МагъчIваялъе рес

Коррупция лъугIизабуни «рохьилалги» тIагIина


Хучни. 10.03.2014. Табасаран мухъалъул нухмалъи нахъе ин тIалаб гьабураб митинг
Хучни. 10.03.2014. Табасаран мухъалъул нухмалъи нахъе ин тIалаб гьабураб митинг

Табасараналъул гIадамаз рикIкIунеб буго, мухъалъул нухмалъиялъ бюджеталъул гIарац пасат гьабулеб бугин. Гьезулго пикруялда, тIадтаразда буго жавабчилъи мухъалда "рохьилазул" къадар цIикIкIунеб букIиналъулги. 10 марталда гьедин рукIкIунел гIадамаз Хучниялда тIобитIана митинг. Гьелъул гIахьалчагIаз тIалаб гьабуна мухъалъул нухмалъи хиси.

10 марталда Табасаран мухъалъул Хучни росулъ тIобитIана гьеб мухъалъул нухмалъи хисиян тIалаб гьабураб митинг. Акция гIуцIаразул ва гьениб кIалъазе рахъаразул рагIабазда рекъон бакIалъулаб тIалъиялъ бикъун пасат гьабулеб буго мухъалъул бюджеталъул гIарац, гьеб тIалъиялъ квербакъиги гьабун къойидаса-къойиде Табасаран мухъалда бугеб изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаги кIодолъулеб ва къуватаблъун лъугьунеб буго. Гьединлъидал гьеб тIалъи хисичIого киданиги гIадлу-низам букIунарин Табасараналдайилан лъазабуна митингчагIаз.

Итни къоялъ Табасаран мухъалъул Хучни росу бакьулъ тIобитIараб бакIалъул тIалъиялдаса разигьечIезул митингалъулъ гIахьаллъана кинавниги 300 гIан чи. Гьел чанго нухалъ цIикIкIун рукIине кколаанин, амма 8 марталъул хIурматалда, россиялда киса-кибего I0 Март гIодобкъолъун лъазабун букIаниги , Табасаран мухъалъул нухмалъиялъ гьеб мухъалъул киналго школал хIалтIизе тIамун руго . Митинг гIуцIарал табасаран мухъалъул коррупуциялде данде чIараб союзалъал вакилзпбаз лъазабуна, бакIалъул администрациялъ ургъунго, митингалде гIадамал рачIинчIого рукIиналъе гIоло хIалтIизе тIамунин гьел школалилан.

МитингчагIаз бищун цебе тIалаб гьабулеб буго Табасаран мухъалъул тIалъи хисеян. Гьезул пикруялда рекъон цеве вукIарав мухъалъул бетIер ШихмухIамадов НурмухIамадил бакIалда Алавудин Мирзабалаев тIамуниги, гьев цеве вукIарав нухмалъулесул рахъккурал, гьесул чагIазул цIун бугин администрация. Гьел ругила цIогьал ва коррупционерал, тIаде жоялъе гьезул кумекалдалъун Табасараналда бакIарун бугила къуватаб изнугьечIог яргъидгIуцIаразул къокъа. Гьединал чагIи нухмалъуда рукIаго гьеб мухъалда киданиги гIадлу лъугьине гьечIин лъазабуна акциячагIаз.

Митингалда цеве вахъунев вуго коррупциялде данде къеркьолеб жамгIияб гIуцIиялъул гIахьалчи Къурбанов Гъазихан (квагIисса)
Митингалда цеве вахъунев вуго коррупциялде данде къеркьолеб жамгIияб гIуцIиялъул гIахьалчи Къурбанов Гъазихан (квагIисса)
Къурбанов Гъазихан: «Хисулареб, коррупционеразул тIалъиялъ рахъ ккун, гьезулгун гьоркьоблъи ва гIагарлъи букIиналъин Жанубияб Дагъистаналда бугеб изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъа къойидаса-къойиде къуватаблъун лъугьунеб бугеб, гьеб къокъаялъулъ ругел гIолохъабазул гIемерисел табасаранал ккола. Гьеб тIалъиялъул хъубал ишазе гIолойин рохьоре унезул къадар къо бахъанагIан цIикIкIунеб бугеб. Цо-цоккун гьел рохьилал кколел чIвалел рукIунин абун гьезул кьерал лъедерлъиларо. Гьел рохьоре ине тIамураб системаялде данде къеркьезе ккола. Рохьилалго гIадин диванцин гьабичIого чIван реххулел рукIарал ани гьел коррупционерал ва такъсирияб тIалъиялъул вакилзаби, гьезул гIун бачIунеб гIелал цониги хъулухъалде росулареб хIалги гьабулеб букIарабани цониги рохьилал рукIунароан. Амма гьеб бичIчIулеб гьечIо тIалъиялда, гьеб халкъалъухъ гIенеккунги гьечIо, амма тIалъиялда халкъалъул гьаракь рагIулареб мехалдаха Киевалда гIадал майданал ракIарулел» - ян бицана митингалда кIалъазе вахъарав Табасаран мухъалъул коррупциялде дандечIараб жамгIияб советалъул член Къурбанов Гъазиханица.

Митингалда рорхана халкъалъул ракI унтарал гIемерал суалал. Гьезда гьоркьор халкъалъул бищунго рахIатхвезабураллъун ругоан хIалтIизабизе ракьал кьунгутIиялъул ва росдал магIишат цебетIезабиялъе пачалихъалъ кьолеб гIарац, хIакимзабаз жидеего бокьаразе гурони кьунгутIиялъ.

ХIажиев Мигдад: «Пачалихъалъ росдал магIишат цебетIезабиялъе биччалеб гIарац щвезе ккани мун вукIине ккола Табасараналъул администрациялъул хIалтIухъабазул гIагарав, божарав чилъун. Гурони дуе гьеб щоларо. БоцIул цониги бетIерцин рокъор гьечIел, жидерго гIагарал чагIазда тIадги хъван гьеб кинабго гIарац бикъун лъугIизабун буго Табасараналда. Нижер советалъ гьелъул кинабгIаги цIех-рех гьабуна, гьелъул хIалисал къуваталъул идарабаздеги щвезарун руго. Гьелде тIадеги школазе хIажатаб къайи-цIа босизе, гьел къачIазе биччан букIун буго мухъалъул бюджеталдаса 6 миллион гъурущ, амма гьебги кинабго бикъун лъугIун буго. Гьебги нижеца тIатинабуна. Табасараналъул администрациялъул росдал магIишаталъул идараялъул нухмалъулев Кумалатов Кумалат буго гьеб киналъулго бетIер. Гьесго гъоркьисала I6 гектар цIолбол ахазул чIанин абурал гьереси документалги гьарун гьеб гIезабизе гIарац босун буго пачалихъалъухъа. Гьебги лъан нижер советалъ ахIи-хIур бахъинабураб мехалда гьечIеб гьеб ах гьес хванин-бакъванин абурал документалги гьарун гьоркьоб инабуна, амма нижеца гьеб иш рагIалде бахъинабизе буго», - ян бицана митингалда Табасараналъул коррупциялде дандечIараб жамгIияб советалъул нухмалъулев ХIажиев Мигдадица.

Митингалъул гIахьалчагIазда цеве вахъунев вуго Табасаран мухъалъул бетIер Мирзабалаев Алавудин (квагIисса)
Митингалъул гIахьалчагIазда цеве вахъунев вуго Табасаран мухъалъул бетIер Мирзабалаев Алавудин (квагIисса)
МитингчагIаз ахIун гьениве вачIун вукIана Табасаран мухъалъул бетIер Мирзабалаев Алавудинги. Гьес киназдаго лъазабуна митингалги тIоритIун жиндасан щибниги тIалаб гьабизе лъугьунгейин нуж, жив вугила къануналда рекъон хIалтIулев чи. Нужеца тIалаб гьабунини абун хIалтIудаса гIадамалги жиндица рахъун бажаруларила. Жиндица къануналда рекъон рукIине кколел тадбиралги гьарун , хIалтIун бажаруларел чагIиги нахъе ритIун цIигьабизе мухъалъулаб тIалъи. Гьединго къануналде данде кколареб хIалалъ росдал магIишат цебетIеялъе гIарац босиялъул ишалъулги цIех-рех гьабизе бугила. ХIалтIизе бокьарал чагIазе бокьараб мехалда жиндихъа бажарараб кумекги гьабизе бугила, кидаго гьезие хIалаеги вахъине вугин живилан лъазабуна Мирзабалаева.
XS
SM
MD
LG