МагъчIваялъе рес

Унсоколо мухъалъул рохьал рухIулел руго


Дагъистаналъул Унсоколо мухъалъул Балахьуни, Рихьуни росабазул сверухълъиялда лъабабилеб къо буго рохь бухIулеб бугелдаса.

Росдал гIлохъабиги рахъинарун жидеда бажарун букIанин гьеб къезабизе, амма цоги, гIадан ине захIматаб бакIалдасан гьеб цIидасан рекIун гучлъулеб бугин бицана Эркенлъи Радиоялъе Балахьуни росдал бегавул МухIамадрасулица. Гьесул рагIабазда рекъон, цIа рекIараб бакI рикIкIада буго ва аскIоре ине рес гьечIо, амма тIаде балагьун абизе рес буго накIкIи-рохьалъул 4-5 гектаргIанасеб бакIал бухIун бугин хамиз къо къалъилелдейин. Гьесго бицахъе, гьороца хъамун цIадул кверщаликье ккезе рес буго ХарачIи, МокIсохъ росабазул сверухълъиялда ругел рохьалги.
Цiа ккеялъе гIиллалъун ккун букIана 12 марталъул бакIанида гьеб мухъалде рачIун россиялъул аскарияз рохьобе гIарада кьвагьи.

Унсоколо мухъалъул прокуратураялда ва ФСБ-ялда цIех-рех гьабидал гьезги абулеб буго аскариязул рачIиналъулги иналъулги жидеда дандбараб лъалеб жо букIунарин. Балахьуни росдал администрацилъги абулеб буго аскарияз кинаб букIаниги суал жалгун дандбаларин бокьараб мехалъ рачIун рохьазде кьвагьдон цIаялги гъун, гIалахазда боцIиги гIиялги гъурун цереса тIагIунила. ТIабигIаталъеги гIадамазул магIишаталъе ккараб зарал аскариязда бецIизабулев чиги вахъинчIила я мухъалда, я республикаялда.
XS
SM
MD
LG