МагъчIваялъе рес

Туннель тун доб рахъалда...


Унсоколо мухъалъул Временный росулъ халат бахъунеб буго изну гьечIого яргъид гIуцIарал ралагьизелъун хасал хъулухъаз лъазабураб низам. Гьеб сабаблъун араб моцIалдаса нахъе къараб гендерил тоннель жеги рагьун гьечIо, абулеб буго гьеб анцIабилеб октябралда рагьизе бугилан. Амма гьебги мухIканаб хIакъикъат букIиналда божулел гьечIо гIадамал. Гьединго хасаб операция тIобитIулаго кIудияб зарал ккарал Времменное росулъ рукIарал гIадамазул гIарзал руго жидее хIукуматалъ кумек гьабулеб гьечIилан.

18 сентябралдаса нахъе къан бугеб гендерил тоннель жеги рагьичIо. Низам цIунулез добмехалъ рагIи кьун букIана гьеб щуго къоялдаса рагьизе, амма нахъе бахъун гьале моцIиде гIагарун заман буго гьеб къан бугелдаса. Абулеб буго 10 октябралда хасаб операцияги рагIалде бахъун тоннель рагьизе бугилан. Амма гьеб баян хIакъикъияб букIиналда щивниги божулев гьечIо. Гендерил тоннель къаралдаса мугIрузул мухъазде хьвадулел гIадамал ине кколел руго Леваши мухъ къотIун, амма гьеб нух Унсоколосан бугелда дандеккун халатаб букIин гуребги, цIакъго хашаб букIиналъ нухда цIикIкIун заман балеб буго.

Хасаб операция байбихьаралдаса нахъе къотIулел гьечIо Времменный росулъ ругел гIадамазул гIарзалги. «Эркенлъи» радиоялъ цебеккунги бицун букIана аскарияз рокъореги жаниреги рачIун гIадатияб халкъалъул къайи минатахъ щущазабиялъул хIакъалъулъ.

Гьеб хасаб операцияялъул хIасилалда чIваразул хIакъалъулъ батIи-батIиял баянал кьолел руго хасал идарабаз. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул вакилзабаз лъазабуна 2 откябралда Временное росулъ хасаб операция тIобитIулаго изну гьечIого яргъид гIуцIаразул лъабго чи чIван вугилан.

Гьал къоязда лъана чIварал изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къадар анкьго чиясде бахун бугилан.

ГьабсагIат Временный росулъ щивниги чи гьечIо гIадатиял гIадамазул, гьел аскIор ругел росабалъ гIагарлъиялъул дора руго рештIун заманалъ. Киналго гIадамал гьениса нахъе рахъинарун лъабабилеб къо рагIула жакъа. Кинавниги Времменный росулъ гIумру вукIун вуго 900 чи. Низам цIунулез гIадатиял гIадамазул рукъзабахъ балагьулеб буго изну гьечIого яргъид гIуцIараз жалго рахчизелъун ракьулъ жанир гьарурал бункерал. Гьединаб мурадгун чIухь бан буго гьал къоязда Времменый росулъ гIумру гьабун вугев Гъуниб мухъалдаса МухIамадов Билалил рокъобги. Живго гьев кIалъазе нижехъе щвечIо. Гьелъул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъе бицунеб буго Шамилхъалаялда йигей Билалил гIагарай чIужу ХIалиматица.

Шамилхъалаялдаса ХIалимат: «Рукъзабазул гIодобакI борлъулеб рагIула гьез, гьеб борлъани лъалин ракьалда жанир гьарурал рукъзабахъ изну гьечIого яргъид гIуцIарал рахчун ругищали. Гьедин жиндир рукъзалги рорлъанин гьез чанго бакIалдасайилан бицана Билалица. Рукъалда гъоркьги гьабураб рукъ букIун буго гьесул батIи-батIияб алат-квара жанибе балеб. Живго цевеги вилъун гьениреги рачанин жинца чIухь балел гIадамал, батулеб батани нужецаго балагьейин хIажатаб жо, жиндир нужедаса бахчараб жо щибниги гьечIилан абунин жинца гьезда. Кинабго рокъоб букIараб къайи-цIаги къватIибе баралъубго гохI гьабун гьебги тун вачIана гьев сон гьаниве».

ХIалиматица гьединго бицана тоннель къан чанго къо индал шагьранухда аскIоб бугеб, гIадамал квана гьекъезе рачIунел рукIараб рукъ кьвагьизабун букIанин Генуса цо гIадамалъул.

ХIалимат: «Жалго жанир рукIине рукъги тун ясалъе кьун букIун буго гьез гьеб рукъ. Ясалъги жийго бетIергьанаб квартира букIиндал, гIадамал квана-гьекъолеб бакIалъе хIалтIизабун букIун буго гьеб. Гьеб рукъалда гъоркь ракьулъ жаниб изну гьечIого яргъид гIуцIарал рахчун рукIаниланги абун кьвагьизабун буго гьеб рукъ. Гьей гIадамалъул ясги, гьелъул яцги, яцалъул ясги жанир тIамун руго. Гьей ясалъул бетIергьанчи вугеб бакI бицейин жидеда бицинчIони нуж къватIире риччазе гьечIилан лъазабун буго гьезда низам цIунулез. Щиб гьезул ккарабали лъаларо.

ЭР: «Дуда лъалааниш гьел?»

ХIалимат: «Гьей гIадамалъул яц поч бикьулей гIадан йикIана Шамилхъалаялда. Жалго лъикI лъалароан».

ХIасил-калам Унсоколо мухъалд ахIвал-хIал жеги гIодобе биччан гьечIо. Жалго гIумру гьабун рукIараб бакI рехун тезе ккарал Временный росулъ рукIарал гIадамал гьабсагIаталъ руго кваназе квенги, тIад ретIине хинаб ретIелги гьечIого кIудияб къварилъиялда. Республикаялъул тIалъиялъул рахъалдаса жидее бугеб къварилъиялда хадуб хал кколеб гьечIилан абулеб буго гьез ва гьез кумек гьарулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулеб ва гурхIел-рахIму цIобалъул кумек гьабулел жамгIиял гIуцIабаздаса. Амма Временный росулъе я журналистал, я ихтиярал цIунулел риччалел гьечIо, гIиллаги гьелъие гьениб хIинкъи бугеб ахIвал-хIал букIин бугилан лъазабун буго рагъулаз церегIан къояз гьенире арал инсанасул ихтиярал цIунулеб «Матери Дагестана» абураб гIуцIиялъул гIадамазда.

XS
SM
MD
LG