МагъчIваялъе рес

Щай грантазе цIибил бижинабулел гурел, визиткаби риччалел мустахIикълъарал?


20 январалда Дагъистаналъул жамгIияб палатаялда букIана республикаялъул нухмалъулесул цIаралда рикьулел грантазул бицараб данделъи.

Республикаялъул экономикаялъулги, дармилги, росдал магIишаталъулги министрлъабаз Дагъистаналъул нухмалъулесул цIаралда лъазарурал грантал щун руго гIицIго ункънусго чиясе. 1200 чиясул документал нахъчIван руго. Гьедин республикаялда цIолбохъанлъи яги нигIматал гIезариялда хурхарал проекталги нахъчIван, грантал кьун руго МахIачхъалаялда автомобилал чурулел, Муцалаулалда визиткаби гьарулел, гIазуцин балареб МахIачхъалаялда лъимал хъещтIолел чанагъал гьарулел чагIазеги. Руго хIужаби Буйнакскиялдаса хъизаналда вугевщинав анлъавго чиясе грантал щвараб хIужаги.

Гьединго найихъабазе кьурабги буго грант. Гьеб грант найихъанасейищин кьолеб, наязейищин щолебин махсара гьабулелги ругоан грант щвечIел гIадамал.

20 январалда гьел ракIарун рукIана жамгIияб палатаялде. Гьенирго рукIана грантал рикьизе тIадкъарал хIукуматалъул хъулухъчагIиги. ГIадамаз документал мекъи цIун ругин, яги жидехъе гьел щвезего щвечIин жаваб кьолеб бугоан хъулухъчагIаз.

Унсоколо мухъалъул ГIашилтIаса ГIабдуразакъов АхIмад ккола Дагъистаналъул нухмалъулесул курсалъул рахъккураб жамгIияб гIуцIиялъул цевехъан. Грантал рикьиялъулъ ракIбацIцIалъги тартибги цIунизе къваригIун батани, жидеца кумек гьабилилан росдал магIишаталъул министр БатIаловасухъе ун рукIун руго гьеб гIуцIиялъул вакилзаби. Министрги разилъун вуго. Амма тIаде къо щведал грантал кьолел чагIи рахчун чIун руго.

ГIабдуразакъов АхIмад: «Щай гьез гьедин гьабураб? Щайгурелъул гъозие данде кколарогоха нижер схемаялда рекъон хIалтIизе. Гьеб мехалда гьезие щолеб давла тIагIуна. Кинавниги 456 чиясе щун буго грант. 11 мухъ бугеб Дагъистаналъул Къилбаялъул рахъалъе (Юждаг – ЭР) кьун буго гIицIго 3 грант. Гьелъул магIна щиб? Гъоз абиларищ нижер гьечIищ гIанкIу-хIелеко, нижер гьечIищ гIи-боцIи, цIолбохъанлъи…? Гьеб киналдасаго рази гьечIел гIадамал лъугьине руго республикаялъул бетIерасде гъегъ базе. Гьес кьечIин жидее гранталин абула гIадамаз, дол чорокал хIакимзабаз кьечIин абуларо. Росдал магIишаталъул министерлъиялде хитIаб гьабун букIана нижеца цо пуланал гIадамазе кьезе лъикIаблъун бихьулин нижеда гьеб грантилан. Амма кьун батичIо гьезие гьеб. Гьеб мехалда гъол кIалъана дихъе жидее щвечIин грант, гьанив аскIов вугев васасе кьун бугин. Гьесухъе кьезабун телефонгун цIехолдана дун гьев гIолохъанчиясда. Гьес абуна жинда щибниги лъаларин, жив вугин анлъ-анлъ моцIалъ Моздокалда, электростанциялда хIалтIулев чи. Жиндир инсуца хIадурун рукIун ратилин гранталъе документал».

Гьедин грантал щварал чагIазул 70 проценталда документал кин цIезе кколелалигицин лъаларин абураб пикру буго АхIмад ГIабдуразакъовасул.

Грантал щвечIел гIадамал гIарзалъ республикаялъул нухмалъулесул официалияв вакил ГIалибег ГIалиевасухъеги рачIун рукIана.

ГIалибег ГIалиев: «ТIубараб вакиллъи букIана гьанибе бачIун - 25 чи. Масала, цо гIолилай йикIана гьезда гъорлъ. ЛъикI цIалун лъугIарай, жиндирго иш рагьизе бокьарай. Гьелъ абулеб буго жиндие бокьун букIанила цебе бахъун жиндир проекталъул халниги гьабизе, амма гьеб папкаялъуса къватIибегицин бахъун гьечIоанила.

Гьебго заманаялъ БежтIа цо хъизаналда жаниб анкьго чиясе щун буго грант (кирпич къотIулеб завод гьабизе). Гьединго анлъго грант Буйнакскиялдаса цо хъизаналъеги щун буго – щивав вацасе. Кин гьеб гьедин ккарабали цIех-рех гьабизе буго».

Грантазда тIасан бугеб ахIи-хIуралда бан хасаб комиссия гIуцIулеб буго республикаялда. Гьединго жамгIияб палатаялъ хIадурулеб буго республикаялъул прокуратураялде биIтизе документги.

XS
SM
MD
LG