МагъчIваялъе рес

БетIерав редактор вухана ункъабилеб нухалда


20 августалда щалали лъаларез вухарав «Дербентские известия» газеталъул бетIерав редактор ХанмухIамадов МухIамадие кIудияб зарал ккун гьечIо. Живго журналистас жив вухиялъул гIилла хурхинабулеб буго Дербент мухъалъул бетIер Къурбанов Къурбанил рахъ кколеб букIиналда.

Ахираб кIиго соналда жаниб ункъго нухалда вухана Дербенталдаса журналист ХанмухIамадов МухIамад. Жеги щалали чIезаризе кIвечIев кIигояс иргадулаб тIадекIанцIи гьабуна журналистасде арбагI къоялъул бакъанида. МухIамадица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана жив хIалтIулеб бакIалда вукIанила жив цIехон гьенире щалали лъаларел чагIи рачIараб мехалда. ТIаде вачIарав чи нуха регIизе къватIиве вахъунев вукIарав жиндида кIалтIа данде кканила гучаб къаркъалаялъул кIиго гIолилав. Жинца гьезда абунила жив вугин ХанмухIамадов, дун вачIинегIан гьенире жанирехун лъугьайин. Гьедин жив тIадвуссун хIалтIулеб рокъове лъугьараб мехалда гьев кIиявго гIолохъанчи гьасда тIаделъун руго. Заруца вухун вуго гьев. Гьезда кодоб ярагъги букIинчIила, щибниги жо жинда абизеги абичIила гьез, жиндаги кьабун руцIцIухIунги рукIун къватIирехун тIурун анилан бицана журналистас.

Кидаго жив вухиялъе гIиллалъун жиндир хIалтIи букIанилан абулеб буго ХанмухIамадов. Дагъистаналъул тIалъиялъе хъулухъалдаса вахъизе къваригIарав, амма гьезде дандечIун жиндир болжал лъугIичIого хIалтIудаса инарин вугев Дербент мухъалъул бетIер Къурбанов Къурбанил рахъ ккун букIиналъ кьабанин жив гьаб нухлдайилан лъазабулеб буго ХанмухIамадовас.

ХанмухIамадов МухIамад: «Къурбановасул рахъалда дун вукIин гурони гьаб нухалда дун вухиялъе гIилла дида лъаларо. Цебени дун хIакимзабазе, бечедал чагIазе, къуваталъул идарабазе данде кколарел жал хъваялъ вухун вукIана. Ахираб заманалда дица гьединал макъалабиги хъван рукIинчIо. Гьанжего гьанже Дербент мухъалъул газеталъул редакторлъунги вахъун, гьелъул хIалтIи роцIцIинабулеб букIана. Дица Къурбан Къурбановасул рахъккун букIинги лъидасаниги балъго гьабулеб букIинчIо. Гьедин букIунин абун батIаго гьесул рахъккун я хъвадаричIо дун, яги цойгидазда абичIо гьедин гьабейилан. Республикаялъул тIалъиялъ Къурбановасдехун рекъечIел жал гьаризе байбихьараб мехалда, дица цохIо гьеб киналъулго бицине Дербент мухъалъул бетIерасул рес букIине журналисталги ахIун кIудияб пресс-конференция гIуцIун букIана».

ХанмухIамадовас гьединго бицана жиндир чорхое кIудия зарал ккун гьечIила, къаркъалаялъул бека-биххараб бакIги гьечIила. Тохтурзабаз чIезабун буго бухиялъул хIасилалда ХанмухIамадовасул ботIрое дагьабго зарал ккун бугилан, амма гьелъие дару азарханаялда вегичIого рокъобго гьабуни тIубалеб хIал бугилан.

МухIамад ХанмухIамадов анцIгогIан соналъ хIалтIана «Черновик» газеталъул хасав мухбирлъун, «Площадь Свободы» абураб газетаги гIуцIун жинцаго гьелъие бетIерлъиги гьабунги вукIана цо чанго соналъ гьев. Кив хIалтIулев вугониги хIинкъи гьечIого, сункьаниги нахъе къачIого хъвадарулев, ритIухълъи балагьулев чи вугин МухIамад гьединлъидал гьесул макъалабазе гIоло гьесие жиндиего гIемер къварилъиги кканилан абун бицана «Эркенлъи» радиоялъе чанго соналъ гьесда цадахъ «Черновик» газеталда хIалтIарав МухIамадов МухIамадица.

МухIамад МухIамадов: «ХанмухIамадов вуго гьаб заманалда къанагIатав рекIеда щибго хъублъиги гьечIого, ракI-ракIалъ жиндирго хIалтIи гьабулев чи. Гьев кидаго ритIухълъиялъе гIоло къеркьелев вукIуна, гьеб балагьулелъулги, жиндирго макъалабазада батIалъи гьечIого бокьараб жо хъвала гьес. Цойгидал гIадин хIинкъун щиб, жидеего цIодорлъи гьабун щиб, бегIерал бокIназдаги хъваларедухъ хIалтIулев чи гуро гьев. ГIемерисел журналистал рукIуна информационниял рагъазул гIахьалчагIилъун. Гьединго хIакимзабазги бечедал чагIазги гIарцухъ жидеего къваригIараб хIалалъ информация къватIибе кьезеги хIалтIизарула журналистал. Гьединаб ишалъул чи гьечIо МухIамад. Гьес лъилниги рахъ кколеб бугониги лъидасанниги гьеб балъгоги гьабуларо, рагьун кинабго загьирги гьабула, киналгIаги информациялда хурхарал хIилла-рекIкIазда гъорлъги гьев вукIунаро, гьединлъидал гьеб ишалдасан гIарацги щоларо гьесие».

2 соналда жанив МухIамад ХанмухIамадов лъабцIул вуханиги цохIониги нухалъ гьеб тIадекIанцIи гьабурав чи чIезавичIила ва кквечIила къуваталъул идарабазилан. Гьаб нухалдаги гьел кквеялда жиндир щаклъи бугин абулеб буго журналистас.

Англиялъул ВВС каналалъул баяназда рекъон Европаялда журналистазе бищун хIинкъицIикIкIараб бакIлъун кколеб буго Дагъистан. Гьенир хIалтIулел журналистал бищунго цIуна-къай гьечIел ругин, гьезул тIалаб гьабулеб цониги официалияб идараги гьечIилан лъазабулеб буго ББСялъ. Гьел баяназе нугIлъи гьабулин 20 соналда жанир Дагъистаналда I7 журналист чIваялъги, цохIониги гьеб такъсир рагьичIолъиялъгийилан абулеб буго жалго дагъистаналъул журналистазги.

XS
SM
MD
LG