МагъчIваялъе рес

М. Къебедов: «Туркиялдаги буго гьитIинабго Дагъистан.»


Дагъистанияз гIумру гьабулеб Муш шагьар
Дагъистанияз гIумру гьабулеб Муш шагьар

ТТуркиялде гочарал дагъистаниязул наслабазул ва гьезул гIумру-яшавалъул хIакъалъулъ тIехь хъван буго журналист Къебедов МухIамадица. Гьеб гьанже хIадурулеб буго басмаялде. Гьесул асар кколеб буго чанго нухалъ Туркиялде щун гIадамазулгун гьарурал гIемерал гара-чIвариязул хIасил. Киналлъун рихьун ругел Туркиялда гIумру гьабулел дагъистаниял авторасда?

Туркиялда ругел дагъистаниязул, магIарулазул хIакъалъулъ саламатаб кIудияб тIехь хъван буго журналист Къебедов МухIамадица. Гьеб гьанжего гьанже хIадурлъулеб буго басмаялда бахъизе. Гьединаб тIехь хъвазе МухIамад кантIана Туркиялде гьарурал сапаразул хIасилазда.

ТIехьалда бицунеб буго хIурият ккелалде цебеги, Шамил имамасул заманалдаги Дагъистаналдаса Туркиялде гочарал дагъистаниязул наслабазул хIакъалъулъ ва гьезул гIумру-яшавалъул.
МахIамад Къебедов, техьалъул автор, журналист
МахIамад Къебедов, техьалъул автор, журналист
Нижехъе щварал баяназда рекъон, гьабсагIаталда Туркиялда бащдаб миллионалдасаги цIикIкIун дагъистаниязул наслабаз гIумру гьабулеб бугин абула. Амма гьелъул хIакъалъулъ мухIканаб баян гьечIониги, гьеб буго гIага-шагарго Дагъистаналдаги Туркиялда ругезги рехсолеб тарих.

Къебедов МухIамадица бицухъе, Туркиялда гIумру гьабун ругел дагъистаниязул наслабазда гьоркьоб гIемерисел рагIула магIарулал ва магIарулал гурел дагъистаниязги бицунила магIарул мацI. ХIатта магIарул мацI лъалеб буго магIарулаз гIумру гьабулел росабалъ яшавалда ругел курдаздагицин абун бицана журналист Къебедов МухIамадица.

Гьесул рагIабазда рекъон, жакъа Дагъистаналда гIадин Туркиялъ ругез миллияб суал борхулебго рагIуларо, кавказиялин абулила гIаммаб къагIидаялъ киназдего. Амма ахирал соназда гьенибги щибаб миллаталъул чагIаз байбихьун рагIула жал щал, щиб миллаталъул вакилзаби кколелали лъазабиялъе хIалтIи гьабизеги.
please wait

No media source currently available

0:00 0:15:00 0:00
Интернет-мухъ
Кахраман-Марашалда ругел дагъистаниял данде ракIарулел бакIалда
Кахраман-Марашалда ругел дагъистаниял данде ракIарулел бакIалда
Шагьабудин Озденица малъулеб буго магIарул мацIалъул алфавит
Шагьабудин Озденица малъулеб буго магIарул мацIалъул алфавит
Гьадинал магIарулалги магIарулазул хинкIалги ратула Киреч росулъ
Гьадинал магIарулалги магIарулазул хинкIалги ратула Киреч росулъ
XS
SM
MD
LG