МагъчIваялъе рес

ХIасанов Заурил ишалда бан иргадулаб данделъи


9 июлалъ Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялда тIобитIана кIиго полициялъул хIалтIухъан чIваялъул гIайиб гIунтIизабулев вугев Заур ХIасановасул ишалъул иргадулаб данделъи. Гьесул адвокатас рикIкIунеб прокурорги диванчиги рекъон гьеб иш къануналде данде кколареб хIалалъ гьабулеб бугилан.

ЦIех-рехалъул идарабаз Заур ХIасановасде гIунтIизабулеб буго 2011 соналъул августалда Избербаш шагьаралда кIиго полициялъул хIалтIухъан чIваялъул гIайиб. Гьезул баяназдf рекъон, Избербашалъул ахикь Заур ХIасановас ва гьесул гьалмагъ МухIамад ГIабдусаламовас гьезде аскIоре, халгьабизе документал кьейилан абун рачIарал кIиго полициялъулав чIван вуго. Гьел чIваялъе гIиллалъун букIанин ГIабдусаламов ва ХIасанов вагьабиязул кьерулъа чагIи рукIинилан рикIкIунеб буго цIех-рехалъул идараялъул вакилзабаз.

ХIасановасул адвокат Мурад МухIамадовасул рагIабазда рекъон гьеб чIвай-хъвей ккараб мехалда Заур МухIамадов Дагъистаналдацин вукIун гьечIо. Жиндирго инсуда ва вацасда цадахъ Ставрополалда бакIал раялъул хIалтIабазда вукIун вуго. Гьеб бакIалдаса квералъ хъвараб цо документги бихьизабун вачун ун вуго Заурги гьесул вацги. Нахъа Заурил вац Камильпаша вухизеги вухун цо рахъниве реххун тун вуго. Гьесул кIудияв вацги вухун вуго Ставрополалъул цIех-рехалъул идараялда. Гьелдаса хадуб МахIачхъалаялдаги Избербашалдаги туснахъалъуб гIазаб кьолеб букIун буго Заурие полициялъул хIалтIухъаби чIваялъе мукIурлъейилан абун. Гьедин бицана адвокатас.

Гьединго адвокат МухIамадовас «Эркенлъи» радиоялъе бицана Заур МухIамадов гьел полициялъул хIалтIухъаби чIвараб мехалда Дагъистаналдацин вукIинчIин абун нугIлъи гьабун бажарулел гIадамал диванханаялде риччалел гьечIин диванчиясилан. Гьеб гуребги, гIемерал къануналде данде кколарел, инсанасул ихтиярал хвезарулеб хIалалъ унеб бугин диваниланги абулеб буго адвокатас.

Мурад МухIамадов: «Нижер аслияв нугI ахIейин баянал кьезе диванханаялдейилан дица абидал прокурор гьелде данде чIана, диванчиясги гьесул рахъ ккуна. Гьеб кибниги букIине бегьулеб иш гуро. ЦIех-рехчагIаз гьев чи гIайиб гIунтIизабулеб бугеб рахъалъул нугI вугин хъван букIун буго. Гьезги къануналда рекъон, жидер ихтияр бугила жидер рахъалъан вукIарав бокьарав нугIасдаса инкар гьабизейиланги абун гьев чи диваналде ахIизе толев гьечIо. Гьев нугI вуго чIварал полициялъулазда аскIов вукIарав, гьезие кумек гьабулев вукIарав чи, амма цIех-рехчагIаз сурав босун гурони цониги нухалъ диванханаялде вачIинчIо гьев. Жакъаги диванханаялде рачIун рукIана батIи-батIиял нугIзал, гьезул суравги босана, амма дов аслияв нугI щиб гьабуниги виччалев гьечIоха гьез кIалъазе. Гьезие унго-унгояб хIакъикъат чIезабизе бокьун гьечIеблъидалха».

МухIамадовасул рагIабазда рекъон, диванханаялда полициялъул хIалтIухъабаз балъго гьесул ва нугIзазул видео бахъулеб букIун буго, амма гьелъухъги щибго гIин тIамун гьечIо диванчияс.

Мурад МухIамадов: «Гьеб ккола къанун хвезаби. Гьезул ихтияр гьечIо дидаги абичIого дир яги цойги диваналъул гIахьалчагIазул видео бахъизе. Дидаги гьеб цойгидал чагIаз бихьизабуна. ЦIакъ бахча-хьван гьарулел рукIун руго гьез жидерго ишал. Гьеб къануналде данде кколареб иш бугин, гьез гьабулебги оперативиябгун цIех-рехалъул иш бугин дица абуниги диванчияс дихъ гIинго тIамичIо. Дун адвокат вукIинищ гьезда кIочон тун бугебали, дир ихтиярал хвезари ккола гьеб иш. ЦIех-рех гьабулаго риччарал жидерго гъалатIаздасаги ракI бухIун, дица дирго хIалтIи лъикI гьабиги захIмалъун, щибго гIайиб гьечIев гьев васасде тIаде раччун щиб гьабилебали лъаларого руго гьел. Дица гьеб гьедин тезе гьечIо, хадусеб диванханаялъул данделъиялда дица гьел дун видеоялде рахъулел рукIарал полициялъул хIалтIухъабиги гьез бахъараб дида бихьизабеян ва гьезие къануналда рекъон гIадлу гьабеян абун гIарз хъвазе буго. Дидаги щиб лъалеб сундуе, лъида бихьизе гьез гьеб видео бахъулеб бугебали. Бокьараб букIине бегьула. Гьединги дида цадахъ хIалтIулев кIиго адвокатги чIван вуго».

Диваналда Заур ХIасановасул ишалъул хадусеб данделъиялда цIар бицине бокьичIев, балъгояв нугIасул сурав босизе буго. Гьенибги адвокат МухIамадовас рикIкIунеб буго гьев чи нугI гурилан, цIех-рехалъул идарабаз жидеего данде кколел баянал кьезе вачун вугин гьевилан.

XS
SM
MD
LG