МагъчIваялъе рес

МахIачхъала: мэрасул хъулухъалде рукIине бегьулел кандидатал гьанжеялдего рехсолел руго...


МахIачхъалаялъул мэрасул рищиязде гьанжеги гIемер заман хутIун буго. Амма гьанжеялдего балъгояб гIадаб кьеркьей унеб бугин потенциялиял кандидатазда гьоркьобин, бицунеб буго цо-цо интернет-сурсатаз.

Кандидатал хIисабалда рехсолел руго гьанже Дагъистаналъул тахшагьаралъул бетIерасул ишал тIуразарулев Сулейманов МахIамад ва Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул нухмалъулев Муртазалиев Сайгид.

Заманалъ шагьаралъул нухмалъулевлъун тIамурав МухIамад Сулеймановасдаса бергьине рес бугин Пенсиязул фондалъул нухмалъулев Сагит МуртазагIалиевасулилан хъвалеб буго «Черновик» газеталъ.

МахIачхъала шагьаралъул нухмалъулев вищизе вуго 2015 соналъул сентябралда, амма мэрасул тахбакIида сверун хIалуцараб къеркьей унеб бугилан бицунеб буго гьанжеялдего цо-цо Дагъистаналъул экспертаз. Гьеб хъулухъалде вихьизавулев вуго кIиго аслияв конкурент. Заманаялъ МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуразарулев Сулейманов МухIамадги, республикаялъул пенсиязул фондалъул нухмалъулев МуртазагIалиев Сагитги.

Тахшагьаралъул бетIерлъун рачIине ращадал ресал ругин кIиялго кандидатазулилан хъвалеб буго «Черновик» газеталъ. Гьедин гьабсагIат заманалъ мэрасул ишал тIуразарулев Сулейманов ГIабдулатIиповасул командаялъул чи вукIин гуребги гьев ккола Дагъистаналъул политикияб горсвериялда жаниб бищунго къуватабин рикIкIунеб Мекеги мухъалъул тухумчилъиялъул вакиллъун. Амма МуртазагIалиевасулги цебегосеб анищ бугин МахIачхъалялъул бетIерасул тахбакIилан хъвалеб буго «Черновикалъ», гьеб гуребги Амировасда тIад диван байбихьарабго гьесде гIайиб гIунтIизабулел баянал кьуралъухъ гьес тIалаб гьабулеб букIанин жиндиего мэрасул хъулухъ.

Гьединго МуртазагIалиев Дагъистаналда рикIкIуна политикиябгун-гIарцулаб къуваталъул гIемераб сурсат жиндихъ кодоб бугев чи хIисабалдаги. МахIачхъалаялъул нухмалъулевлъун вачIине МуртазагIалиевасул гьединго рес цIикIкIанин гьал къоязда Халкъияб Мажлисалъ муниципалиял нухмалъулел рищиязда хурхун цIияб къанун къабул гьабиялъгиян рикIкIунеб буго «Черновик газеталдаса журналист МухIамад МухIамадовасги.

МухIамад МухIамадов: «Дир кIудияб щаклъи буго Сагит МуртазагIалиевас гьедигIан бигьаго лъугIизе телин мэрасул тахбакIие гIоло гьабулеб букIараб къеркьей. Гьеб гуребги гьанже рищиязда хурхун къабул гьарулел ругел цIиял къануназги рес кьолеб буго гьесие жиндирго ресал цIикIкIиналъе. Гьедин муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулел рищиялда хурхун гьанжегIагар Халкъияб Мажлисалъ къабул гьабураб къануналъ рес кьезе буго кIиявго кандидатасе жидерго командаби гIуцIизе. ХIасил-калам МуртазагIалиевасул киналго ресал руго МахIачхъалаялъул нухмалъулевлъун вачIине. Гьединго кIочене бегьуларо гьесие кумек гьабулев цоги чи вукIинги, гьев ккола Рамзан Къадиров.

Амма мэрасул тахбакIида сверун хIалуцараб рагъ букIине бугин абурал экспертазул пикраби гьадингояб чIанда бугилан рикIкIунеб буго «Новое Дело» газеталъул журналистикияб цIех-рех гьабуле бутIаялъул хIалтIухъан ГIабдурашидов МухIамадица. Щаклъи гьечIин МуртазагIалиев къуватав политик вугин жакъа Дагъистаналда. Амма жакъасеб политикияб гIуцIиялъухъ балагьун МахIачхъалаялъул нухмалъулесул букIинесеб бараб бугин республикаялъул нухмалъулесда, гьединлъидал ГIабдулатIиповас гьеб хъулухъалде тIамурабго Сулейманов гьенив халат заманалъ вукIине вачIарав чи вугилан рикIкIунеб буго ГIабдурашидовас:

ГIабдурашидов МухIамад: «Жакъа кисав къуватав вугев, Сулеймановиш, МуртазагIалиевищилан абун суал лъуни, гьелъухъ хас гьабун балагьизе ккола. Амма шагьаралда жаниб гьелъул нухмалъулев вищиялъул суал гьанже батIияб къагIидаялъ тIубалеб буго. МуртазагIали Рабаданов МахIачхъалаялъул мэрлъун вукIаго Сагит МуртазагIалиевасе кьолеб букIана гьесул замасул хъулухъ. Доб мехалъ ахIвал-хIал батIияб букIана. Жакъа гьеб хисана. МуртазагIалиевги гьелдаса дагьав довегIан къазавуна. ХIакъикъияб куцалъ балагьани жакъа тахашагьаралъул нухмалъулев вищиялъул суал бараб буго республикаялъул нухмалъуда вугев чиясда.

МуртазагIалиев Сагит гьединго рикIкIуна Чачан республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировас кверчIвалев чи хIисабалдаги. Гьесул асаралда гъоркь бигьа букIине бугин гьесие МахIачхъалаялъул бетIерлъун вачIине. Гьебмехалъ цо-цоязул бижулеб буго суал Къадировас МуртазагIалиевасда кверчIвай, гьеб дагъистаниял инжит гьабиялъул магIна кколарищилан. Амма нижергун гара-чIвариялда вукIарав «Черновикалда» МухIамад МухIамадовас рикIкIунеб буго Къадиров жакъа Шималияб Кавказалда къадру бугев чи вукIин гуребги, гьев кколин Россиялъул президент Владимир Путинилгун щулияб гьоркьоблъиялда вугев чи ва щибниги гьениб дагъистаниял инжит гьабураб магIна бихьулеб гьечIин, гьелде тIадеги Рамзан Къадыровги, Сагит МуртазагIалиевги кколин гIемерал соназ кIудияб гьудуллъиялда ругел чагIиги.

XS
SM
MD
LG