МагъчIваялъе рес

Уцмиюрт: лъаялъул бакIалда гIузру


Уцмиюрт росдал заманалъулаб школа. Гьелда жанир лъимал цIализе бокьун гьечIо эбел-инсуе.
Уцмиюрт росдал заманалъулаб школа. Гьелда жанир лъимал цIализе бокьун гьечIо эбел-инсуе.

Бабаюрт мухъалъул Уцмиюрт росдал школлъимал цIализе риччаларин дандечIей буго эбел-инсул. Щайгурелъул классазда жаниб бугеб пластикалъулги цогидал жалазулги квешаб махIалъ бетIер сверизабун, лагIдолел, унтулел ругила лъимал. Анкьго соналъ халат бахъунеб буго гьеб росулъ школа баялъул суал. 18 сентябралда Уцмиюрталде щвана Дагъистаналъул президентасул вакиллъиги.

Классазда жаниб заман байгун бахъунеб махIалъ лъималазул бетIер сверизабулеб школа Бабаюрт мухъалъул Уцмиюрт росулъ бана лъабго соналъ цебе. Гьеб рагьана доб мехалда Дагъистаналъул нухмалъиялда вукIарав МухIамадсалам МухIамадовги Бабаюрт мухъалъул нухмалъулелги рачIун, школалъе сайгъаталъе бачIун букIана цо телевизорги. ХIакимзабаз рагIи кьун букIана лъагIалидасан цIалдохъаби цIияб школалде рахъинаризе. Гьениб аскIоб балеб буго кIудияб школа.

Амма анкьго сон буго гьеб бан лъугIуларого. Гьединлъидал вагоназул къагIидаялда бараб гьаб цояб школа букIана цохIо соналъ лъимал цIализаризеян гIедегIалихъе бараб школа. Гьелда тIад гьечIо тIох, къадал руго пластикалъулги гьединго гьава-бакъалъулъ балагьун заралиял жал къватIире кьолел цогидаб материалалъулги гьарурал. Масала, цIад бан риччун, хадур ракъвайдал къадаздаса букIунила гьугърул хвезарулеб гIадаб махI.

Гьединго букIине кколеб тIох тIад гьечIолъиялъ дагьабниги хинаб мехалда классазда жанир чIезе бажарулеб гьечIо. Гьединлъидал лъимал хехлъи гьабун къватIире тIурулел руго. Гьелде кIвар буссинабун лъималазул эбел-инсуца чанги къана шагьранухалги, гьаруна митингалги. ЭР-ялъги бицун букIана гьеб киналъулго. Гьебин абуни росабазул даражаялда босани, гIезегIан кIудияб школа буго – анкьнусиде гIагарун лъимер цIалула гьениб.

Уцмиюрталъул школалъул директор Ражабов Назирбегилгун ЭР-ялъул гьадинаб гара-чIвари ккана гьелда тIасан.

Назирбег Ражабов: «Кьураб рагIи тIубалеб гьечIо».

ЭР: «Лъица?»

Назирбег Ражабов: «Лъицаха, хIакимзабазха. Гъоркьисала вукIарав президентас кьун букIана рагIи школа бан лъугIизабизе, гьевги вахъана. Лъаларо, битI гьечIел чагIийищ ниж ругелали».

ЭР: «Назирбег, дун кIалъана лъай кьеялъул министерлъиялде. Гьенисан абуна гьеб школа балеб бугила нужер, Бабаюрт мухъалъул администрациялъ, экономикаялъул министерлъиялъ гIарацги биччан. Гьединлъидал гьеб ишалдехун жидер кинабгIаги хурхен гьечIила».

Назирбег Ражабов: «Гьедин батани, лъилха бугеб гьелдехун хурхен. Гьеб бугев чи къваригIун вугоха нижееги. Гьевги ватичIоголъидал гьеб суалги чанго соналъ хадуб бехъерхъун хутIун бугеб. КIудияб школа буго гьаниб. Нижецаги батIаго цогидаздаса нахъе къан гурелъул гьел лъимал гьарулел. Щибаб лъагIалие ункъ-ункъ класс букIунеб куцалъ гьарула нижераз лъимал (велъулаго). Нижее бачIунеб гIарац къотIана. 90 млн гъурущ букIана биччан. Гьелда тIаса 60 млн гъурущ къотIана. Гьедин гIарацги гьечIого, бан бахъинчIо школа. Гьанже биччалеб ани гIарац, январь моцIалде лъугIулаан гьеб бан».

ЭР: «Гъоб лъица тIаде босун бугеб базе?»

Назирбег Ражабов: «Гумбет мухъалдаса гIолохъанчиясул жиндирго гIуцIи буго. Нагагь гIарац биччачIони, жиндирго ресалдалъунгицин лъугIизабилин вукIана гъов».
Щуго минуталъгицин вахъун чIезе захIмалъанин жиндие гьеб школалъул классалда жаниб, гьединлъидал жинца жиндир лъимер киданиги биччалароанин гьединаб бакIалда цIализеян бицана ЭР-лъе ГIалибег ГIалиевас. Гьев ккола 18 сентябралда Уцмиюрталде щварав Дагъистаналъул президентасул администрациялъул вакил.

ГIалибег ГIалиев, Дагъистаналъул президентасул администрациялъул вакил: «ЛъаратIаса, Болъихъа гочарал гIадамал руго гьенир гIумру гьабун. Жидеего хъулухъал ралагьун рекерахъдулел рукIун, гьанжелъагIан рукIарал хIакимзабазда кIочон тун руго гьел лъимал. Президентлъун вукIарав МухIамадсалам МухIамадовги вачIун рагIи кьун букIун буго исана 1 сентябралдехун школа лъугIизабизе бугилан. Хъулухъалдаса гьевги нахъе ана, балелъубго школаги хутIана. Гьеб жо чIалгIун гIадамаз нух къан букIун буго гъоба. Гъоркьиса гьениве вачIарав лъай кьеялъул министр ГIазизов гьез гъоркьлъалиегицин восун вукIун вуго, школа бачIого жидеца мун нахъе виччаларилан. Гьебго жо жакъа диеги гьабизехъин букIана. Бабаюрталдаса къватиIре рачIунеб бакIалда букIана гIезегIан полицияги. Жидеца виччаларин мун гьенивеян чIун рукIана гьел. Нижерго халкъалъухъе унев вугин дунин абунаха дица. Гьедин гIадамаздаги кIалъана, президентас министрал тIамизе ругин хIалтIизеян абураб жоги бичIчIизабуна».

ПалхIасил, президентасул вакиллъиялъ Уцмиюрталъул гIадамазда гьарун буго дагьабниги дунял гьогьомизегIан лъимал аскIоб бугеб росулъе цIализе риччаян. Гьезие чIезаризе руго автобусалги. Исана школалде рачарал лъимал абуни цебего къан букIараб, хIарщул кирпичазул гьабураб школалда цIализаризе. Гьединго гьанжеялдаса хадуб республикаялъул нухмалъиялъ халкквезе бугин гьеб школалъул суалалда хадубин тIаде жубана ГIалибег ГIалиевас.

Эркенлъи радиоялъухъе кодове щвечIо экономикаялъул министерлъиялда Уцмиюрталъул школалъул суал тIубалев хIакимчи. Лъай кьеялъул министерлъиялда абуни школал раялъул суал тIаде ккола
XS
SM
MD
LG