МагъчIваялъе рес

Щиб къваригIун бугеб дагъистаналъул "справедливороссазе"?


27 сентябралда МахIачхъалаялде данделъун рукIана «Справедливая Россия» партиялъул вакилзаби.

Справедливороссаз МахIачхъалаялда тIобитIараб данделъиялда хитIаб гьабуна Россиялъул президент Путинихъе, Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалде кIвар кьейин. Гьезул пикруялда рекъон, кинабго рахъалъ Дагъистаналда гьоко нахъехун гирулеб буго, церего гIадин гIадин ричулел хъулухъалги руго, халкъалъухъ гIенеккулев чиги гьечIо.

Хас гьабун ЭР-лъе гьадин баян гьабулеб буго ХIажимурад ГIумаровас. Гьев ккола «Справедливая Россиялъул» Дагъистаналда вугев нухмалъулев.

ХIажимурад ГIумаров: «Гьанир къануналищ гьечIел, гьаниб халкъищ гьечIеб? Жив-жив чи ургъизе кколарищ жидер лъималазул кинаб яшав букIунеб гьадинаб чороклъиялда абун? Гьелъ цинги гIадамал къватIире рахъине ккола жидерго жо тIалаб гьабизе, ритIухълъи тIалаб гьабизе. Гьелъиелъидал ругел партиялги, гьелъиелъидал гьарулел рищиялги. Доба Москваялдасан гьабилин тезе бегьуларо. Гьабуларо добасан гьеб. Москваялдасанищ рачIине кколел гьанире хурзал рекьизеги цогидаб гьабизеги?»

ЭР: «Халкъалъул бугищ гьединаб хIадурлъи къватIире рахъунеб гIадаб?»

ХIажимурад ГIумаров: «Халкъалъул божилъи хун буго. Божилъи хвараб мехалдалъидалха къватIире рахъине кколел. Жакъа цIогьазухъеги хъачагъазухъеги хIукуматги кьун, балагье кколеб бугеб жойин бицунел рукIарал гIолебищ?»

ХIажимурад ГIумаровас бицана жидеца гьеб данделъиялда хIисабалде росун рукIанин гIицIго партиялдаги улкаялдаги рукIинесел рищиязде хIадурлъи гьабиялъул суал. Амма гIадамаз жидеца буссинабунин гьеб Рамазан ГIабудлатIиповасул политикаялъул бициналде.

Гьедин гьеб политика гьаб гIагараб заманалда жаниб хисизабичIони, жал ракъун чIелин яги митинг гьабилин лъазабуна гIадамаз гьениб. ЖамгIияв хIаракатчи Маматхан Байсултановас абуна ракъун чIезе кколин.

Данделъи лъугIун хадуб Байсултановас ЭР-ялъе радиоялъе гьадин бяан гьабуна жиндирго пикру.

Маматхан Байсултанов: «Дида лъала митингалъул кколеб жо. Гъоз (хIукуматалъул чагIаз – авт.) абула гьа, гъобго къоялъ гъол уна рокъоре – цIунтIалги, цIумадиселги, цогидалги. Гъозие регизе бакIалги рукIунаро, гьедин ккола гьезда. КIалъазе теян абула. Цинги нижер пикруги лъан, нижеда данде хIалтIизе лъугьуна гьел. Дица абун букIана ГIабдулатIиповасул рахъалъ. Ле, мун 24 сагIаталъ хIалтIани, ниж 26 сагIаталъ хIалтIила. Мун харжихъ хIалтIулев ватани, ниж гьадинго хIалтIилин абун букIана. Гьабе жамагIатги данде, нижеца бицинин гьаниб лъугьунеб бугеб жоялъул. Гьаб тIалъиялъ вуго мун махсароде кколев, дуца гьаб тIалъи данде къачIони, гьелъ мун къазе вугин абун букIана. Мун гурониги цогидалги толарин гьелъ. ТIалъи буго «паханаздасан» гIуцIараб жо. Гьел паханаз щивниги толаро, Путинги толаро, жидехъго гIенеккичIони.

Ракъун чIезе руго ниж, доз хIалтIи гьабизегIан. ХIалтIи гьабе! Гъоле дир нус чIвараб куц лъала гурищ? (Гьей чIвана 2006 соналда низам цIунулез хасаб операция тIобитIулеб мехалда, мекъи ккун – авт.). ТIадегIанаб Диваналде гьеб иш кьураб мехалда диванчагIи лъугьана дун махсараде кквезе, бачавехьасе гьабулареб гIадаб диван гьабулеб букIана гъоз дие».

Дагъистаналда цо-цо чагIаз абула зама-заманалда МахIачхъалаялдеги вачIун ХIажимурад ГIумаровас данделъаби гьариялъул магIна бугин гьесие тIалъиялда цо хъулухъ къваригIун букIин. Гьелда бан кьураб ЭР-ялъул суалалъе гьадин жаваб кьуна ГIумаровас.

ХIажимурад ГIумаров: «Бокьарав чиясул рес буго Дагъистаналъул тIалъиялда хъулухъ бичун босизе, 20 соналъ цебеги букIана гьединаб рес. Щибниги хисараб жо ккечIо гурищ гьелда бан».

Дагъистаналъул нухмалъиялъ абизегIанасеб кIвар кьоларо гьединаб магIнаялъул данделъабазде. Гьезул пикруялда рекъон, тахбакIаздаса махIрумлъарал гIадамаз гьусун тIамулел чагIи руго гьел гьедин гаргазе, гьезда нахъа кинабгIаги къуватги гьечIо. Гьез абулебгIан хъарцинлъиялдаги гьечIин жакъа Дагъистан, кIванагIан цебетIолеб бугилан абулеб гьабсагIаталда тIалъиялда ругез.

XS
SM
MD
LG