МагъчIваялъе рес

Бюджет "кваналел" хIакимзабазе квешаб заман щун буго


Кумторкала мухъалъул нухмалъулев Руслан Тотурбиев ккуна полициялъулаз. Мухъалъул бюджеталдаса гьес 100 миллион гъурущ бикъанин рикIунеб буго низам цIунулез.

Жаниб гIумру гьабизе бегьуларел минабаздаса гIадамал гочинариялъул программаялъе бичараб гIарац бикъанин гьес 2011-леб ва 2012-леб соназилан хъван буго Россиялъул ЦIех-рехалъулаб комитеталъул сайталда. Тотурбиевгун цадахъ полициялъулаз ккун руго Кумторкала мухъалъул администрациялъул хIалтIухъан Сапийбула Акаевги минаби ралеб компаниялъул нухмалъулев Давлет Укаевги.

Мухъалда ругел жаниб гIумру гьабизе бегьуларел минабазул цониги хважаинасе щвечIо пачалихъалъ бихьизабураб гIарац. Гьезул цIарал сияхIалда росун гьечIо. Амма гьеб хасаб сияхIалда руго мухъалъул хIакимазул гIагаразулги лъалел-хъвалезулги цIарал. Программа тIубаялъул халгьабулеб комиссиялда Тотурбиевас рихьизарулел рукIун руго басриял, къадал турарал административиял минаби.

Программаялъе бичараб гIарацни бачIун буго Тотурбиевасулги Акаевасулги Укаевасулги банказда ругел счетазде. Гьениса гIарац гьез хадуб нахъе босун бугоян, лъазабулеб буго цIех-рехалъул комитеталъ.

Гьединго 19 сентябралда полициялъ ккуна Рутул мухъалъул администрациялъул нухмалъулев Загьид Касимов. Низам цIунулезул лъазабиязда рекъон, мухъалда бугеб пенсиялъулаб фондалъул идараялде кьун руго гьересиял документал. Гьел документалги хIалтIизарун гьесие щвана 760 миллион гъурущ.

Рутулалдаса Касимовги Куматоркалаялдаса хIакималги цIех-рех лъугьинегIан заманалъулаю туснахъалда ай ИВСалда лъезе ругин лъазабулеб буго полициялъ.

Бюджеталъе зарал ккезабиялъухъ Дагъистаналъул чанги хIакимасда хурхун рагьана такъсир гьабиялъул ишал. Мисалалъе, цIех-рехчагIаз рикIкIунеб буго Тарумовка мухъалъул нухмалъелв Сергей Чепурнояс ургъунго банкроталде ккезабунин Кировасул цIаралдалъун бугеб муниципалиябгун унитарияб предприятие. Анлъго миллионалдаса цIикIкIун зарал ккана мухъалъул бюджеталъе. ТIадежоялъе Чепурноясда хурхун рагьун буго такъсир гьабиялъул цогидаб ишги. Полициялъул лъазабиязда рекъон, гьес квешго вухана 76 сон барав чи.

Кумторкала мухъалъул нухмалъулес гIадаб такъсир гьабун буго Гъизляр мухъалъул мэр Сергей Паламарчукицаги.

Шагьаралда ругел жаниб гIумру гьабизе бегьуларел минабаздаса гIадамал гочинариялъе бичараб гIарцудаса 13 миллион гъурущ бикъана гьесилан рикIкIунеб буго низам цIунулез.

Гьезул лъазабиязда рекъон, программаялъул документазда бугеб сияхIалда минабазул къадар цIикIкIун бихьизабуна Паламарчукица.

Бесдал лъималазе рукъзал росиялъе бичараб гIарац бикъанин Каякент мухъалъул нухмалъулев Ильмутдин ХIамзаевасилан лаъазабуна цодагьалъ цебе полициялъулаз. Гьединго ХIамзаевасда чIвалеб буго гIайиб лъим цIуниялъул система баялъе бичараб 63 миллион гъурущ гьес бикъанин ва культураялъул мина базе бичараб 25 миллион гъурущ бикъанин. Бикъараб гIарцудал цояб бутIа ХIамзаевас изну гьечIого яргъид гIуцIаразе кьолеб букIанин лъазабуна цIех-рехчагIаз.

Табасаран ва Ахты мухъазул нухмалъулезда хрхунги рагьун руго такъсир гьабиялъу ишал. Гьезги бюджеталдаса гIарац бикъанин, рикIкIунеб буго полициялъ.

Политолог Альберт Эседовасул пикруялда рекъон, хIакимаз гьарурал такъсирал рагьичIого хутIизе гьечIо гьанже Дагъистаналда.

Альберт Эседов: «Информация буго, нилъехъе гьаниве ЦIех-рехалъул комитеталдаса витIарав специалистас рачине ругин хIакимазда хурхун рагьарал такъсир гьабиялъул ишал. Гьев тана Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев хисулевлъун. Гьелдалъун хIакимаз гьарурал такъсирал рагьичIого хутIизе гьечIин кколеб буго, тIаджоялъе такъсиралги хIакимазда гъорлъ дагьлъила. Хьул буго лъикIал хиса-басиял ккелин Дагъистаналда. Гьел такъсир гьабиялъул ишал я рагьулел рукIинчIо цере, я диваналде щолел рукIинчIо. Диваналде щвезегIан щущан ралел рукIана гьел».

Халкъазда гьоркьосеб дискуссиялъулаб «Валдай» клубалъул 19 сентябралда тIобитIараб данделъиялда журналистаз гьикъана Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасда, республикаялда полициялъ ккурал хIакимазе щиб гьабизе кколебилан.

«ХIаким цIогьодулев ватани, гьев хIалтIудаса вахъизе ккола, такъсирчиясул бакI туснахъалда буго», - ян къокъаб жаваб кьуна ГIабдулатIиповас.

XS
SM
MD
LG