МагъчIваялъе рес

Кьвагьиязул хъуй тагIунеб гьечIо...


АрбагI къоялъул бакъанида МахIачхъалаялда гьабураб кIиго кьвагьиялъул хIасилалда хун вуго цо, анцIгоялдасаги цIикIкIун чи лъукъун вуго.

АрбагI къоялъул бакъанида МахIачхъалаялда гьабураб кIиго кьвагьиялъул хIасилалда хун вуго цо, анцIгоялдасаги цIикIкIун чи лъукъун вуго.

Лъеберабилеб октябралда МахIачхъалялъул Къоркъмасовасeлгун Дахадаевасул цIаралда бугеб къватIал цолъулеб бакIалда гьабураб кIиго кьвагьиялъул хIасилалда хвана цохIо чи Гьев ккола 63 сон барав МахIачхъалаялъулав. Лъукъун руго полициялъул щуго хIалтIухъанги 12 гIадатиял гIадамазул чагIиги. ГьабсагIат гьенир хIалтIулел буго цIех-рехчагIазул кIудияб къукъа. КIиябго кьвагьи ккун буго гьоркьоб щуго минут гIанасеб заманги, къаси сагIат щуго тIабазе I5 минут хутIараб мехалъ.

Кьвагьиялъул хIакъалъулъ Дагъистаналъул жанисел ишазул пресс-хъулухъалъ кьурал баяназда абулеб буго 14-абилеб маркаялъул автомобилалда рекIарал чагIиги рачIун руго кIиябго тукада цеб кьвагьул алатги лъун ун ругин гьел нахъеян. Кьвагьиялъул хIасилалда Дербент абураб гIаракъигун чахир бичулеб тукен тIубанго бухIун лъугIун буго. Гьединго зарал ккун буго мадугьалихъ рукIарал тукабазеги.

Кьвагьи ккун арал тIоцересел сагIтаз абулеб букIана гьеб теракт кколилан. Амма нахъисеб къоялъ батIи-батIиял баянал раккана гьелда сверухъ. Мисалалъе нижехъе щварал мухIкан гьаричIел баяназда рекъон чанго къоялъ цебе гьеб кIиябго тукадул бетIергьабазухъе рачIун лъазабун буго жидее гьеб бакIалда 10- тIалаялъул кIудияб мина базе ракIалда бугин нужеца гьеб бичейин жидеейилан. Тукадул бетIергьабаз гьезие кинаб жаваб кьурабали лъалеб гьечIо, амма кьвагьи гьабун букIиналъ гьеб киналъего кьучIчIаб жаваб кьолеб букIин бихьизабулеб бугилан рикIкIунеб буго экспертаз.

Эркенлъи радиоялъул хIалтIухъан щвана кьвагьи ккараб бакIалде. Кьвагьараб тукадул цохIо чIваднал руго гьенир эхетун. Тукадул бетIергьабазул щалниги нижехъе кIалъазаризе щвечIо, гьел гьенир рукIанищ рукIинчIищалиги лъихъаниги баян щвечIо, кьвагьи ккараб бакI низам цIунулел сверун ккун букIана, гьенире аскIоре щалниги риччалелги рукIинчIо. Диктофоналдасан жиндир гьаракь бахъулеб батичIони бицинилан нижее шартIги лъун гIицIго цо чIужугIадан разилъана жиндирго пикру бицине. Гьале гьелъ кьураб баян.

«Кьвагьи ккелалде цебе цо гIолохъанчи вукIана таманаб мехалъ кьвагьараб тукен бугеб рахъалдехунги валагьун чIун. Жиндего щаклъи цIикIкIинабулеб хIалалъ чIун вукIана гьев гьенив эхетун. Низам цIунулезе бокьун букIарабани гьезда кIолаан гьеб кьвагьи чIезабизе. ТIад таманчаги барав чи вачIинеги вачIун гьенибе кьвагьул алатги рехун ун вуго нахъе. Гьеб кинабго къватIир ругел видеокамераяздеги бахъун рагIула. Гьединго бицунеб букIана кьвагьилалде цебе тукадеги рачIун гьел чагIаз абун бугин нижеца гьаб бакI кьвагьизабизехъин бугин нуж нахъе айилан. Цебеккунго гьединаб баян щун букIаго щайха хехал тадбирал тIоритIичIел полициялъ. Дица гьеб киналъулго сон кьвагьи ккун хадуб бицине байбихьидал цояс абуна дида, Йо, мун кийин йигей гьабсагIат гIумру гьабун. Дица абуна кийинха йикIиней Дагъистаналда йигинхаян. Йигей ятани кIалги къан юцIцIухIун йикIанин, дур хIакъикъат гьаниб лъиениги къваригIун гьечIилан».

ТакъсирчагIи тад рекIун букIараб автомобиль тахшагьаралъул Ермошкинил ва Ярагъиясул къватIал цолъулеб бакIалде рехун батун буго, кIалалда скотчги жемун гьелъул шофер ватун вуго.
XS
SM
MD
LG