МагъчIваялъе рес

Цо-цо ВУЗал лицензиябаздаса махIрум гьаризе бегьула


Дагъистаналдаса цIалул идараби лицензиялдаса махIрум гьаризе бегьула Гьал къоязда Россиялъул лъайкьеялда хадуб хъаравуллъи кколеб идараялъ лъазабуна тIолго улкаялда 70 тIадегIанаб цIалул идара лицензиялдаса махIрум гьарун ругин.

Гьезда гъорлъ руго чанго Шималияб Кавказалдаса цIалул идараги.

ГIаммаб къагIидаялъ лицензиялдаса махIрум гьарун руго 69 цIалул идараян лъазабулеб буго лъайкьеялда хадуб хъаравуллъи кколеб идараялъул пресс-хъулухъалъ. Гьезда гъорлъ руго I7 пачалихъияб цIалул идараялъул филиал, 6 пачалихъияб гуреб цIалул идара ва 44 пачалихъияб гуреб идарялъул филиал. Югалъулаб Россиялдаса руго гIемерисел хIалтIизе гьукъарал цIалул идарабиян лъазабулеб буго гьебго пресс-хъулухъалъ. Мисалалъе, цохIо Ставрополалдаса щугогIан цIалул идара къан буго арбитражалъулаб диваналъул хIукмуялдалъун. КIиго Дагъистаналдаса цIалул идараги къаялъул суал роцIцIунеб буго гьабсагIаталда гьебго диваналда. Гьел ккола Дагъистаналъул дизайналъулгун архитектураялъул институт ва Социалиябгун экономикияб институт.

Рехсарал Дагъистаналдаса цIалул идарабазда гьеб информация тасдикъ гьабичIо. Дизайналъулгун архитектураялъул институталда «Эркенлъи» радиоялъе бицана араб соналъ лъайкьеялъул министерлъиялъ жидер институталъе лъикIаб къимат кьун букIанин ва лицензиялде дагIба гьабулев чи вукIинчIин. ГьабсагIаталда арбитражалъулаб диваналда жидер институталъул хурхун хIукму къотIиялъул хIакъалъулъ жидеда щибниги жо лъалеб гьечIилан. Гьединабго информация кьуна Социалиябгун экономикияб институталдаги.

Араб соналъ тIолабго Россиялда гьабуна киналго тIадегIанал цIалул идарабазул мониторинг. Гьелъул мурад букIана хашго хIалтIулел, къазе кколел ялъуни хисизаризе кколел цIалул идараби тIатинари. Гьелъул хIасилалда 502 цIалул идараялъул ва 930 филиалалъул хал гьабун хадуб хашаллъун рикIкIун рукIана 586 цIалул идара. Дагъистаналъул цIалул идарабаздаса хашаблъун рикIкIун букIана Педагогическияб университет. ТIадехун рехсараб кIиго цIалул идара гьеб сияхIалда гъорлъ букIинчIо.

Дагъистаналда лъайкьеялъул даражаялъул хIакъалъулъ ва цIалул идарабазул хIалтIул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъе бицана Теологиялъул институталъул мугIалим, гIалимчи Доногъо ХIажимурадица.

Доногъо ХIажимурад: «ГьабагIаталда Дагъистаналъул цIалул идарабаз кьолеб лъаялъул даражаялдаса дун рази гьечIо. Амма гьел нужеца бицунел цIалул идараби лицензиялдаса махIрум гьариялъе рукIине бегьула батIи-батIиял гIиллаби. Батизе бегьула гьел цо кинабалиго хал-шалги гьабун, административиял ялъуни цогидал гIунгутIаби рукIун къазеги. Гьединлъидал, батизе бегьула ритIухъаб хIукму батизеги. Амма цоги рахъалъ босани, гьеб хIалтIи киналалиго чагIаца жидеего пайдаялъе гьабулеб хIалтIи батизе бегьула. ГьабсагIаталда бокьараб цIалул идара къазе бегьула гьеб къалел чагIазул жидерго хасаб интерес бугони, гьезие ялъуни гьезул чагIазе квал-квал гьабулеб бугони.

Лъайкьеялда гIадлу гьабизе кколеблъи киназдаго лъалеб жо буго. Амма цо-цоязда кколеб буго пачалихъиял цIалул идараби хутIун хутIарал пачалихъиял гурел къазе кколилан. Дун гьелда рази гьечIо, щайгурелъул къватIисел хIукуматазда руго цIакъго лъикIал пачалихъиял гурел тIадегIанал цIалул идараби. ТIокIаб кин лъайкьеялъул даража борхинабилеб абун цIехани, гьелъие чIванкъотIараб жаваб кьезе захIмат буго. Дида бихьулеб буго гьеб даража гIодобегIан бугеблъи студентазул лъаялъулъ балагьарабго. Гьез щибниги цIалулеб гьечIо. Гьединлъидал, гьеб захIматаб суал буго».

Дагъистаналда батIи-батIиял, хашаб гурони лъай кьоларел цIалул идарабигун филиалал ругилан бицун букIана цебеккун президент Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьесул рагIабазда рекъон тIатинабун букIана 62 гьединаб цIалул идара. Гьел киналго руго дипломал ричулел будкабазда релълъун. Нижеца лъайкьеялда хадуб хъаравуллъи кколеб идараялде ритIана гIарзаби, Дагъистаналда анкьго филиал гурони букIине бегьуларилан, щайгурелъул цогидал филиалаз гIадада хвезарулел руго лъимал. Нилъее гьездаса дипломал щолел руго, специалистал щолел гьечIилан лъазабун букIана президентас.
Гьединго бицун букIана къаси хIалтIулел школал къазе кколилан ва замана щвечIого цебеккун школа лъугIизе бокьаразе гьеб гьукъизе бугин. Араб соналъ къаси хIалтIулел школазе I05 млн гIарац биччан букIана, амма гьабсагIат цониги къаси хIалтIулеб школа нижеда батичIилан бицана президентас.

ГьабсагIаталда тIадехун рехсараб кIиго тIадегIанаб цIалул идара лицензиялдаса махIрумлъизе киналго ресал ругилан рикIкIунеб буго гIемерисез.
XS
SM
MD
LG