МагъчIваялъе рес

Кагътида «иш рекъезабун» ралел рукъзал


Июнь моцIалъул ахиралда МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуралев МуртазгIали Рабадановас лъазабун букIана 14 июлалде щвезегIан шагьаралда цониги бакI базе рес кьолел документал кьезе гьечIин, ралел ругел бакIаздаги букIине кколеб куцалъ хIалтIи унеб бугищали хал гьабизе бугилан. Амма 19 июлалдаги бакIал разе изну кьолеб букIинчIо мэриялъ.

Гьел халгьабиял жеги лъугIун гьечIин гьединлъидал дагьалдасан цойги моцIицаги гьел докуметал кьезе гьечIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе шагьаралъул администрациялда. Гьез баян гьабуна бищун цебе киналго ралел бакIал Дагъистан гIадаб гIемер ракьбагъарулеб бакIалда щулаго ран ругищали халгьабизе бугила.

Дагъистаналъул гIелмияб централъул геологиялъул институталъул гIелмияв секретарь ГIиса Гъазалиевас «Эркенлъи» радиоялъе бицана Дагъистан бокьараб мехалда ракь бахъаризе бегьулеб бакI бугилан. Гьединлъидал ракь бахъарани риххулареб хIалалъ ралел ругищ бакIалали заманалда халгьабичIони, гьез кIудияб балагьалде рачине бегьулилан.

ГIиса Гъазалиев: «МахIачхъалаялъул цониги мухъалда ракьбахъариялъул хIинкъи бугищ, рукъзазул кинаб хIал бугебали хал гьабун гьечIо. Дагъистан гIадаб ракьбагъариялъул хIинкъи бугеб бакIалда гьеб санайил гьабизе ккола. Масала, щибаб мухъалда батIи-батIияб ракь бугелъул гьеб багъарани гьенир ругел рукъзазеги батIи-батIияб зарал ккола. Тарки магIарда рарал минабазе дагьаб гурони къварилъи ккечIого букIине бегьула, щай гурелъул гьеб буго щущан унареб тайпаялъул мегIер. Щущан, чваххун унеб гIадаб ракьалда рарал МахIачхъалаялъул цо-цо мухъазе хIинкIи цIцIикIкIун буго. Гьеб цIикIкIараб букIиналъ ракь метер багъарилин абулеб гьечIо дица, амма гьелде кидаго хIадурун ругони лъикI буго»

ГIалимчияс «Эркенлъи» радиоялъе гьединго бицана МахIачхъалаялда гIемер минабазда рацIцIун рарал рукъзал ракь багъарани бищун цебе риххун унилан.

ГIиса Гъазалиев: «Цо талихIалъ гьанже гьел тIаде рацIцIарал рукъзал ралел гьечIо, гьел разе гьукъун буго некIогоялдаса нахъе. Ракь багъарани бищун кIудияб хIинкъи буго гьел риххиялда. Щай гурелъул жибго минаги бацIцIараб рукъги батIи-батIиял кьучIазда ран рукIунелъул. Минаялъе щибго лъугьинчIонини гьел рукъзал риххула, гьез жибго минаялъеги кIудияб зарал гьабула. РацIцIарал рукъзал разе рес кьей гьеб буго тIолго шагьаралъе хIинкъи бугеб иш. Гьединго гIемертIалаялъул минаби ралелъулги гьезул бетIергьабаз гьеб балеб бакIалда ракь багъариялъул хIинкъи цIикIкIун бугониги, гьеб дагьаб бугин абун документал росула гIарацги кьун.

Гьез хIинкъи дагьаб бугин абуни минаялъе кьучI лъолелъул маххги бетонги дагьаб гурони хIалтIизабичIониги бегьула. Харжал гьаризелъун ричун росула гьел кагътал. Кагътида кинабго роцIцIунги букIуна, гурони гьеб бакI базе толарелъул. Гьал ахирал саназ рарал киналго цIиял гIемертIалаялъул минабазулги халгьабизе ккола гьел ракь багъарани зарал кколареб хIалалъ ран ругищали. Гьелъухъ халгьабун бажарулел хIажаталщинал сурсаталги руго нижер»

Дагъистаналъул гIелмияб централъул геологиялъул институталъ республикаялъул тIалъиялъухъе ва Дагъистаналъул экономикияб советалде ракь багъарани кинаб хIинкъи бугебали чIезабизе ва гьеб дагь гьабиялъе тIоритIизе кколел халгьабиязул хIакъалъулъ хъван букIана. ГIалимзабазул рагIабазда рекъон нухмалъиялъ гьелъие разилъи кьун буго ва гIагараб заманалда гьел хIалтIаби байбихьизеги руго.


XS
SM
MD
LG