МагъчIваялъе рес

Кин гIумру рукIалиде бачинеб?


Терроралда данде гьабулеб къеркьеялъулъ Россиялъул даража цIакъго гIодоб бугин рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз. Хасго гьеб якъинго загьирлъанин араб соналъул ахиралда Волгоградалда тIатIалаго гьарурал террактазда хадубин. Кинал галаби гьаризе кколел загьирлъулеб ахIвал-хIал рукIалиде бачине ккани?

Волгоградалда араб соналъул декабралда гьарурал террактаз рагьун бихьизабунин Россия терроралда данде къеркьеялъе махшел гIолоб гьечIин хъвалеб буго "The Financial Times" газеталъ.

Улкаялъул нухмалъулевлъун вачIаралдаса Путиница гIорхъи тун кIудиял ресалги кьун хIалтIизе таниги Россиялъул хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалухъа жидеда цебечIараб масъала тIабазабун бажарулеб гьечIолъи бихьизабунин гьел террактаз. Гьениб бищунго кеп кьолеб жо, хIукуматалъул нухмалъиялде Путиница рачанин хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул вакилзаби, амма Россия хIинкъиялдаса цIунараб пачалихълъун гьабизе гьезухъа бажаричIин. Рехсараб хъулухъалъул вакил ва гIакълучи Солдатов Андрейил пикруялда рекъон Россиялъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул хIалтIул тактика рекIехъе лъалеб буго Шималияб Кавказалда ругел питначагIазда, гьединлъидалин тероралда данедчIеялда жаниб гьез гьабулеб хIалтIуца кинабниги пайда кьоларебги.


Улкаялъул жанубияб рахъалда бугебги, тахшагьаралда бугебги халкъ ахирисел террактаздаса хадур рахIатхвараб асаралд гъоркь ругин тIаде жубалеб буго гьес. Гьединабго асаралда гъоркь гьел рукIанини 1999 соналъ сентябралда Мсокваялда ва Волгодонск шагьаралда гIемертIалалялъул манаби кьвагьизарун хадурги. Гьелдаса хадуб байбихьанин Чачаналда кIиабилебги рагъ.

Гьебго пикруялда рекъолев вуго Шималияб Кавказалда бугеб экстремизмалдагун терроризмалда данде къеркьолеб централъул вакил Сайдаев Исламги. Волгоградалда тIатIалаго гьабураб вахIшияб теракт букIанин Сочиялда Олимпиялъул хIаял байбихьилалде гьабураб ишанлъун. Гьеб гьабизе букIиналде щаклъиги кколеб букIинчIин.

ЦохIо къуваталдалъун терроризмалде данде къеркьей гьабун бажаруларилан абулеб буго Исламицаги. Гьелъулъ бихьулеб буго гьесда такъсирчилъиялде данде гьабулеб хIалтIулъ россиялъул къуваталъул идарабазул гIодобегIанаб даража. Гьелдаго цадахъ исламица загьир гьабулеб буго гьадинаб пикруги.

Сайдаев Ислам: «Суал бачIунеб буго такъсирчагIазищин гьеб теракт гьабураб яги цоги нилъеда лъаларев чиясищали. Щайгурелъул, федералияб тIалъиялъ гьединаб мугьру чIван бугелъулха гIамм гьабун киналго кавказалъул республикаялъул вакилзабазда. Амма дида кколеб буго гьел такъсиразда нахъа рахчун ругин дагьалги къуватал гIадамал, гьездаго гьоркьор руго росиялъул тIалъиялъулгун оппозициялда ругел гIадамалги. Гьеб гуребги Пачалихъалъул Думаялъ къабул гьабун букIана такъсирчIагIазул хъубал пищабазе гIололъун гьезул гIага-божараз жаваб кьезе кколин абураб къанун. Гьеб къанун гьез гIочIол тIогьиб чIван букIана Кавказалдаса чияс такъсир гьабиялда щаклъи букIун цIех-рехчагIаз гьев ккураб мехалда. Гьанже балагьилаха батIияб регионлдаса чиясда хурхун кин гьеб къанун хIалтIизе бугебали».

Исламица гьениб бицен гьабулеб буго Волгоградалъул вокзалалда кьвагьи гьабурав чи Марий-Эл республикаялдаса Печонкин Павел кколилан цIех-рех чагIаз кьураб баяналъул. Гьанже гьесул эбел-эмен васасул такъсиралъухъ жаваб кьезе тIамиялда жиндир щакълъи бугилан абулеб буго Исламица.

Жакъа кинаб нухха батизе бегьулеб россиялъ терроралда данде гьабулеб хIалтIул къагIида лъикIаб рахъалдехун хисизабизе кканиян суал кьуна нижеца Исламие. ТIоцебесеб иргаялда диниял рикьалабазда хурхун гьабулеб политика хисзабизе кколин буго гьесул пикру.

Сайдаев Ислам: «Терроралда данде гьабулеб къеркьеялъулъ Россиялъ жакъа хIалтIизабулеб буго ГIизраилалъул бугеб хIалбихьи, амм гьеб мисал босизе рекъараб хIалбихьи гьечIо. БатIияб рагIи буго жидерго терроралда данде гьабулеб хIалтIулъ Израилалъ лъикIаб хIасил кьун букIарабани, гьеб мехалъ бегьилан гьелдаса гIураб пайда босизе. Амма гьел жалго руго жакъа Палестиниялъулгун даимаб кьалда. Мисалалъе босани Аламаниялда тероралда данде гьабулеб хIалтIи. Гьезул буго бечедаб хIалбихьи ва гьеб дандеккола Россиялъе. Гьеб цо. КIиабизе босани кьучIдасанго хисизабизе ккола рухIияб рахъалъул суалги. Чиясе рес кьезе ккола жиндего бокьараб динияб рахъалдехун вуссине. Гурого тIокIал чIечIого мегеж тарав гIолилавги, кIаз чIварал ясалги дре гьанире цIацIан гIакъуба кьолеб бугони, киданиги парахалъи рештIинилан кколаро Россиялда. Ва гьарулел терактазул къадарги цIикIкIун гурони дагьлъизе гьечIо».

Терроризмалда данде гьабулеб хIалтIулъ Россия нахъекун букIиналъул темаялде тIадуруссунаго дунялалъулго экспертазул пикруялда рекъон, гьениб бищун кIудияб гIунгутIилъун россиялда ккола, улкаялъул хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул вакилзабазул жанисел дандеккунгутIиял. Регионалда ругел жидерго вакилзабазда божилъи гьабичIого терроралда дандекъеркьей гьабулаго гьез пайда босулеб буго къватIисел улкабаздаса рачIарал баяназдаса. Гьединго лъикIаб къимат кьолеб гьечIо гьез такъсирчилъиялде данде гьабулеб хIалтIуда жанир Дагъистаналъул цIияв нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница росарал хIасилазеги.
XS
SM
MD
LG