МагъчIваялъе рес

«ГанчIил лагъзал» эркен гьаруна


«ГанчIил лагъзал» хlалтlулел рукlараб бакl, Лаваша мухъ, 14May2013
«ГанчIил лагъзал» хlалтlулел рукlараб бакl, Лаваша мухъ, 14May2013

Талат къоялъ Москваялда бугеб лагълъиялде ккарал гIадамазе кумек гьабулеб «Альтернатива» жамгIияб идаралаялъул вакил Олег Мельниковас лъазабуна Дагъистаналда лагълъиялда вукIарав 7 чи эркенгьавунилан.

Мельниковасул рагIабазда рекъон москваялдаса чи кIалъан вуго гьесухъе, Дагъистаналда Лаваши мухъалъул Мекеги росулъ бугеб гамачI хъухъалеб цехалдаса лъагълъиялда вукIарав жиндир гьудул тIурун вугин гьесие кумек гьабейилан.

Олег Мельников: «КIудияб талихI ккана тIурарав васасул гьудул дихъе кIалъай, гьеб мехалда дун Дагъистаналда вукIана, гьанив цойги тIагIарав чи валагьизе ккола дица. Гьев васас бицана жиндир гьудулги цойги чиги тIурун ругин лагълиялдасайилан, гьезие кумек гьабейиланги гьарана. Дица гьев тIурарав васасухъеги ахIун гьел кир ругелали лъазабуна цинги гьезда хадур рахъана ниж. Гьес бицана кин гьел лагълъиялде ккарал, кир гьел хIалтIулел рукIарал, щал гьенир цойги хIалтIулел ругелали.

Дица Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда лъазабуна гьеб киналъулго хIакъалъулъ. Гьедин I4 маялда полициялъул хIалтIухъабигун цадахъ Мекегие ана ниж, гьенир лагълъиялда ругел цойги гIадамалги нахъе рачине. Кинавниги эркенгьаруна 7 чи, лъабгоял жалго тIурун руго, 4 ял нижецаги нахъе рачана. Гьезул анлъгоял руго гIурусал цояв украинав. Гьел киналго I5 азарго гъурущги кьун росун руго цехалъул бетIергьанас. Гьелде тIадеги нужеца жиндие квараб кванихъги, рукъ-бакIалъухъг
и гIарац кьезе кколинги абун хIалтIизе тIамулел рукIун руго гьел чагIи».

Амма гьеб Мекегиялда аскIоб бугеб гамачI хъухъалеб цехалъул бетIергьан МухIамадшапи МухIамадовас абулеб буго жинца гьенир лагъзал хIалтIизарулин абураб жо гьереси бугилан.

МухIамадов МухIамадшапи:«Лъицаниги гьел гьанир гьезие бокьичIого я чIезарун рукIинчIо, я гьезда хъачIаб рагIи абичIо, я ричун росичIо гьел. Дица гьезухъ щибниги гIарац кьечIо, МахIачхъалаялъул автобусал чIолеб «Пирамида» абураб бакIалда ратана дида гьел. Дица хIалтIи бугин гьадинабилан абидал гьел разилъана. Кин гIадан гьесие бокьичIого чIезавулеб нухлул рагIалда, сверун къачIеб, хъаравул гьечIеб бакIалда. Хасго гьезухъ телефоналги рукIана. Дица документал нахъе росанин гьезухъайилан абулеб буго. Росун рукIанаха гьел тIагIинчIого рукIине, гьел къаси-къаси гьекъолаан гьехъараб мехалда бокьараб букIине бегьулелъул».

ТIураразул цояв Сергей абурав васас «Эркенлъи» радиоялъе бицана жал гьересиги бицун рачанин Мекегийилан. Сергей ккола интернаталдаса бесдалав, Нижний Новгород мухъалдаса чи вуго гьев. Жиндида цадахъ цойги лъабго чиги вукIанин живго гIадин хIалтIизе рачIунелилан бицана гьес. Жидее гIемераб гIарацги лъикIаб хIалтIиги кьелин къотIи гьабун букIанин. Батараб хIалтIудасаги, кьолеб мухьалдасаги разигьечIолъи бихьизабун, ниж нахъе инин лъугьараб мехалда жинца нужеда тIадхвезабураб гIарац нахъбуссинабичIого кирениги риччаларин нужилан лъазабунила МухIамадшпи МухIамадовасилан.

«ГанчIил лагъзаз» гlумру гьабулеб букlараб бакl
«ГанчIил лагъзаз» гlумру гьабулеб букlараб бакl
Сергей:«Москваялда Комсомольская метроялъул станциялда аскIов вахъун чIун вугев дида аскIоре вачIана тIадебалагьун кавказалъуласда релъарав цо чи. МахIачхъалаялда жаниса минаби къачIазе хIалтIухъаби къваригIун ругин вилълъинищин хIалтIизейилан цIехана гьес. Гьес абуна харж букIине бугила 25 азарго гъурущ, гьединго кванихъги рукъ-бакIалъухъги гIарацги кьезе кколарилан. ХIалтIи къваригIун вукIарав дун разилъана, щай гурелъул Москваялда гьединал лъикIал ресал рукIунарелъул.

Гьев чигун дун кIалъалаго нижеда аскIове вачIана цойги кавказалъулав живги МахIачхъалаялда гьебго хIалтIуда вукIанин, цIакъ рази вугин гьелдасаги, гьаб сагIат Москваялде хIухьбахъиялъе вачIун вугин живилан бицана гьес. Хадуб бичIчIана дида гьеб кинабго ургъунго гIадамал хехго разилъизе гьабулеб жо букIин. Гьедин исана марталъул ахиралда щвана ниж гьанире. Нижер автобусалде данде вачIун вукIана ниж хIалтIулел рукIараб гамачI хъухъалеб цехалъул бетIергьан МухIамадшапи.

БетIералдаго нижехъа документалги нахъе росана гьес. Кинаб хIалтIуде ниж рачун ругелали бихьараб мехалда, гьениб кьолеб мухьги цIакъго дагьаб букIин бичIчIарабго нахъе инилан лъугьана цо-цоял. Гьеб мехалда МухIамадовас нуж жиндица I5 азарго гъурщиде ричун росарал чагIи ругин, гьеб гIарац нахъе кьечIого нуж кирениги риччаларилан лъазабуна. Гьелде тIадеги МухIамадшапица абухъе нижеца гьесие кванихъги, рукъалъухъги гIарац кьезе кколеб букIун буго.

Гьедин ниж гьесие налъулаллъун лъугьана ва къойидаса къойиде гьеб налъи цIикIкIунеб букIана».

Мекегир жидеего бокьичIого хIалтIулел рукIаразул бищун цIикIкIарав 62 сон барав Владимирица «Эркенлъи» радиоялъе бицана жив киналдего кверги хьвагIун нахъе инилан лъугьиндал тенкезеги гьавун тIадвуссинавунин МухIамадовасилан. Гьединго жинда хъубал, жив хIакъир гьарулел рагIабиги абунила, жиндица дуда тIадхвезабураб гIарац нахъбуссинабичIого мун кивениги унарилан лъазабунила гьес, амма МухIамадовас абулеб буго жинца щивго хIакъир гьавичIин, нахъе инилан лъугьарасдаги абунила цо моцIицагIаги хIалтIийин дуего нухда харж гьабизегIаги гIарац щвезе букIинейилан.

Жидеего бокьичIого Мекеги хIалтIулел рукIараз бицана жидер цIакъ захIматаб хIалтIи букIанилан. Жидеца гамачI хъухъазе, цIвакизабизе кколаанила, гьелъулго минабазда цебесан кколеб хирияб къоно гьабулаанилан. ГанчIил цо квадратный метр хIадур гьабун гьезие кьолеб букIун буго 50 гъурущ, гьеб хIадурараб гамачI бетIергьанас 500 гъурущалде бичулеб букIун буго. ГIумру гьабун хIалтIухъаби рукIун руго чорокаб, киналниги санагIалъаби жанир гьечIеб, гьитIинабго вагоналъур. АнцIогIан чи цоцада цвизарун хъарщалгун гьарураб наралда регулел рукIун руго.

Гьединго Сергейица «Эркенлъи» радиоялъе бицана цо кIудияб талихI кканин жиндица цехалъул бетIергьанасухъа телефон босун букIин, гьелъухъги 4 азарго гъурущ кьезе кколеб букIун буго гьас. Гьедин жиндирго кумек гьабеян гьалмагъасдеги ахIун сардилъ цойги гьенивго хIалтIулев васгун цадахъ тIурун руго гьал. Къад кидаго я цехалъул бетIергьан я гьесул вацгIал рукIун руго гьенир сундухъго халккун. Нахъисеб къоялъ Олег Мельников хадув вачIинегIан цо бакIалда рахчун чIун руго, щай гурелъул МухIамадов гьал ралагьизе вахъун ватулеблъи лъалеб букIун буго гIолохъабазда.

МухIамадшапи МухIамадов мукIурлъана жиндир цех хIалтIизе ккани рукIине кколел документалги гьечIин, жиндица къануналда рекъон букIине кколеб хIалалъ, кагътида хIалтIухъабазулгун хIалтIул-къотIи къаялги гьарун рукIинчIилан.

Олег Мельниковас бицана гьеб цехалдаса ине бокьанщинал нахъе рачанила жидеца, гIагарал къоязда гьел рокъо-рокъоре ритIизе ругилан. Гьесго бицана добго цехалда ругила жидеего бокьун хIалтIулел ругин жал гьенирилан абулел чагIиги. Гьезда гьоркьорги ругила гIурусалги, таджикалгун узбекалги. Гьениса тIураразги нахъе рачаразги киназго бицун буго МухIамадовас жал я я рухун, я инжит гьарулел рукIинчIилан.

Дагъистаналъул МВДялъул баяназда рекъон гьабсагIат МухIамадшапи МухIамадовасул ишалда сверун цIех-рех унеб буго, гьесда такъсирчилъиялъул дело гьабизе баянал ракIарулел руго.

XS
SM
MD
LG