МагъчIваялъе рес

"Спайс" - хабзалалъе яги психиатрияб изоляторалде билет


Ахираб заманаялъ Дагъистаналда кибго рагIараб спайс абураб хъалияналъ зарал гьабуразул къадар гIемерлъулеб буго. Спайсалъ зарал гьабурал гIолилал психиатриялъулаб азарханаялде ккезе рес бугилан баян гьабулеб буго медикиял хIалтIухъабаз. Гьелдаго цадахъ спайс цIан квеш лъугьарал хIинкъулел руго азарханаялде ине ва хехаб кумек тIалаб гьабизе, жидерго хIалалда мадаралде вачIинавулев вуго квеш лъугьарав, амма гьел тадбиразул хIасил цIакъ пашманаб ккезеги рес бугила.

Наркотиказда данде къеркьолеб идараялъ лъазабулеб буго спайс абун кинадаго лъалеб бухьулеб хъалияналъ гIемер чагIи азархаязде ккезарулел ругин, гьединго камулел гьечIила гьелъ хвезе гьарурарлги. Гьеб гьукъизе, яги гьеб бича-хиси сабаблъун къануналда рекъон тамихI гьабизе рес гьечIила, щайгурелъул, гьеб наркотикаллъун кколел дару-хералъул сияхIалда гъорлъ гьечIолъиялъ. Амма, гьеб гьукъарал дару-хералъул сияхIалда гъорлъ хъвазе , ва гьеб бича-боси гьукъулеб къанун хIадурулеб бугилан баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Федерарияб наркотиказда данде къеркьолеб идараялъул хIалтIухъан Шамиль Сайбулаевас. Спайс абулеб хъалияналда гъорлъ, хас гьабун босанани , кинабгIаги заралияб яги наркотиклъун кколеб гьечIила, амма цадахъ гьез кьолеб бугила наркотикияб эффект. Гьеб гьабизеги, дагьабниги лъай бугев химик-биологасе бигьаяб иш бугила.

Шамиль Сайбулаев: «Нижер идараялда спайсазда данде гьабулеб хIалтIи къотIуаро. Амма букIуна гьеб гIемерлъараб мех ва дагьлъараб мех. Спайс бачIунеб бакI лъан гьел ккуралго, масала цо регионалда гьеб дагьлъула цогидалда гIемерлъула. Спайсалъ квеш лъугьун азарханаялде гIолилал ккун ругони, нижеда лъазабула гьеб. Масала, дагьаб цебегIан, гьеб гьеб спайс цIан МахIачхъалаялъул азарханаялде кIиго гIолилал ккун рукIана. Ниж гьенире щведал, гьез бицана жидеца спайс цIан букIанин, амма киса гьел щал гьел кколелали лъазе бокьичIо гьезие. Спайс тIибитIизабулел чагIи кквезе захIмалъаби рукIуна, щайгурелъул аслияб куцалъ гьеб социалиял гьиназдаса тIибитIизабулеб букIиналъ. Гьеб бичулел чагIиги тIибитIизабулел чагIиги цуцадацин лъаларо. Амма нижеца гьелгунги хIалтIи гьабула».

Сайбулаевасул баяназда рекъон, наркотиказда данде къеркьолеб идараялде лъазабулеб буго азарханаялъ спайс цIан рачIарал.

Гьедин, гьал къояз, МахIачхъалаялъул аслияб азарханаялъул реанимациялде вачIун вуго цо гIолилав, хехаб кумекалъ вачун, гьесул спайс хъалиян цIан хадуб квеш лъугьун , рекIел унти багъарун буго. Гьесул гIагарлъиялъ инкар гьабуна киналгIаги баянал кьезе.

Азарханаялъул хIалтIухъабазул баяназда рекъон, хъалиян цIан, квеш лъугьиндал, гьез гIемерисеб нухалъ хIинкъун, лъазабулеб гьечIо, медикияб кумек тIалаб гьабун, амма гьелъ квешаб бакIалде рачунел руго. Аслияб куцалъ спайс цIаялъ ботIролъан жагъаллъи, ай, психика хун, хIатта бетIер свериялде рачун, яги рекIел унти багъаризабулеб буго. Реанимациялъул бутIаялъул тохтур, Хамис Кубаевалъул рагIабазда рекъон, камулел гьечIо лъугьа-бахъинал, реанимациялъул бутIаялдаса психиатриялъул азарханаялде ритIулелги гIолилал. Гьадин баян гьабуна гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе.

Хамис Кубаева: «Спайсалъ квеш лъугьун рачIарал рукIуна яги, кьижун кколел, гIодоре риччарал, гьединал комаялде инеги рес букIуна. Амма рукIуна гьединго ахIдолел, цере жал тIамун лъугьунел, гьаглъи бачIаралги. ГIемер мехалъ гьеб хIалалда гьел ругони нарколог ахIула. Гьединго психиатр ахIун хал гьабула. Гьезул хIукмуялда рекъон, гьедин лъугьарал психиатриялъул азарханаялде ритIула».

Психиатриялъулаб азарханаялда заманаялъ гуреб, саназ яги гIумру лъугIизегIан хутIизеги рес букIунин, щай гурелъул спайсалъ нахъруссунарел хисиял ккезарун рукIиналъ гIадалнахулъилан баян гьабуна Хамисица. Гьединго спайс хъалиян цIан танкан зарал ккечIого цо чанго къоялдаса квеш лъугьинеги рес бугила.

ГIолилазда гъорлъ спайс ва цогиаб гьединабго бухьулеб хъалиян цIакъ тIибитIун бугилан баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе 27 сон барав ГIалиев Самирица. Гьелдаса зарал ккезе рес букIин киназдаго бичIчIулин, амма щивасда кколин жиндие гьеб ккезе рес гьечIилан баян гьабуна гьес. Самирил рагIабаза рекъон спайс босизе жакъа щибго квекIен гьечIо. Социалиял гьиназул кумекалдалъун тIибитIизабулеб буго гьеб гIолилазда гъорлъ.

ГIалиев Самир: «Дица хIалтIул къваригIелазе хIалтIизабула социалиял гьинал, масала, гьенире зама-заманаялдаса рачIуна хъай-хъвагIаял, бичулеб бугин спайс ва цогияб наркотикилан. Гьез электронияб гIарац босулеб буго, цинго хас гьабун тараб бакIалда бахчулеб буго гьеб. Гьенисан нахъе босулеб буго гьеб тIалаб гьабурав чияс. Дица цо нухалъ цIана гьеб хъалиян, амма бетIер чанго къоялъ унтана, камуларо квеш лъугьунелги. Нагагь квеш лъугьани азарханаялде ине кIоларо гьезда, гьелгун ругелги хIинкъула гьенибе хехаб кумек ахIизе, жидерго бажариялдалъун мадаралде вачIинавула гьев».

Спайс цIалел гIолилазул къадар гIемерлъулеб ва гьезул ригь дагьлъулеб бугилан рикIкIунеб буго жамгIияталъ, гьедин жиндир цIар абизе бокьичIев хъалиян бухIулеб бакIалъул хIалтIухъанас баян гьабуна, гьеб хъалиян бухIулеб бакIалде цIакъ гIемер рачIунин школлъимал. ЧIахIиял классазул цIалдохъаби. Гьел рукIунин рес бугел эбел-инсул лъимал, кодоб гIемер гIарац бугел. Гьел хъалиян бухIулеб бакIалде щибго риччангутIиги букIунарила.

XS
SM
MD
LG