МагъчIваялъе рес

РакI бакъвазабулеб статистика


Щибаб моцIица «Кавказский узел» сайталъ гьабулеб хIисаб-суалалда рекъон исана апрелалда Шималияб Кавказалда чIван вуго 34 чи, лъукъун вуго 33 яв. Гьеб балагьаб сияхIалда гьоркьоб тIоцебесеб бакIалда гьанжеги буго Дагъистан. Ахираб чанго соналда жаниб гьеб цебесеб бакI лъихъего биччалеб гьечIо нилъер республикаялъ. Гъоркь моцIалъ Дагъистаналда чIван вуго 22 чи, I3 яв лъукъунгги вуго.

Гьезда гьоркьоса чIван вуго полициялъул 9 хIалтIухъан, хасал тадбирал тIоритIулаго, изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъ рукIин щаклъи бугев I3 чиги ва 4 гIадатияв чиги чIван вуго.

Май моцIалъги гьеб «бергьенлъиялъул» чIел лъихъего кьеларин Дагъистаниязин ккола, щай гурелъул цо чанго сордо - къоялда жанив чIван вуго I0ниги чи, лъукъун руго лъабгоял.

Миллияб терроризмалде дандечIараб комитеталъул лъазабиялда рекъон 8 ва 9 маялда Губденалда ва Шамхал-Янгиюрталда унел рукIун руго хасал тадбирал. Гьезул хIасилалда Губденалда чIван вуго 4 ва Шамхал-Янгиюрталда чIван вуго 3 изнугьечIого яргъидгIуцIарав. Гьединго Шамхал-Янгиюрталда хасал тадбирал тIоритIулаго чIван вуго къуватазул идарабазул цо хIалтIухъан ва лъукъун вуго лъабгояв. Гьаб сагIат гьел лъукъаразул гIумруялъе щибго хIинкъи гьечIилан лъазабулеб буго Дагъистаналъул Жанисел Ишазул Министерлъиялъ.

«Эркенлъи» радиоялъ гьабураб цIех-рехалда рекъон гIемерисел дагъистанияз рикIкIунеб буго Рамазан ГIабдулатIипов нухмалъуде вачIиндал цIакъго-цIакъ лъугьанин изнугьечIого яргъидгIуцIаралин рикIкIунел чагIазде данде рагъгьабизеян. ГIемерисезул пикруялда рекъон гьел тадбирал гIададисел бидул гIорал тIей кколеб буго, щай гурелъул кигIан чIваниги салафиязул ва изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьерал цIикIкIун гурони дагьлъулел гьечIо. Гьединго гIадамазул пикруялда рекъон Москваялъул тIалабал тIуралев вукIинчIого кIиябго цоцалъ рагъулел ругел кIиябго рахъалда гьоркьоб маслигIат гьабизе гIамал гьабизе кколаан ГIабдулатIиповас.

МахIачхъалаялдаса тохтур ва жамгIияв хIаракатчи Муса Мусаеваул пикруялда рекъон Рамазан ГIабдулатIипов вачIун хадуб цIакъго гIемер ва кьваризарун хасал тадбирал тIоритIиялъе гIилла буго ахираб заманалда Дагъистаналъул полициялъул чIахIиял хъулхъазда рукIарал чагIазул «рохьилаздехун» хурхен бугел бугин абураб информация къватIибе бачIин.

Муса Мусаев: «Дида ккола къуваталъул идараби церего гIадин ругьунабго хIалалъ хIалтIулел ругин. Республикаялда тIалъи хисун хадуб, Дагъистаналъул полициялъул жавабиял хъулхъазда ругел хIалтIухъабазул, рохьилазулгун хурхен бугилан абураб информация къватIибе бачIана. Гьелдаса хадуб гьел полициялъул хIалтIухъабазул хIаракатчилъи бугин рикIкIун дица ахираб заманалда республикаялда тIоритIулел ругел хасал тадбиралилан. Цереги гьел дагьал рукIинчIо, амма ахираб заманалда цIакъго гIемер би гIодобе тIурал, вахIшиго тIоритIулел хасал операциял гIемерлъун руго. Гьел полициялъул тIалъиялъ жидерго хIакъалъулъ информация къватIибе бачIиндал рихьдаего гьарулел ругин ккола дида. ГIадамазул пикруялъул ургъел гьабун гуреб, тIалъиялда жалго лъикIаб рахъалъ рихьизаризелъун руго гьел къеркьелел»

Гьединго Мусаевасул пикруялда рекъон Рамазан ГIабдулатIиповас ахираб заманалда тIалъиялда гьарурал хиса-басияз гьеб чIвай-хъвеялъул иш дагьлъизабизе ккола.

Муса Мусаев: «Ахираб заманалда гIемерал хиса-басиял гьаруна Рамазан ГIабдулатIиповас власталда. Гьесул кумекалдалъун хисанин рикIкIуна дица къуваталъул идарабазул нухмалъулелги. Жинцаго нахъе рахъун бажаричIониги бажарулезул кумекалдалъунгIаги хисана республикаялъул прокурор Назаров, гьесдаго хадув хIалтIудаса вахъана Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул нухмалъулев Саврулин, цохIо сумалда ван хутIун вугин Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъулев ГIабдурашид МухIамадовилан бицунеб буго гIадамаз. Дида ккола къуваталъул блокалъул нухмалъи хиси бугин хасгьабун гьаб сагIат Дагъистаналда бугеб захIматаб хIал хисизабизелъун гьабулеб ишилан. Рамазан ГIабдулатIипов вуго цIодорав, лъай ва хIалбихьи бугев сиясатчи.

Гьединго дир пикруялда рекъон гьев вуго унго-унголъунги жиндирго ВатIанги халкъги бокьулев чи. Дида ккола гьес батIаго Кремлиялъ малъарабги гьабичIого теларин, амма нилъер халкъалъе лъикIлъиялъе хIалтIичIогоги вукIинарин. Гьесдаги нилъедаги бичIчIулеб буго гIезегIан лъикI гьадинан нилъ гIемераб мехалда бажарулареблъи. Салафиязул чIваниги, суфиязул чIваниги, рохьилалгун полициялъулал чIваниги гьеб буго нилъер халкъалул балагь ва унти, кинал чIваниги гьел нилъер гIадамаллъидал».

Ахиралдаги Мусаевас абуна щив сиясатчи тIалъиялде вачIаниги кинаб хIалтIи гьес гьабуниги гIадамазул бичIчIи гьечIони гьес щибго хисизабуларин. Гьесул пикруялда рекъон гIадамаз салафиял такъсирчагIи ругин, насранияб диналъул чагIи капурзаби ругин, суфиязда цоги кинаб бугониги гIайиб чIвале бугони жамгIияталда тунка-гIуси киданиги лъугIизе гьечIо.
XS
SM
MD
LG