МагъчIваялъе рес

Клараца чIахъадерида бихьизабураб мисал


Чlохъ росдал цо авал, 29Сен2012
Чlохъ росдал цо авал, 29Сен2012

«Дица рикIкIуна дир хIанчилаб бусен гьаниб бугилан», - гьедин байбихьана ЭР-гун букIараб хабар Москваялдаса суратал рахъулей гIадан Власова Клараца. Гьелъ бицунеб бакI ккола Гъуниб мухалъул ЧIохъ росу. ГIодоркъоязда гьениб букIана Власовалъул суратазул экспозиция.

ГIумрудул 86 сон бугей Власова Клараца ахираб моцIгун бащадалда жанир ЧIохъ росулъги йикIун квералъ рахъарал суратал ругоан гьел. Гьеб росдалгун гьудуллъи Клара Филипповнаялъ гьанжеялдаса 30 соналъ цебего гьабун буго.

Власова Клара: «Франциялъул мугIрузда цо росу бихьана дида. Гьеб мехалда дидаго лъачIого ахIун борчIана дихъа: Вагь! Дагъистаналда гIадин буго!» - ян. Шеллов Вадим абулев суратал рахъулев чи вукIана нижеда цадахъ. Гьев дихъ валагьун чIана. Цинги цо тохаб жо борчIараб киннигин дун юцIцIун чIана. Гьеб соналъул хаслихъе росулъе ячIингун довго Вадим ватана дида гьанив. Дандеги вачIун «Клара, дуда лъалебаниха, Франциялдасаги гIажаибаб бакI буго гьаб!» илан абуна гьес».

Власова Клара, Чlохъ росулъ жиндирго суратазул экспозициялда, 29Сен2012
Власова Клара, Чlохъ росулъ жиндирго суратазул экспозициялда, 29Сен2012
Цо нухалда хIухьбахъизе росгун цадахъ, Гъумекиса суратал рахъулев чи Ефимов ГIумаргун, Гъунире рачIарал гьел экскурсиялъ ЧIохъе рачун руго. Гьеб мехалда амфитеатралда релълъун бихьараб чIахъадерил росдаца хIайран гьаюрай Клара Филипповнаялда ракIалде ккола гьениб минаги босун санайилго суратал рахъизе ЧIохъе ячIине. Гьедин босула бечедав кIиго вацасул букIараб мина. Гьанжеялдаса 90 гIаги соналъ цебего квералъ къадазда рахъарал сураталги ругеб, щуго рукъалъул берцинаб мина буго гьеб. Амма ахираб заманалда чIунтулеб букIун, Клара Филипповнаялъ дагьа-макъабго цIи гьабун бугоан гьеб.

ГIумрудул сонал 90 –лъе рахарай Москваялдаса Власова Клараца лъикIаб мисал бихьизабулеб бугин умумузул минабиги чIунтизе тун МахIачхъалаялдаги, цогидал шагьараздаги чIарал чIахъадеридаян абуна ЭР-ялъе гьеб росдал бегавул Салимов Салимица.

Салимов Салим: «Жакъа гьай гIадан ячIун йиго росуги бокьун, росулъ бугеб рукъги къачIазеян абун. Дица цогидаздаги абулеб буго росулъ ругел умумузул рукъзал къачIаян. Дицагоги къачIана инсул букIараб мина. КъватIир ругел росуцоял тIадруссиналъе лъим бачун, нухал, къватIал къачIан шартIалги гIуцIулел руго».

ЧIохъ росулъ гьабсагIаталда биххун, тIубан тIатIала ккарал минабазда гъорлъ рехсезе бегьула архитектураялъул рахъалъ кIвар кIудиябин рикIкIунеб Мамаласул мина. Нахибашевасул мина цIи гьабулеб буго гьесул наслуялъул чияс.

Микьнусго соналъ цебего кьучI лъунин тарихчагIаз абулеб гьеб росдал хIакъалъулъ бицен гIемер ккола республикаялдаги гьеб тун къватIибехунги. Амма ахираб заманалда гIезегIан ахIи-хIур бахъинабуна ЧIохъ росдал цо къватIалда Россиялъул БахIарчи Къадиров АхIмадил цIар кьезе букIиналъул хабаралъ. Гьеб мурадалъ росдал бегавулги ЧIохъа медицинаялъул гIелмабазул доктор ГIалиев ГIабдулхIамидги Чачаналдеги щун руссана дагьалъ цере.
Салимов Салим: «Жидерго хIукуматалъул шапакъатги кьун, гъоркьисала нижер росуцояв ГIалиев ГIабдулхIалим кIодо гьавуна чачаназ. Гьединго жанисел ишазул министр МухIамадтIагьиров ГIадилгерейил цIар кьуна доз жидерго доба цо къватIалъеги. Гьевги гъунисезул чи ккола. Гъунисез гьелъие данде жаваб гьабичIого тунилан дида гIайиб гьечIелъул… Гьединго щибаб къватIалда цIарги номерги лъезе кколин абураб къанунги буго».

ЭР: «Цо-цояз гьеб суал бухьинабулеб буго кватIичIого росулъ рукIинесел рищиязда. Гьедин Рамзанил кумекги къваригIун гьабулеб жо бугила дуца гьеб…».

Салимов Салим: «Гьедин абулеблъиги лъан дица гьеб суал рищияздаса хадуб гьабилин тун буго».

Жиде-жидер умумузул рукъзал рукIараб бакIалда рекъон лъезе буго пуланаб къватIалда щивав машгьурав чиясул цIар. Масала, машгьурав гугарухъан ГIалиев ГIалил умумуз, яги Германиялда гIумру гьабун вукIарав ЧIохъа суратал рахъулев чи Мусаясул Халилбегица гIумру гьабулеб букIараб авалалда гьесул цIар, Туркиялъул армиялъул маршал Фазилпаша Дагъистанлил чагIазул мина букIараб бакIалда – гьесул цIар…

Къадиров АхIмадил цIар чIахъадерил къватIалда лъеялда дандечIей бищунго загьир гьабун букIана ЧIохъа тарихчIужу ТахIнаева ПатIиматица.

АхIмад Къадиров кколин Чачаназул тарихалдаса чи, Дагъистаналъул, гьединго гьелда гъорлъе унеб ЧIохъ росдалги гIезегIан ругин къватIазда цIарал лъезе мустахIикъал чагIиян абулеб букIана гьелъ ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда.

Салимов Салим: «Жакъа къоялда МахIачхъалаялда яги Москваялда чIарал, ТахIнаева гIадал, жагIияб хIалтIуда гьоркьореги къачIого, гIицIго харбида рукIунел чагIаз миллат гьабичIониги бегьула гьелъул. Гьединал суалазда тIасан пикру гьикъизе бегьула росулъеги рачIун, жамгIияб хIалтIулъги гIахьаллъулел, жидерго мина-картги къачIалел чагIазда».

ЭР: «ТахIнаева жамгIияб хIалтIулъ гIахьаллъуларин щай дуца абулеб? Нужер росдал тарихалъул хIакъалъулъ тIехь бахъана гурищ гьелъ?».

Салимов Салим: «Архивалдаса босун росдал документал тIехьалда рахъи кIудияб бергьенлъи гуро. Дидаги кIола гьедин гьабизе».

ЧIохъ руго умумузул заманалдасаго щибаб авалалда, къватIалда рекIарал цIарал.

Салимов Салим: «Гьаб нилъ эхетараб бакIалда цIар буго ЧIудалъ, цойги авалазда цIарал руго АнахIари, ХIолилъ…».

ЭР: «ГIадамазда кIалдир ругьунлъарал гьел цIарал щайха рукIахъего толарел?».

Салимов Салим: «Гьезда цIарал хисизехъин гьечIо гурищ. РукIахъе гьелги тун, тIаде лъолел руго. Масала, тIоцебесеб МахIачхъалаян абула нилъеца. Кагъат битIулелъул яги юридикияб къагIидаялда хъвай-хъвагIай гьабулелъул, «тIоцебесеб МахIачхъалаян» хъвачIого, гьениб бугеб къватIалъул хасаб цIар бихьизабулаха нилъеца. Гьединго гьанибгиха…».

Салимица бицунеб куцалда чIунтулел росаби цIи гьаризейин биччалеб гIарац гьечIо гьабсагIаталда улкаялъул яги республикаялъул бюджеталда. Гьединлъидал гьанже хIисабалде босулеб буго щибаб мина тIад бараб ракьул магъала кьезе бетIергьан тIамизе яги бечедал росуцояздаса кумек гьаризе.
XS
SM
MD
LG