МагъчIваялъе рес

«Дагъистаналъул узденал» Жириновскиясде данде


Шималияб Кавказ маххул хьуриялъ сверунги къазе ккола, гьелъул гIадамазе лъимал гьаризеги гьукъизе ккола.

24 октябралда Россиялъул телевидениялдасан гьединаб пикру загьир гьабурав улкаялъул Пачалихъияб Думаялъул парламенталъул вице-спикер Владимир Жириновскиясда тIасан диваналде гIарза хъвалеб буго «Дагъистаналъул уздензабаз». Гьеб ккола жамгIияб гIуцIи. Гьелъул нухмалъулев Керимхан ГIумахановас гьединго тIалаб гьабизехъин буго депутатасда хъвазе бегьунгутIиялъул хIукмуялдаса Жириновский махIрум гьавеян гIарза хъвазеги.

Керимхан ГIумаханов: «Жириновский гурев, Иванов вукIаниги батIалъи гьечIо дие… Дун балагьана «Поединок» абураб передачаялъухъ… Нахъисеб къоялъ дихъе ахIун бачIана киса-кисаго, нолъ жидеде макьу щвечIинги абун. Гьелъ жеги хIалуцинавуна дун. Гьеб мехалад дица бакIарана «Дагъистаналъул уздензабазул» мажлис…».

ЭР: «ГьанжелъагIанги рукIана гурищ гьесул гьединалго лъазабиял?»

Керимхан ГIумаханов: «РукIана, амма гьадинаб куцалда гьес жеги абун букIинчIо. Ельцин нухмалъиялда вугеб мехищ букIарабали, гьеб мехалдаги абун букIана гурищ жидеца нилъ эбелалъул ургьир ругеб мехалдаго инжит гьаризе ругилан. Гьеле гьединаб жо гьабулеб буго гьанже. ЖамгIияб гIуцIиялъул рахъалдаса гуребги, хас гьабун дирго рахъалдаса диваналде гIарза хъваниги, витIарав вукIуна дун. Гьединги кIудияб сабру гьабуна дица гьеб гIарза хъвазе, провокациял гьарулел жалги нахъе рахъун».

29 октябралда kavpolit.com сайталъе кьун буго Жириновскияс баян. Журналист Максим Шевченкоца жиндиего къваригIараб магIна гьаби гурони, жинца телевидениялдасан щибниги абичIила миллатчилъиялде яги фашизмалде ахIулеб жо. Жинца абунила гьадин – Кавказалъул хъизаназда букIунин анкьгоги, анцIгоги, анцIила щугоги лъимер. Гьединлъидал кIигоялдаса цIикIкIун лъимер гьабуларедухъ лъимал гIемер гьабиялда хадуб халкквей чIезабун гурони, террор къинабун бажаруларила. Кибдила бугеб гьеб бакIалда гъорлъ фашизм? Жириновскияс абулеб буго лъимал гIемер гьари бугин инсанияталъулго масъала. ГIакIабиги къотIун дагьлъизарунин гьел Китаялдаги. ПалхIасил, лъималги гIемер гьарун хIалтIи гьечIого хутIиялда бухьинабулеб буго вице-спикерас Россиялда бугеб терроралъул масъала.
Гьединго Россиялъул Пачалихъияб Думаялда кIалъалагоги гьадин абуна Владимир Жириновскияс.

Владимир Жириновский: «Дица абун букIинчIо гIадамал маххул чалиялъ сверун къазе кколин, абун букIана сверун къазе кколин хъачагъал рахчун чIараб бакI. Мисалалъе, гьел уна рохьалъе. Гьел рохьил сухъмахъал сверун къайин абуна дица, гьенир блокпостал лъун бажаруларелъулин нужехъа».
Амма Керимхан ГIумахановасул пикру гьадинаб буго.

Керимхан ГIумаханов: «Абулареб кин гьес гьеб. Гьедин батани, буго гурищ видеоги, камераялде бахъараб кинабгоги. Телевидениялъул хIалтIухъабаздехунги руго дир бадирчIваял. Гьединав чи дов вукIинги лъалаго, аскIор юристал тезе кколаанха, гIадамал чIвалел рагIаби абураб мехалда росун кверазда маххул синжрал разе».

24 октябралда Россиялъул телевидениялдасан Владимир Жириновскияс абурал рагIабазулъ экстремизмалъулъ бугищали чIезабизе Генералияб прокуратураялде гIарза хъвазе буго Пачалихъияб Думаялъ. Гьединго этикаялъул рахъалъ комиссиялде депутатаз кагъат хъвазе буго Жириновский Думаялда цеве вахъине бугеб изнуялдаса бащдаб лъагIалица махIрум гьавизе.

Россиялъул телевидениялдасан Думаялъул вице-спикерас гьарурал кIалъаяздаса хадуб Чачан Республикаялда бугеб ЛДПР партиялъ лъазабуна жидеца гьелъул хIалтIи чIезе толеб бугилан. Дагъистаналда ругел гьезул вакилзабаз гьабураб лъазаби гьечIо жеги. Гьезул сайталда лъураб бищун ахирисеб баян буго исана ихдалго лъураб.
XS
SM
MD
LG