МагъчIваялъе рес

ХарачIи чIван вуго хъизамалъул эмен


Унсоколо мухъалъул ХарачIи росулъ чIван вуго кIиго лъимадул эмен. Полициялъул баяназда рекъон, гьев чIваялъе гIиллаби кинал рукIаралали гьезда жеги лъалел гьечIо.

Щамат къоялъул сардилъ 29 июналъ сагIат цо тIубараб мехалъ Унсоколо мухъалъул ХарачIи росулъ гIадамазда рагIун буго чанго автомат цадахъго кьвагьулел гьаркьал.
Росдада сверухъ гIиял гIухьбуз хъурмазде, циязде гьабулеб кьвагьи батилилан тIоцебе росдал гIадамаз кIварго гьабичIого тун букIун буго гьеб ахIи-хIуралъул.
Хадуб росдал будунас мажгиталдасан ахIи бан буго жамагIаталде ХIажиев ГIабдулагьил азбаралде хъачагъал кIанцIун ругилан, росдал гIадамал тIаде щвелалде бусада вегаралъувго чIван ГIабдулагьги ватун вуго чIи-чIидилел лъадиги кIиябго лъимерги батун буго.
ЧIварасул лъади ПатIиматил рагIабазда рекъон, гьеб иш гьабун буго гьурмазда маскIаби хурав кIиго чияс.
ГIабдулагьица 2004 абилеб соналъ квана-гьекъолеб бакIалда дагIба-рагIи ккун нусоца хвалил ругъун лъун букIана Унсоколоса 20-го сон барав Алхасов МухIамадида.
Гьеб такъсиралъухъ анлъго сон туснахъалдаги бан 2010 соналъ ГIабдулагь къватIиве вачIана ва росулъ гIадатияб магIишат-яшавалда вукIана.
«Рохьилал» абулел изну гьечIо яргъидгIуцIаразулгун ГIабдулагьил хурхен букIанилан абулелги руго гьезул росулъ.
Полициялъулазги прокуратураялъул хIалтIухъабазги абулеб буго ГIабдулагь чIваялъе мухIканаб гIилла чIезабизе жеги захIматаго бугилан.
ГIабдулагьил гIумрудул букIана 38-сон, гьесул нахъе хутIана лъадиги саназде рахинчIел цо ясги цо васги.
XS
SM
MD
LG