МагъчIваялъе рес

ГIандихъа ХIадисдибир: гIумру ва гIелму


ХIадисдибирил квералъ хъвараб тIехь
ХIадисдибирил квералъ хъвараб тIехь

Дагъистаналъул халкъазул маданияталъул ва гIелмуялъул тIегьай батIаго хасиятаблъун лъугьана I8-19 гIасрабазда. Гьеб цебетIей байбихьана нилъер тарихалъул 17 гIасруялдасан, хIатта дагьабги цебегIанисан ва гьелъие кьучI лъурав чи ккола Къудукьа МусалмахIамад (1652-1717сс.).

Дагъистаналъул гIалимчи ХIажи ХIамзатовасул «ГIемермиллатазул адабияталъул тартиб инкъилабазда цебесеб Дагъистаналда лъугьин» абураб тIехьалда бихьизабулеб буго «гьеб заманалда гIалимзабаз, хъвадарухъабаз, рухIиял хIаракатчагIаз диналда цадахъ жидерго пикру буссинабуна дунялалъул ургъел гьабиялде ва гIумрудал хIакъикъаталде» абун. Гьезул щивав вукIанила гIалимчиги, шигIручиги, пикручиги, тарихчиги ва жамгIияв хIаракатчиги абун. Гьенир ракIалде щвезаризе бегьула Къудукьа Мусаласул, МохIоса Дамаданил, Усишалиса Давудил, Кудалиса ХIасанил, Гьидалъа ИбрагьимхIажиясул, Хунзахъа Дибиркъадил, ГьаракIуниса СагIидил ва гIемерал цогидазулги цIарал.

Гьел нилъее киназего хириял гIалимзабазул цIаразулъ мустахIикъаб бакI ккола гIалимчи ва динияв цевехъан Гьандихъа ХIадисдибирасги (1760 - 1808сс.).

Гьандихъ росулъ гьесул хабада бугеб заниялда гьев хваравлъун бихьизабун буго 1229 сон. Гьеб ккола европаялъул тарихалда рекъон I808 сон. Бицен буго гьев гIолохъанго хванин вабаъ унтиялъ. Гьесул заниялда хъван буго «Жиндица хIадис кинабго мухIкан гьабун бицарав хвана вабаалъ 1229 с.», - абун.

Жиндир заманалда ХIадисдибирасул пагьму-гьунаралъул ва гIелмуялъул гъварилъиялъул цIар киса-кибего тIибитIун букIана. Гьелъие нугIлъи гьабула жамгIияб ва динияб адабияталда гьесул цIар рехсараб бакIгIемер дандчIвалеб букIиналъ.

ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажияс хъвараб «Дагъистаналъул гIалимзаби» абураб назмуялда гьесул хIакъалъулъ хъван буго:

«Усул фуругIазулъа жавапирал рищизе,
Жиндие тавпикъ кьурав Гьандихъа ХIадисдибир, - абун.

Нилъер машгьурал цересел тарихчагIазул цояв Гиничукьа ХIайдарбегхIажиясул 1992 соналъ къватIибе биччараб «Тарихиял асарал» тIехьалъул тIадежураязда буго (147 гьум.) ГIобода росулъа МухIамад МухIамадхIажиевасул рокъоб бугеб «ФатхI ал - жалил» тIехьалъул ахирисеб тIамачалда хъван батараб хунздерил ханзабазул тарихалъул гьитIинабго бутIа. Гьеб жиндица хъванин хъвалеб буго ХIайдарбегхIажияс, «гIамал сахав ва ракI бацIцIадав Гьандихъа ХIадисил тIехьалдаса».

Гьелъ бихьизабулеб буго ХIадисдибирасул фикъгьиял ахIкамал ва хIадисазул баян хъварал гуребги, тарихиял баянал кьураб тIехь букIараблъи. Гьеб нилъехъе щвечIо. ХIисаб гьабидал, гьеб букIине ккола ХIайдарбегхIажиясул ирсилазул бетIергьанаб китабханаялда.
Хадусеб заманалъул тарихчи, профессор ХIажимурад Хашаевасул, «XIX гIасруялда Дагъистаналда жамгIияб гIуцIи» абураб тIехьалда гьесул цIар рехсон буго хунздерил хан ГIумаханасул «Къануназул кодекс» абураб Авар пачалихъалъул шаргIиял ихтиярал жанире рачараб мажмугI хъван щвезабурав чилъун.

«ТIехь хъварав Гьандихъа ХIадисица,- ян абулеб буго авторас,- бихьизабулеб буго гьел къанунал рахъун ругин 1635 соналъ хварав ГIумаханасул (РитIухъав) заманалда».

«Гьел къануназул кодекс батизегIан, - ян хъвалеб буго Хашаевас жиндирго тIехьалда, - дагъистаниязул гIадатазул цохIого цо бугеб мажмугIлъун рикIкIунаанин Хайдакъалъул уцмий Рустам-ханасул къануназул мажмугI».

«Бицен буго гьев цIалулев Къудукьа Мусал МухIамадида цеве вукIанилан. Амма гьеб хIакъикъаталде данде кколаро. Щайгурелъул, Мусалав ккола 17 гIасруялъул гIалимчи, ай ХIадисдибир гьавилалдего гIумру гьабун вукIарав.

Гьединго, данде кколаро гьев ГьаракIуниса СагIидида цеве цIаланин абурабги. ГьаракIуниса СагIид вукIана хадусеб заманалъул, ай I9 гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда жиндир гIелмияб ва жамгIияб хIаракатчилъи цебетIурав ва гъазаваталъул имамзабазул мударислъун вукIарав чи. ХIадисдибирасул зонода бугеб тарихалъухъ балагьани, гьев I808 соналъ хун вуго. Гьелъ нилъ рачунел руго гьесул мударислъун жиндир заманалъул кIудияв гIалимчи ва шагIир, гIемерал машгьурал гIалимзабазе тарбия-лъай кьурав фагьим ГIаймакиса АбубакархIажияв ккезе бегьулин абураб пикруялде. Гьелъие кIиго хIужаги буго.

ТIоцебесеб, Абубакарил заман (I7II-I797сс.) ХIадисдибирасул гIолохъанаб гIумруялде данде ккола ва кIиабизе абуни, Гьандихъ росулъ цIунун бугеб гIалимчиясул мажмугIалда жаниб батула Абубакарил 13-ялда гъорлъа 3 назму. Гьебги баян гьабизе захIматаб жо гуро: гIемерисел мутагIилзабаз жидерго мударисазул асарал тIиритIизарулаан, хIатта гьез хъвалеб ва бицунеб къагIидаялда хIалтIизабулаан жидерго вагIза-насихIаталъулъ.

Кин батаниги гIалимчиясул къалмикьан араб I0-ялдаса цIикIкIун тIехьалъул жакъа Гьандихъ хутIун буго 2 тIехь: «БатIи-батIиял баяназул мажмугI», «ГIабдурахIман Жамил нахIвиялъул тIехьалъе баян», «МассабихI», ай хIадисазул мажмугI, КъахIиб бугилан абула. ХутIарал тIахьазул къисмат лъазе кIоларо.

Дагъистаналда доб заманаялъ цIакъ гIатIидго тIиритIун рукIана батIи-батIиял автораз хъварал хIадисазул хIакъалъулъ тIахьал, рукIана хасал гIалимзаби хIадисазда тIад чIарал, хIадисазул гIелму малъулел. Гьединаздаса цоявлъун вукIана мударислъун гIумрудул ахирисел соназ Турциялъул тIадегIанаб мадрасалда хIалтIулев вукIарав Миякьоса ГIумархIажи- Зиявудин.

Нилъеца бицен гьабулев ХIадисдибирасул гьеб рахъалъ бергьун кIудияб гьунар букIиналъул хIужалъун ккола гьесда букIараб унго-унгояб цIар Дайитбегги нахъе бахъун, гIалимзабаз ХIадис лъун букIин. Гьедин хъван буго гIалимчиясул заниялдаги: «Жинца хIадис кинабго мухIкан гьабун бицарав хвана тIагIуналъ, ай вабаалъ 1229 соналъ», - абун.

ГIелмиял хIалтIабазда гъоркь гьес цIар хъвалаан ХIадисул Гьандихъийи абун, гьединавго гIалимчи, гьесдаса цеве добго унтиялъ хварав МачIадаса ХIадисидаса ватIа вахъизе лъазе.
ХIадисдибир вукIана гIелмуялъул батIи-батIиял рахъазде кIварбуссарав ва щибаб бутIаялда лъалкI тарав гIалим. Масала, бакъ-моцIалъул гIелмуялде, гьелъул хIакъалъулъ тIахьазде нилъер гьаниб кIудияб кIвар кьезе лъугьана I8-абилеб гIасруялдаса байбихьун Самаркъандалдаса цIар рагIарав гIалимчи Улугбекил хIалтIабазул асаразда гъоркь. Доб мехалъ гIалимзабазда гьоркьоб кIудияб къимат букIана Улугбекил «Зиджу» абураб тIехьалъул, Биржани абулев гIалимчиясул баяназул тIехьалъул.

Гьандихъа ХIадисдибирас гIемераб хIалтIи гьабуна бакъ-моцIалъул гIелму инсанасе пайдаяб, практикияб рахъалдасан цIех-рех гьабун, нилъер шартIазда дандекколедухъ цебе бачиналъе.

Гьесул букIун буго бакъ-моцIалъул рукIеналъухъ балагьун, къоял чIезабулеб хасаб календарь: гIужал, ишараби.

Гьанхъадерил ракьалда гIемерал руго ХIадисдибирасул гIужал. Гьездасан гIадамаз гьабсагIатги пайдаги босула.

ХIадисдибир гIумруялдаса ватIалъана гIолохъанго. Исанайин абуни 205 сон тIубана гьев хваралдаса.
XS
SM
MD
LG