МагъчIваялъе рес

Лъие байрам бугеб жакъа?


Россиялда кIодо гьабулеб буго Халкъазул цолъиялъул къо. МиллатчагIаз улкаялъул тахшагьаралда «ГIурусазул марш» абун цIар кьураб тадбиралдалъун кIодо гьабуна гьеб къо Москваялда. КIудияб октябралъулаб байрам-7 ноябрь хисун гьелъул бакIалда 4 ноябрь кIодо гьабизе байбихьаралдаса исана микьабго сон баниги жеги халкъ ругьунлъун гьечIо байрамкъо хIисабалда гьеб кIодо гьабизе.

КIудияб октябралъулаб къо 7-б ноябралъул бакIалда ТIолго Халкъазул Цолъиялул къо 4 ноябрь байрамкъолъун лъазабуралдаса исана микьабго сон буго. 1991 соналде щвезегIан 7 ноябрь кIодо гьабулеб букIана КIудияб Октябралъул къо гIадин. ХIукуматалъул аслиял байрамкъоязул кьеразулъ ункъабилеб бакIалда букIанин гьебилан хъвалеб буго интернеталъул гьумеразда. 2005 соналдаса байбихьун Россиялда гьелъул бакIалда кIодо гьабизе байбихьана цогидаб байрам 4 ноябрь - Халкъазул цолъиялъул къо. Амма ВЦИОМ абураб халкъазда гьоркьоб цIех-рех тIобитIулеб централъ кьураб баяналда рекъон Россиялда гIумру гьабун ругезул бащадазда лъалеб гьечIо щиб байрам гьеб кколебали.

Халкъазул цолъиялъул къо абун 4 ноябрь байрамкъолъун рикIкIунезул къадар дагьаб буго Дагъистаналдаги. ЦIех-рех тIобитIаразда гьоркьор гIемерисел мукIурлъулел руго 4 ноябрь кинаб гIиллаялда бан кIодо гьабулеб бугебали лъангутIиялъе.

«Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабуна тахшагьаралъул къватIазда дандчIварал гIадамалгун. Гьикъ-бакъаразда гьоркьор киназулго жаваб цоцада релълъараб букIана гьезда хIакъикъаталдаги бичIчIулеб гьечIо гьеб байрамалъул магIна.

Шамсудин, пенсионер Байрам хIисабалда гьеб къо кIодо гьабизе кканигицин гьелъул къимат гьабулев чицин гьечIелъул жакъа. Цебе гьабулаан. Гьаниб шагьаралъул майданалдеги ракIарулаан 7-б ноябралда, кучIдул ахIулаан, батIи–батIиял кьурдаби спортивиял тадбирал тIоритIулаан. Гьанжейин абуни… Халкъ гьечIо тIоцебесеб иргаялда, халкъ, халкъ гьечIони, кинаб халкъалъул цолъиялул байрамги букIинеб?»

Мадина, МахIачхъала, 33 сон: «Мисалалъе дир жакъа гIодоб къо гьечIо, хIалтIудасан къади кваназе рокъое ине йиго дун, гьеб тIоцебесеб мисал буго дие гьеб байрамкъолъун гьечIолъиялъул.
КIиабизе босани кинаб байрамкъоха гьеб бугеб, доба Конституциялда цо хъвай-хъвагIайги гьабун байрамкъолъун лъазабун гIолебищ, халкъалъе гьелъул кIвар гьечIелъул щибниги. Дица кинабниги къолъун рикIкIунаро гьеб, дие гьеб буго цогидабго гIадаб гIадатияб къо.»

Милана, 22 сон, студентка: Дица рикIкIуна гьеб щибниги хIажат гьечIеб байрамлъун, щайин абуни нилъер халкъ гьединал гIиси-бикъинал байрамазде ругьунлъун гьечIелъул».

МухIамад, 37 сон: « БитIараб бицани лъаларо щиб байрам гьебали, тIоцебесеб нухалъ рагIулеб буго».

Рая, 62 сон, пенсионерка: Щибниги магIна бихьулеб гьечIо гьеб къо кIодо гьабиялъул. Я паркалда, я майданалда щибниги тадбирал гьечIо, гIадамалги жиде-жидер ишалъ унел
руго. ЦохIо бакъул кунчIи бугоха бихьулеб, байрамкъоялъул гIаламатлъун гьеб рикIкIине бегьулеб батаниха. ГIицIго цохIо мурад буго. Гьал кьвагьиялги, чIвай-хъвеялги лъугIизе бокьун буго. Дун гьаб шагьаралда гIуна ва гьаниса нахъе инеги бокьун гьечIо, бокьун буго кинабго лъикI букIине».

Жеги ноябрь щвезе моцIалде гIагарун заманаялъ цебеккунго интернеталдаса гIурусазул миллатчагIазул цевехъан Демушкин Дмитрийица лъазабуна Халкъазул цолъиялъул къоялъ тIолалго миллатчагIиги ракIарун жидеца «ГIурусазул марш» абураб тадбир тIобитIизе бугилан. Россиялда миллатчилъиялъул суал къоялдаса къоялде хIалуцараблъун лъугьунеб буго. Гьелъие квербакъулел хIужабиги цIикIкIунел руго цадахъго. Кьвагьиял, терактал, чIвай-хъвеял. АхIвал-хIал хIалуцинабулеб буго гIемерисел гьел бидулал лъугьа-бахъиназда гьоркьоб аслиял хIаркатчагIилъун гIемерисеб нухалъ дагъистаниял, ялъуни кавказалъул республикабазул вакил ватиялъ. Октябрь моцIалъ Москваялъул Бирюлово базаралда тунка-гIусиял, ЛДПР партиялъул вакил депутат Роман Худяков кьаби ва гь.ц. Гьел сияхIазул бищунго ахиралда рехсезе бегьула Волгоградалда гIадада къад квьагьизабураб автобус. Гьеб кьвагьизабуна Дагъистаналдаса ясалъ.

Халкъазул цолъиялъул къоялъ миллатчагIаз тIобитIулеб марш халкъ кIибикьизабиялъул мурад кколищ? Гьединаб суал кьуна нижеца Москваялда гIумру гьабун вугев дагъистанияв Эльдаров МахсутIие. Гьес рикIкIунеб буго кколилан. Ксенофобиялъул кьалбал гьел гIизагIан гъваридал ругин, жакъа гьелъул пикруцоял ругин улкаялъул тахшагьаралда гъалмагъир гьабулел. МиллатчагIазул хIаракатчиялъиялда тIасан гьадинаб пикру буго МахсутIил.

Эльдаров МахсутI: «Дие гьезул щибниги квал-квал гьечIо битIараб бицани. Ццим бахъинабула, дагIба гьечIо, амма гIумру гьабизе щибниги тIагIамбахъи гьабулеб гьечIо. Дун вуго дирго хIалтIуда, къаси рокъовеги вуссуна дирго хъизамалда аскIове. Гьеб Аллагьасул кумек буго дие. Гьезул тIасанккарал ишазде кIвар кьезе кколел чагIи тIалъиялда руго. Социологаздаса байбихьун политологазде щвезгIан. Гьезухъги гIенеккун хIукму къотIизе кколев чи президентги вуго. Амма щибниги хIалтIи гьабулеб гьечIо гьезда хурхун, щай, щайгурелъул ихтиярал цIунулеб пачалихъ нилъер гьечIелъул, гьелъ буго кинабго нахъеккезабунги».

Ункъабилеб ноябралда Москваялда миллтачагIазул маршалда гIахьаллъизе инкар гьабун оппозициялъул рахъалдаса политик Алексей Навальныяс. Гьединго миллтачагIазул церерахъиналда гIахьалъизе инкар гьабеян абулеб буго «Гражданская полтфорама» абураб багъа-бачариялъул цевехъан Михаил Прохоровасги. ГIакълу бугев чияс гьениб гIахьалъи гьабизе гьечIин ,гьединалъидал цIакъго кватIилалде гьениве ине ракIалде ккарасги хехлъи гьабун инкар гьабеян хъван буго олигархас фейсбукалда бугеб жиндирго гьумералда.
XS
SM
MD
LG