МагъчIваялъе рес

Интернет-годекIаналдаса харбал. 10-16 Март


Russia -- Blogs review
Russia -- Blogs review

Республикаялъул тIалъиялда унел хиса-басиял, политикиял лъугьа-бахъинал, митингал ва такъсиралгун кьвагьа-гIанхъиял – киналго гьоркьор лъола Дагъистаналъул блогосфераялда. Аслияб кIвар кьолеб буго ахираб заманалда политикиял лъугьа-бахъиназе ва республикаялъул тIалъиялда лъугьунел кадровиял хиса-басиязе.

Гьединаб хаслъи бихьулеб буго республикаялъул блогосфераялда гIемерисезда. Журналистка ва блогер Анохина Светланаца «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб темаялда тIаса жиндирго пикру.

Анохина Светлана: «Дагъистаналда гIадин политикаялде цIикIкIун кIвар кьолеб блогосфера дида бихьичIо жеги. Гьелъие гIилла батизе бегьула нилъер республика цIакъ хIалуцараб ахIвал-хIал бугеб бакI гуребги, батIи-батIиял интересал данделъулеб бакI букIинги. Цойги хаслъи буго гьоркьор лъолел темабазулъ миллияб суал борхи. Гьаниб кинабго букIуна миллияб суалалда бухьинабун. ЦIияв президентги гьес гьарулел кадровиял хиса-басиялги киналго гьоркьор лъолел руго миллияб суалгун цадахъ.

Финансовиял, геополитикиял, экономикиял суалалги интересалги цоцалъ журалел руго. Гьелда хадуб хал кквезеги интерес буго. Дида ракIалде ккола блогосфера бугин протестазулал пикраби ругеб халкъ гIодобиччазабулел бакIилан. Интернеталда жидерго макъалабазда ва комментариязда гIадамаз къватIир гьурщулел протестал гIумруялда риччан тани гьелъ кIудиял хIалуцарал рагъа-рашариязде рачинаан нилъ ва щиб лъалареб пачалихъияб гIуцIи букIинаан, щайгурелъул гьаниб щиб букIине бегьулеб абун цебечIезабизе захIмат буго.

Политологазе ва цоги экспертазеги кIудияб ракIгъей батула нилъеца интернеталда гьарулел бахIсаздаса. Гьениб бугеб хIалуциналъ рахIат хвезабула. Къокъго абуни, блогосфераялъул хал гьабурабго, дида ккола дун гула-хералда тIад гIумру гьабун йигилан».

Фейсбукалда баккана Дербент шагьаралъул мэр Имам Яралиев хъулухъалдаса нахъе витIун вугилан лъазаби. Гьеб гьедин гьечIониги, киназдего гIагарун блогераз рахъ кколеб буго гьев нахъе витIиялъул. Къурбан ГIабдулкъадиров абурав чияс хъвалеб буго, некIсияб шагьаралъул мэр гьенисан вачун МахIачхъалаялда щибалиго хъулухъалда тIамулев вугилан. МахIачхъалаялда гуро, Шамхалалъул туснахъалда бугин гьесул бакIилан хъвалеб буго Зарема Мажидовалъ.

Республикаялъул нухмалъулев халкъалъ вищизейищ вугев ялъуни Москваялдаса вихьизавизейищ вугев абураб суалалъеги кIудияб кIвар кьолеб бугоан интернет-годекIаналда. ГIагараб заманаялъ Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабизе ккола регионазул парламентаз Москваялъ вихьизавун нухмалъулев вищизе ихтияр кьолеб къанун. ГIемерисел божун гьечIо Дагъистаналда тIолгохалкъалъул рищиял рукIине бегьулин абураб пикруялда, хIатта живго Р. ГIабдулатIиповас жив гьезде хIадурун вугилан абуниги.

«Дагъистаналъ жеги цониги нухалъ вищичIо нухмалъулев, анцI-анцI соназ дедушкал макруяздалъун, хадур Путинил сихIруялдалъун нилъехъе гьеб ихтияр биччачIо», - абун хъвалеб буго Марат Мамаев абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев чияс. «КъваригIун гьечIо нилъее рищиял, щиб гьабуниги бергьине вуго цIикIун гIарац бикьарав, цебеккун цIикIун бикъарав чи, гIадамазги гъираялда гьаркьал гIарцухъ ричизе руго», - ян хъвалеб буго Шамил Мурадовас.

Цоги блогерасул пикруялда рекъон, халкъ жеги ругьунлъун гьечIо рищиязде. ГьабсагIаталда рищиял тIоритIани нилъеца гьанже вугев президент Р. ГIабдулатIиповасдаса мустахIикъав чи вищун бажаруларин, тIалъиялде нахъойги долго тухумазул чагIи рачIине ругилан ракIчIун буго гьесул.

Араб анкьалъго интернеталда тIибитIун букIана Москваялда В. Путинихъе Дагъистаналъул президент Р. ГIабдулатIиповас хъарабилан рикIкIунеб кагъат. Блогосфераялда гьелъ гIемер ахIи-хIур бахъинабуна. Къокъго абуни, кагътида В. Путиниде Р. ГIабдулатIиповасул цIаралдаса хъвалеб буго дур бокьараб буюрухъ тIубазе хIадурун вугин, гьаниб гIадлу гьабизе кколин ва цохIо дур кумекалда хьул бугин. Бицунеб букIана бакIалъулал тухумчилъиялъулал бухьенал тIезаризе кколин, чанго кIудияв хъулухъчи хъулухъалдаса витIизе кколин ва гь. ц.

Итни къоялъ президентасул пресс-хъулухъалъ баян кьуна гьеб кагъат хIакъикъияб гурин, гьединаб кагъат букIинчIин. Жибго кагъат кIочана блогосфераялда, киназго хIунсулеб букIана президентасул пресс-хъулухъалда, кватIун кьураб жаваб сабаблъун. «Анкь гурони ун букIинчIо, хех гьабун гьеб кагътие баян щвана», - абун елъулей йиго журналистка Заира ГIабдулаева.

«ПиригIадин хехго информация тIибитIулеб заманалда гьединаб гурони чIаголъи гьечIеб пресс-хъулухъ кинаб букIунеб?», - абун хъвалеб буго Валид Абу Йазид абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев чияс. «ЦIикIкIун чIаголъи бихьизабулев президентасда хадуб гъолеб гьечIо гьесул пресс-хъулухъ ва официалиял информалатал», - ин хъвалеб буго цойги чияс.

Гьединал рукIана Дагъистаналъул блогосфераялда гьоркьор лъурал аслиял суалал.

XS
SM
MD
LG