МагъчIваялъе рес

Аваразда цебеги лъалаан маслихIат


МаслихIат буго гIараб мацIалъул маслагIат абураб рагIудаса бачIараб. Амма гьелъул магIна кколаро гIарабал Дагъистаналде рачIинегIан гIадамазда гьоркьоб маслихIат гьабулеб гIадат мугIрузул халкъазул букIинчIин абураб. Рекъел гьабизе, рекъезаризе абурал рагIаби рукIана магIарулазул кIалдир кидаго.

МаслихIат хIажалъулаан чи чIваялда, яс хъамиялда ва цогидалги чIахIиял такъсирал гьарураб мехалда. Масала, чи чIварав бид виххун росулъа къватIиве витIулаан. 19 абилеб гIасруялъул ахиралде щвезегIан бидуласда цадахъ цогидаб бакIалде битIулаан гьесул гIагарлъи, биххизабулаан мина. Гьеб гIадат гьукъарав чилъун ккола Шамил имам. Гьес абун буго, бидулас гьабуралъулъ гьесул рукъалъул гIахьаллъи букIунарин.

МагIарулаз абулаан бид виххун къватIиве анилан. Гьелъул магIна букIана бидуласул тIолабго магIишат бихханилан абураб. ЦIоралъул магIарулаз I7 абилеб гIасруялда рилълъанхъизарулел рукIарал гIадатазда гьадин хъван буго: «Лъица бугониги муъминчи чIвани, бидуласул мина бухIула, ахикьа гъутIби къотIула, гъабу бек-бекун бала. Бидулав витIула, гIагарлъигун цадахъ, росулъа къватIиве. ВитIараб бакIалдаги гьев вукIине ккола тIадвуссине изну кьезегIан – 12 тумен дияталъе, ай бидул хIакъалъе кьун хадуб, чIварасул гIагарлъи гьевгун рекъезегIан».

Цо-цо бакIалда рукIана бидулал ритIулел росабицин. Гьединазда гьоркьоб рехсезе бегьула лъагIалида жаниб лъабго моцIалъ гурони бакъ щолареб Къудукь росу. ЦIадаса ХIамзатица, «Ашбазалде гьабураб» кочIолъ рехсон буго гьадин: «Чакар-чайги гьекъон гьаниб къогогIан, Къудукьго бокьила бидвиххун ккезе», - абун. Гумбет мухъалдехун гьединаб росулъун рикIкIунаан кIкIалал тIинда бугеб, зодил кесек гурони бихьулареб ЧIикь росу.

Бидулав къватIив вугеб къоялдаса лъикIаланго заман индал, гьесул гIагарлъиялъ гьарун, жамагIатчагIаз байбихьулаан маслихIат гьабиялъул иш нухда бачине. БатIи-батIиял росабалъ батIи-батIияб букIана бидуласда тIаса лъугьиналъул гIадат. Масала, хваршисезул гIадаталда рекъон, бидуласул гIагарал чагIи чIварасул рокъоре, бегавуласда, будун-дибирасда хаду-хадур унаан накалдаги хъурщулаго.

ГIанди наиблъиялъул Шабдухъ росулъ, маслихIаталъул къоялъ, бидулав чIварасул азбаралде вачIунаан чIегIераб буртинаги ретIун. Гьенив ракьалда вегун чIолаан, чIварасул цевесев гIагарав чияс тIаде вахъинавизегIан. Гумбет наиблъиялъул росабалъ бидуласул тухумалъул руччаби, чIварасул тухумалъул руччабазда цере накабазда чIолаан, бихьиналги, гьединго, накабазда чIолаан тушманлъи лъазабуразул бихьиназда цере, маслихIат гьабун бахъинегIан.

Тумазул гIадаталъул хIакъалъулъ, гIалимчIужу Булатовалъ хъвалеб буго, бидулас маслихIаталъе унаго гъажалде рехун букIунаанин мусруялъе ххам, гьез чIван хвезеги разияв вугин абураб магIнаялда.

МаслихIат гьабун хадуб бидул къисас боси рикIкIунаан гIадат хвезабилъун ва къвакIараб тамихIги гьабулаан. Масала, маслихIат гьабун хадуб тушман чIварав чи, гIандалазул гIадаталда рекъон, кIицIулго бидулавлъун рикIкIунаан ва гьесухъа кIиго диятги бахъулаан. Амма маслихIатчагIи гьоркьоре лъугьунароан тухумалда жаниб ккараб чIвай-хъвеялде. РикIкIунаан гьеб жидерго жанисеб иш бугилан.

Ахиралдаги абила, маслихIат гьаби буго гьаб захIматаб заманалда жиндаса пайда босизе мустахIикъаб, нилъер умумуз аза-азар соназ хIалтIизабулеб букIараб тадбир.
XS
SM
MD
LG