МагъчIваялъе рес

Дагъистаниял гьанжеги гIедегIулел гьечIо яргъидаса ратIалъизе


Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул лъазабиязда рекъон, республикаялда гIумру гьабулезухъ кодоб бугеб яргъидул къадар кIудияб бугин абизе бегьула, амма мухIканлъи кьун тарихал рачине бажаруларо. Санаидаса санаиде республикаялда тIобитIунеб буго «ярагъилан» абураб операция ва гIадамаз полициялде щвезабулеб буго жидехъ кодоб бугеб ярагъ. Амма гьеб операция къазе жеги гIезегIан заман бугин, рикIкIунеб буго жанисел ишазул министерлъиялда.

Эксперталги рази руго министерлъиялъул баяналгун. Хъаравуллъиялъул фирмадул хважаин ГIумар Аскеровасул рагIабазда рекъон, гIадатиял гIадамазе ярагъ батулеб буго «чIегIераб рынокалда». «Жакъа къоялда таманча босизе къваригIарав чиясе батIаго захIмалъизе гьечIо гьеб батизе. Полициялъул хIалтIухъабазда лъим гIадин лъала ярагъ бичулеб «чIегIераб рынок» бугеблъи республикаялда, амма гьеб даран-базаралда гIахьаллъулел руго низам цIуниялъул системаялдаса вакилалги», - илан абуна Аскеровас.

Гьес бицана ярагъ Дагъистаналде бачIунел чанги каналал ругин. «Азербайджаналдаса бачIунаан ярагъ, Грузиялдаса гьеб баччунелги руго цо-цоял гьанже раккун. Азербайджаналъул гIорхъиялдаса борчIулеб буго ярагъ, щайгурелъул мухIканго хал гьабулеб гьечIо автомобилазул, яги ришватаз тIубалеб буго суал», - ян бицана хъаравуллъиялъул фирмадул хважаинас.

Дагъистаниязухъ кодоб гIемер ярагъ бугеблъи бихьизабулеб буго такъсир гьабиялъул ишазул къадараз. Араб соналда республикаялда гьединал ишал батIаго гIемер рагьун рукIинчIин 2013 соналда дандеккунилан абуна МВДялъул пресс-хъулухъалда ва рехсана тарих - 300-ялдаса цIикIкIун. Гьел ишалги гIемерисала изун гьечIого яргъид гIуцIаразде гьорлъе унел рукIаразда яги гьезул кумекчагIазда хъинтIун рагьараллъун ккола.

Инсанасул ихтиярал цIунулезни лъазабулеб буго, ярагъ цIуниялда хурхун рагьарал гIемерисел ишал ритIухъал гурин. «Рагьулел такъсиразул жидерго статистика лъикIлъизабиялъе гIоло полициялъулаз ярагъ гIадамазе рехиялъул чанги хIужжа рехсезе бегьула. ГIемерисала гьединал ишал низам цIунулез гьарула салафиязде данде. Мисалалъе, Мурад НурмухIамадовасда хъинтIун рагьараб такъсир гьабиялъул иш ракIалде щвезабе. Гьесул унтулей эбел йиго, гьитIинал лъимал руго. Амма гьев ккуна полициялъ, чIухь бана гьесухъ рокъоб ва лъималазул ясикIабазда гъорлъ батана граната. Лъица граната бахчулеб лъимал расандулеб бакIалда?» - ян загьир гьабуна жиндирго пикру инсанасул ихтиярал цIунулев ГIабдулманап ГIалиевас.

Адвокат Арсен Ражабовас бицухъе, гьес ихтиярал цIунулев ГIиса ГIабдулкъадировасеги рехана ярагъ полициялъулаз. «ГIабдулкъадиров низам цIунулез ккуна Гъизилюрт мухъалъул нечаевка росулъ. Гьес гIумру гьабулеб букIараб минаялда жаниб чIухь бана полициялъ ва гьезие граната батана», - ян бицана адвокат Ражабовас.

ГIабдулкъадировасул гIагарлъиялъул лъазабиязда рекъон, полициялъул идараялда гьев квешго вухана. «Гьесие токалъ кьолеб букIана гIакъуба, гьекъезавуна гьев, хъалиян свинабиялъул лъалкIал ратана гьесул черхалда. «Рохьилалгун» бухьенал ругин гьесулян абизе тIамулев вукIун вуго гьев», - илан хъван буго ГIабдулкъадировасул гIагарлъиялъул гIарзаялда.

Ахир-къад, ГIабдулкъадировасда хъинтIун рагьана такъсир гьабиялъул иш - къануналда рекъечIого ярагъ цIуни. Гьеб ишалда тIаса цIех-рех лъугьанин ва диваналде битIанин, лъазабуна мухъазда гьоркьосеб цIех-рехалъул идараялда. Гъизилюрт мухъалъул диванханаялда абуна мухIканго лъалеб гьечIин кида диван байбихьилеб, амма гIага-шагарго процессалъул тIоцебесеб данделъи букIинин марталъул байбихьуда.

Адвокат Ражабовас рикIкIунеб буго низам цIунулез цIех-рех тIаса-масанго бачунеб букIанин ва цIех-рехалъул материалал адвокатасда жеги рихьунцин гьечIин. Ражабовас диваналдаса тIалаб гьабулеб буго ГIабдулкъадировасул иш нахъчIвазе ва цIех-рех чагIи гьеб иш цIидасанго къануназда рекъон бачине тIамизе. ГIарза гьес диваналде битIун буго, амма жаваб жеги щвечIо гьесие.

Ражабовасул рагIабазда рекъон, полициялъулазул рукIа-рахъиналда балагьун, унго-унгоги ярагъ кодоб бугел гIадамал, гьеб нахъе кьелалде цере нусцIун ургъила.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул вакил МухIамадзагир МухIамадовас абулеб буго ярагъги босун гIадамал рачIунел ругин ва, къануналда рекъон, гьедин рачIарал чагIазда хурхун киналгIаги ишал рагьуларин.

МухIамадзагир МухIамадов: «Кинал рукIаниги тадбирал гьарулаго, чIухьбаял гьарулаго ярагъ батани - гьеб бахчулев вукIарасда хъинтIун рагьула такъсир гьабиялъул иш. Чанги нухалда кисса-кирего лъазабиял кьола зама-заманалдаса, кодоб бугеб ярагъги босун полициялде рачIаян. Ярагъ щвезабурал чагIазе гIарацги кьола кодоб яргъидул тайпаялда балагьун. Такъсир гьабиялъул ишги гьев чиясда хъинтIун рагьуларо».

Регионалъул МВДялъул министр ГIабдурашид МухIамадовас цодагьалъ цебе лъазабуна, ярагъ кодоб букIиналъе гIоло Дагъистаналъул хIакимаз, хъаравуллъиялъул фирмаялде хIалтIулел ругин жалян, хасал документал гьарулел ругин. Министрасул пикруялда рекъон, гьединал хIужжабаз рачун такъсирал цIикIкIиналде. ХIинкъигьечIолъи къваригIарав хIаким вачIине бегьула полициялдеилан абуна министрас.

Дагъистаналъул МВДялъул статистикаялда рекъон, 2014 соналда республикаялда гIадамаз полициялде щвезабун буго 8 таманча ва револьвер, 10 автомат, 2 гранатомет, 17 карабин, чанахъанлъиялъе хIалтIизабулеб 140 туманкI, газалъул 23 пистолет, жалго гIадамаз гьабаруб 48 тапанча, кьвагьул алатазул 94 кг, 148 граната, сапералъулаб 26 мина ва 25 азаргоялдаса цIикIкIун гуллби. Министерлъиялъул баяназда рекъон, гьел тарихал жеги мухIкан гьаризе руго.

XS
SM
MD
LG