МагъчIваялъе рес

Интернет - "хъвадарухъан" ккун вуго Хасавюрталда


Хасавюрталъул полициялъ ккун вуго интернеталдаса халкъ экстремистазул нухде ахIулеб магIнаялъул хъвай-хъвагIай гьарулев ватарав 29 сон барав гьенисаго чи. Гьесда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьизехъин буго. Абулеб буго гьесие туснахъалъул щуго сон кьезе бегьулилан.

Хасавюрталдаса гIолохъанчиясул рокъоб чIухь бан буго цин полициялъул хIалтIухъабаз, хадув вачун ун вуго. Абулеб буго гьес социалиял сетазда тун ругин экстремизмалде халкъ ахIулеб магIнаялъул комментариял. 29 сон барав Хасавюрталъуласда тIад гьанже кIиго статьялда рекъон рагьизе буго такъсир гьабиялъул иш. Гьел ккола «терроралъулаб нухде халкъ ахIулел кIалъаял гьари» ва «халкъалда гьоркьоб кьал ва гъарачилъи бекьи» абурал кIиго статья. Гьелда рекъон рес буго гьесда тIад ялъуни 500 азарго гъурщил гIакIа къотIизе, ялъуни кIиго ялъуни щуго соналъ эркенлъиялдаса махIрум гьавизе.

Гьаб тIоцебесеб хIужа гуро социалиял сетазда хъвадараралъухъ чи жанив тIамураб. Гьанжеялдаса кIиго соналъ цебе гьединалго магIнаялъул хъвай-хъвагIаял таралъухъ эркенлъиялдаса махIрум гьавуна 25 сон барав Даштиев Тимур. 2011 соналда гьес Одноклассники абураб сайталда гIуцIун буго россиялъул аскариязде данде рагъизе гIадамал ракIарулеб къукъа. Гьедин лъабго ункъониги чи кIун вуго гьесда жинцаго соц сетазда гIуцIараб къукъаялда гъорлъе вачине. Амма хадуб гьез инкар гьабунин жидерго рукIарал мурадаздасаян хъвалеб буго жанисел ишазул идараялъ кьураб баяналда. 2013 соналъул маялда диванги гьабун бицен гьабулев Даштиев Тимур ункъо сонги кьун жанив тIамуна.

Гьединго гьаб соналъул феваралалда цо соналъ эркенлъиялдаса махIрум гьавуна Гъарабудагъкент мухъалъул диваналъ Ильясов Джамбулат. Интернеталдаса халкъ экстремисталъулаб нухде ахIулел хитIабал гьарун ратун руго гьесги.

«Эркенлъи» радиоялъухъе щварал цоги баяназда рекъон, гьал къоязда гьединабго куцалъ жанив тIамун вуго МахIачхъалаялдаса цо гIолилавги. Букмекеразул абулеб контораялда гъоркьлъалие лъураб гIарацги лъугIун, налъукье ккарав гьес байбихьула налъи бецIиялъул мурадалда батIи-батIиял гIадамазухъ гIарац бакIаризе. Интернеталдасан гьес лъазабула жив ритIухъав рохьилазул вакил вугилан ва цин жиндирго гIага-божараздаса байбихьун, гьез гIинтIамичIеб мехалъ гьезул лъалел хъвалезде кагътал ритIун байбихьун гьес жиндирго мурад рагIалде бахъинабизе. Иргадулав, жинцаго гIужие восарав чиясда, дур гьадинай гIелалъул яс йиго гурищин, гьей гьадинаб школалда цIалулей йиго гурищ ва гьадинаб гIужалъ рокъое юссунилан хIинкъабиги кьун бахъулеб букIун гьес гьезухъа гIарац ва ахир къадги полициялъхъе кквезе щун вуго.

Жакъа экстремистазулин абулеб магIнаялъул комментариял хъвалел гIадамал кигIан бокьаниги ругин соц.сетазда, гьезда киназдаго хадуб халккун хасаб хъулухъалъул гIадамазухъа хIалкIоларилан рикIкIунеб буго интернет сурсатазулгун хIалтIи гьабулев, МахIачхъалаялдаса Лабазанов МухIамадица. Щайгурелъул жакъа гIадин интернетги, техникаялъул сурсаталги цебетIураб къоло цоабилеб гIасруялда дагьабниги гьелъул бичIчIа бикъи бугев гIолохъанчиясда кIолин батIи-батIияб цIаралда гъоркь интернеталда чанго бтIияб гьумералдасан жиндирго хъвай-хъвагIаял тезе. Гьелъул мисалаги жакъа социалиял сетазда кигIан бокьаниги ругин.

Лабазанов МухIамад: «Мисалалъе, ютубалда руго Крым Россиялда гъорлъе бачIиналда тIасан гIадамаз тарал гIемерал комментариял. Руго гьенир экстремисталъул магIна бугелги, руго цогидалги. Гьеб жакъа тIибитIараб унти ккола интернеталда. Гьелда хадуб халкквезе лъугьинги гIададисеб пишалъун рикIкIуна дица. Щайгурелъул къватIисеб хIукуматалдасаги рукIине бегьула гьенире хъвадарулел чагIи.

Гьедин хъвадарулел чагIи гIемерал рукIине бегьула. Цо чиясул букIине бегьула гьениб чанги батIи-батIияб цIаралда гъоркь чанго аккаунт, гьесда хадуб халкквезе цIакъ захIматаб жо буго, щайгурелъул дица цебеги абухъе интернеталъул жакъа ругел ресалги хIисабалед росани гьел цIакъго церетIун руго. Гьесда кIола живго ватуларев куц гьабизе. Амма гьедин абуниги хасал хъулухъазда валагьизе кIвани ватичIого гьев вукIинаро, амма цIакъго кIвар бугел хъвай-хъвагIаял гьечIони гIиси-бикъинал жалазе гIоло гьездаса живго вахчизе кIола интернеталда вугев чиясда».

Араб соналда Пачалихъияб думалъул халгьабиялде босун букIана Россиялъул хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул Федералияб хъулухъалъе улкаялъул киналго интернет сурсатазда ва социалиял сайтазда хадуб халкквей цIикIкIинабизе рес кьолеб къануналъул проект. Гьедин хасал хъулухъазухъе щвезе руго интернеталда ругезул телефоназул номералги, IP-адресалги, социалиял сайтазда ругезул баяналги, электрониял адресалги ва гьезул хважаинзаби ругеб бакIазул баяналги. «Вымпелком» гIадал интернет провайдераз ахIи бахъинабулеб буго гьеб къануналъ инсанасул ихтиярал хвезаризе ругилан.
XS
SM
MD
LG