МагъчIваялъе рес

Дагъистан нахъеккеялъе гIилла сунудулъ бугеб?


Регионал социалиябгун-экономикияб рахъалъ цебетIеялъул хIасилал рихьизарулеб рейтингалъул сияхIалда Дагъистан буго бищун ахириял бакIазда. Экспертаз гьелъие рачунел руго батI-батIиял гIиллаби. Гьелда гъорлъ аслияб бакI кколеб буго республикаялда хIалтIи гьечIезул къадар цIикIкIин, харжал кIудиял гьечIолъи ва гьединго ришватчилъиги. Кинал ресал ругел Дагъистаналъе гьеб хъарцинлъиялдаса рорчIизе?

БатIи-батIиял эксперталгун гьеб суалалда тIасан цIех-рех гьабуна «Эркенлъиялъ». Рейтингалъул хIасилаз бихьизабулеб буго къватIиса хIукуматалъул инвесторазда Шималиб Кавказалда батIи-батIиял проектал гIумруялде рахъинариялъе гIарац биччазе гьезда ракIалда гьечIеблъи. Гьлъие аслияб гIиллайин абуни добго буго - Кавказалда хIалуцараблъун хутIулеб буго криминалияб ахIвал-хIал.

КъватIиса пачалихъалдаса инвестициязул рачIунареб щуго регион рехсолеб буго гьениб. Гьел ккола Чачанал Гъалгъаязул республика, Гъабардагун Балкаразул ва Черкесазул республика гьединго Шималияб Осетия. Гьел республикабазда гьоркьоб Дагъистан рехсолеб гьечIо, амма социалиябгун экономикияб цебетIеялъул рахъалъ рачIчIалтIа буго Дагъистан, 89 регионазда гьоркьоб гьеб буго 63 бакIалда. Кавказалъул цогидал республикаби цо дагьал церегIан руго гьелдаса.

Дагъистналда ги Каказалъул цогидал регионазул гIумруялъулъ росдал магIишаталъул бутIаялъ лъикIаланго бакI кколеб букIинги экономикияб рахъалъ цебетIеялъе рахъалъ гьелъ кIудияб асар гьабулеб гьечIилан абулеб буго экспертаз. Ахираб заманалда гIемер бицунеб букIана дагъистаналда росдал магIишат цебетIезабиялде кIудияб кIвар кьезе бугин, гьелъие хIукуматалъул рахъалдаса гIемераб гIарац биччазе бугин, хIадур гьаризе ругин батIи-батIиял проектал ва гьел гурел цогидалги кIалъаял гьаруна республикаялъул цеве вукIарав нухмалъулев МухIамадов МухIамад Саламицаги. Гьелдаго тIадчIей гьабуна жиндирго кIалъаязда заманаялъ Дагъистаналъул нухмалъулевлъун тIамурав ГIабдулатIиповасги.

Росдал магIишат цебетIезаби гьеб цIакъго захIматаб масъала кколин жакъасеб дагъистаналъеян бицана «Эркенлъи» радиоялъе социлог ГIабдулагъатов Загьидица. Республикаялда бащадалдасаги цIикIкIун ракьал чIорого хутIун руго жакъа,гьел хIалтIизаризе гIадамазул гъираги гьечIин батIи-батIиял гIиллабазда бан. ТIоцебесеб иргаялда халкъалъухъе щвезе толеб гьечIин ракь хIалтIизабизе биччараб гIарац, гьединго бакIалъулаб нухмалъиялъул идарабазги квал-квал гьабулеб бугин гьелъиеян абулеб буго гьес:

ГIабдулагъатов Загьид: «Гьеб цIакъ захIматаб суал ккола. Масала, дида лъала цIолбохъанлъиялъул магIишатазда бугеб ахIвал-хIал. Кьерцисала бараб гIаздадаса хадур цIорон иш лъугIарал гьел магIишатал кинан рукIалиде рачIинарилелали лъаларого руго. Гьезда кверчIвазе гIарац биччанигицин хIасил ккелебищали лъаларо. ТIадежоялъе лъаларо гьеб гIарац цIолбохъабазе щвелебищалиги. Гьединлъидал дир хIисабалда, пачалихъалъ щибаб хурул бетIергьанасда тIадкъазе ккола жиде-жидер хурул тIалаб гьабизе. Гурони экономика цебетIезе гьечIо. Дагъистаниял бетIербахъи гьабизелъун унел руго Волгоград, Астрахань ва цогидал мухъазде. Гьенире унел руго гьел республикаялда ракьалги чIунтизе тун».

Социалиябгун экономикияб рахъалъ Дагъистана нахъеккеялъе ГIабудлагъатов Загьидица рехсана цогидал гIиллабиги, хIалтIи гьечIолъиги, рищватчилъиги, магъало бакIариялъул рахъалъ суалги, динияб рахъги ва гьел гурелги.

ХIукуматалъул хъулухъчагIазул харж лъикIаб гьечIолъиялъул хIасил кколин Дагъсстан гьедин экономикаялъул рахъалъ хъарцинго хутIиялъе бищун кIудияб гIиллаян загьир гьабуна жиндирго пикру хIукуматалъул тIолалго хъулухъчагIазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев МухIамадов ГIабдуллаца. Харжалъул суал рукIалиде бачIинабурабани магъало бакIариялъул ишги мухътIе бачIинаанилан рикIкIунеб буго профсоюзалъул нухмалъулес:

МухIамадов ГIабдуллагь: «Дагъистаналда хIалтIулел хъулухъчагIазул гьоркьохъеб бищунго гIодобегIанаб харж буго жакъа 9 азарго гIанаб гъурущ . Экономикаялъул рахъалъ цебетIеялъул тIоцересел хIасилал гьарулаго тIоцебе хIисабалде босула мугIалимасул тохтурасе моцIрое щолеб харж кигIан бугебали. ХIисаб гьабеха дова Москваялда вугев мухъилав тохтурасул харж буго 67 азарго гъурущ, Дагъистаналда вугесе абуни щолеб буго 8-9 азарго гъуруш, бетIрав тохтурасе щолеб буго 14 азарго, амма гIаммаб куцалъ киназго абулаха ичIазарго щолин жидеейилан.


Гьединабго ахIвал-хIал буго мугIалимасе щолеб харжалъулги. ХIасил-калам хъулухъчагIазул махщалил цолъиялъул вакилълъиялъ киназулго пикру буго хIууматалъул хIалтIухъабазул харжал ращад гьаризе ккола, россиялда ругел хъулухъачагIазе щолеб гьоркьоб харжалда, гьеб буго бищун унтараб суал»

Экономикаялъул рахъалъ ахирисел бакIазда рукIаниги, бакIал такъсиразул ва криминалияб ахIвал-хIалалъул рахъалъ цогидал регионазда гьоркьоб тIоцебесеб бакIалда буго гьабсагIаталъ Дагъистан.



XS
SM
MD
LG