе. Террористазул рахъ гьез кколеб бугищ гьечIищали лъицаниги гьикъулеб гьечIо. 99-лел соназда мегеж бугев чи террорист вугилан абулеб букIараб гIадаб ахIвал-хIал тIадбусана Дагъистаналде. Чанги нухалъ абунги букIана, абулеб буго – цохIо къуваталъ терроризм тIагIинабизе гьечIо. Политикаялъул ва кадровиял хиса-басиязги хIасилал кьезе гьечIо.

Дагъистаналъул бусурбабазул динияб идараялъги «Агьлю Сунна валь Джамаа» гIуцIцIиялъги гъулбасараб резолюция киб бугеб? Щай диалогалде тIадруссине бегьулареб? Гьелъги хIасилал кьезе рукIана. Олимпиадаялда хадуб букIинеселъул бицунаго абила хасал операциял ва гьезда релълъарал тадбирал цIикIкIине ругилан. Амма Дагъистаналда рагъулал операциял байбихьиялъе кина-рукIаниги гIиллаби дида рихьулел гьечIо».

Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» централъул шураялъул нухмалъулев Олег Орловас абуралда рекъон, терроралде дандекъеркьей Дагъистаналда вахIшилъизе буго.

Олег Орлов: «БукIине бугищ рагъулаб кIудияб операция яги гьечIищ – лъаларо. Чанги батIияб прогноз кьезе бегьула. Мисалалъе, Генуб росулъ тIоритIарал гIадал тадбирал рукIине бегьула тIубанго республикаялда. Цо жо мухIканго абизе кIола: терроралде дандекъеркьей вахIшилъизе буго. Гьебгун цадахъ гIемерлъизе руго хIакимазул арестал. Дов Саид Амиров кквезе вугилан абураб жо сон-церекъад гьадингосеб хабарлъун толеб букIана. Гьанже щиб бихьулеб бугеб нилъеда? Мухъазул бутIрул кколел руго, авторитет бугел хIакимал кколел руго. Гьединаб политика рекIее гIолеб батила гIадамазе. Амма гьеб цIияб политикагун цадахъ тIагIана цогидаб лъикIаб политика: суфиздаги салафиздаги гьоркьоб байбихьараб диалог тIубанго тIагIана, адаптациялъул комиссия хIалтIулеб гьечIо».

Гьединго Орловас абуна, низамцIунулел идарабазул хIалтIуда тIасаги гIемерлъул ругин гIарзаби.

XS
SM
MD
LG