МагъчIваялъе рес

«БитIун» хъвачIони чIвазе руго…


Гьал къоязда интернеталда баккана изну гьечIого яргъид гIуцIаразул журналистазде хитIаб. Гьез тIалаб гьабулеб буго жигьадалъул суалал рорхулаго битIараб информация кьеян.

Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъ официалияб сайталда лъазабуна жидее хIинкъи бугел журналистал цIуниялъе гIоло бажарараб хIалтIи гьабизе бугин. Амма гьабсагIаталда цониги журналистас жиндие хIинкъи бугин лъазабичIин ва гIарза хъвачIин бицана ЭР-ялъе Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ХIасанов Вячеславица. Гьесул рагIабазда рекъон, бокьараб заманалда жиндие хIинкъи бугин лъазабуни гьеб сагIаталдаго кумек гьабизе хIадур руго къуваталъул идараби.

ХIасанов Вячеслав: «ГьабсагIаталда нижехъе цониги Дагъистаналдаса журналист кIалъачIо ва гIарза хъвачIо. Мисалалъе, нужеда хадуб чIараб машина бугилан, ялъуни цоги хIужа бугилан абунги цониги чи вачIинчIо. Нижер жанисел ишазул идараялъул рахъалдаса нижеца кинабго хIалтIи гьабулеб буго, хитIаб гьабурал чагIи чIезаризе хIаракат бахъулеб буго. Нагагьлъун нужего хIалтIи гьабулаго щибниги щакаб хIужа бихьани, ялъуни нужее хIинкъаби кьолел ругони бокьараб заманалда гIарза гьабизе бегьула. Жанисел ишазул министерлъиялъул сайталда руго киналго хIажатал телефонал, нижеца кинабго гьабизе кколеб хIалтIи гьабизе буго».

Хас гьабун кинаб хIалтIи гьабулеб абураб суалалъе жаваб жинда кьезе кIоларин, оперативияб хIалтIи балъго гьабулеб букIунин тIадеги жубана пресс-хъулухъалъул нухмалъулес.

ХIасанов Вячеслав: «Нижеца гьабулеб хIалтIул жиндирго хаслъи буго, нужеца гьабулелъул гIадин. Нуж журналистал гьенире хIалтIизе унаго лъалеб букIун батила кинаб хIалтIи гьеб бугебали, жалго журналистаздаги лъазе ккола цIуна-къай гьабизе. Нижеца гьабизе кIола мисалалъе, къватIиб журналист унаго гьесда хадул чагIи ругищали хал кквезе, ялъуни живго журналистасул ихтияралдалъун гьесул телефоналъул контроль гьабулеб къагIида гьабизе. Нагагьлъун цониги щакаб СМС щварабго гьеб битIарал чагIи ва бакI чIезабиялъе гIоло. Гьел руго цохIо абизе бегьулел тадбирал, хутIараб оперативияб хIалтIи балъго гьабула. Киназдаго бицунеб бугони гьабулеб жо гьеб хIалтIул магIнаго дида бихьуларо».

Гьев вукIана Дагъистаналъул жанисел ишазул идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ХIасанов Вячеслав.

Дагъистаналъул информациялъул министер ХIажиев Нариманил пикруялда рекъон гьеб ккола провокация ва гьес рикIкIунеб буго битIараб информация кьолел журналистазе хIинкъи бугилан. Министр хIисабалда жиндир рахъалдаса кIоларин хъваге ялъуни хъвай абун тIамизе, жалго журналистаз цIодорлъи гьабуни гурониян бицана гьес ЭР-ялъе. Амма, «Черновик» газеталъул журналист МухIамадов Русланица рикIкIунеб буго рехсараб хитIаб букIине бегьулин информациялъул министерлъиялъ ахираб заманалда пачалихъиял информалатазда хIалтIулел журналистал тIадчIун рохьилал какизе тIамиялъул хIасил.

Журналист Анохина Светланаца рикIкIунеб буго журналист сундасанги цIунун гьечIин ва пачалихъалъ гьел цIуниялъе кинал тадбирал гьаруниги гьелъул хIасил букIине гьечIин.

Анохина Светлана: «Дун чIагояй гIадан йигелъул, хIинкъула гьединал хитIабаздаса. Гьеб хитIабалдеги дир цогояб бербалагьи гьечIо. Дида лъаларо гьел чагIи щалали, ругищ гьединал журналистазе тамихI гьабизе хIадурарал чагIи, ялъуни гьеб гьадингосеб жойищ. ЧIванкъотIун гьел гьечIиланги дида абизе кIоларо. Журналистал цIунун гьечIеблъи лъалеб жо буго, цIунун бажаризеги бажаруларо. Нилъер полициялъ жалгоцин цIунун бажарулеб гьечIо. Жанисел ишазул министерлъиялъ кин цIунизе ругел журналистал дида лъаларо. КIоларелъул гьезда кив журналист аниги гьесда хадур лъугьун гьев цIунун чагIи чIезаризе. Гьединлъидал гьезухъе гIарзалги хъвалел гьечIел. ГIицIго гьабизе бегьулеб жо буго гьез жалго цIунизе ярагъ босизе ихтияр тIалаб гьаби, гьебмехалъги цIунун гьечIо, щайгурелъул журналист жиндирго ишазде вуссун вукIуна, гьев чIвазе бокьарасул тIокIаб цоги хIалтIи гьечIо.

ЦохIо нилъер пачалихъалъ гуреб, цониги пачалихъалъ журналист цIунизе кIоларо, дида лъаларо кинаб къагIидаялъ цIунизе ругел? Рокъове, гьениса нахъе унаго цадахъ чIун, ялъуни гьесул хъизан цIунун бажаруларо, къуват гIеларо. Дида бичIчIула нугIзал цIунулеб программа, гьениб батIияб цIар кьола ва батIиял документазда гъоркь гIурму гьабула. Россиялда буго журналистал цIуниялъул хасаб программа, амма гьеб программаялда рекъон гьабулеб жоги лъаларо, гIицIго гьел къватIисел пачалихъазде нуха регIи гурони».

Жибго хитIабалда журналистаздаса тIалаб гьабулеб буго битIараб хIакъикъат хъвайилан, цо-цо журналистазе жидеца чIвай къотIун бугин жигьадалъул хIалтIи квешаб рахъалдаса бихьизабулеб бугилан.

Facebook.com сайталда гьеб хитIабалъул авторазда гьарулеб буго журналистаз гьеб суалалда тIаса бахIс гьабизе рачIайин, амма жаваб кьечIо.

ЖамгIияв хIаракатчи Набиев ГIисалмухIамадица рикIкIунеб буго Дагъистаналъул журналистазе хIинкъи цохIо изну гьечIого яргъид гIуцIараздаса гуреб, къуваталъул идаразул хIалтIухъабаздаса ва пачалихъиял идарабаздасаги бугин.

XS
SM
MD
LG