МагъчIваялъе рес

Министр Сефер ГIалиев хъулухъалдаса нахъе вахъана


ГIалиев Сефер, Дагъистаналъул бухьеналъул ва телекоммуникациязул экс-министер
ГIалиев Сефер, Дагъистаналъул бухьеналъул ва телекоммуникациязул экс-министер

Гьал къоязда хъулухъалдаса вахъун вуго Дагъистаналъул бухьеналъул ва телекоммуникациязул министерлъиялъул бетIер ГIалиев Сефер. Официалияб къагIидаялъ гьесда хъулухъ тезабиялъе гIиллаби баян гьарулел гьечIо, амма мухIканал гурел баяназда рекъон министрас жиндирго васасул автомобиль ижараялъ босизе къотIи-къай гьабун букIун буго, гьелдаса разигьечIолъи загьир гьабун буго республикаялъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаницаги.

27 февалалда Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница республикаялъул бухьеналъул ва телекоммуникациязул министерлъиялъул нухмалъулев ГIалиев Сефер хIалтIуда вахъизе гьабураб амруялда гъулбасун букIун буго, амма 3 марталда гурони, официалияб къагIидаялъ гьеб документ къватIибе кьун букIинчIо. Гьеб хIукмуялда сундуе гIоло ГIалиев хъулухъалдаса эркен гьавулев вугевали бичIчIизабун гьечIо. Официалиял гурел баяназда рекъон гьелъие гIиллалъун ккун рагIула ГIалиев коррупционерлъун вукIин.

27 февралалда тIобитIараб коррупциялде дандечIараб комиссиялъул данделъиялда ГIабдулатIипов Рамазаница комиссиялъ гьабураб хIалтIул хIисабазул бицунаго лъазабун буго тIадегIанал хъулхъазда ругел чанги хIакимзаби коррупциялъулъ рукIинги тIатинабун бугилан. Гьелъие мисаллъун бачун буго гьес гьел хIакимзабаз жидерго гIагарлъиялда тIадги хъван щиб, гьезулгун къотIи-къай гьабунин абун документалги хIадурун хIукуматалъул гIарац бикъизе цIиял нухал ралагьулел ругилан. Республикаялъул бетIерасул цIакъго ццин бахъинабун бугоан цо-цо нухмалъулез жидерго лъималазулгун къотIи – къаял гьариялъги. Гьенибго Сефер ГIалиевасул мисалги бачун буго бетIерас.

ГIабдулатIиповас абун буго цо-цо хIакимзабазин жидерго лъималазулгун къотIи-къай гьабун бугин жидерго хIалтIулел бакIал къачIазе, яги гьезул автомобилал ижараялъ росиялъе. ГIалиевас жиндирго вас Максимилгун къотIи-къай гьабун букIун буго гьесул Тойота Ландкраузер автомобиль лъабго моцIица ижараялъ босизе, гьелъухъ щибаб моцIица I5 азарго гъурущги кьезе кколеб букIун буго бухьеналъул министерлъиялъ Максим ГIалиевасе. Гьединал хIужаби рукIине бегьулел жал гурин, гьеб жо рогьо бугин лъазабун букIун буго Дагъистаналъул нухмалъулес гьеб коррупциялде данде къеркьолеб комиссиялъул данделъиялда.

Гьеб Сефер ГIалиевас нухмалъи гьабулеб букIараб министерлъиялда хIалтIулей гIаданалъулгун бухьен гьабуна «Эркенлъи» радиоялъ Сефер ГIалиев нахъ реххиялъул мухIканлъиги цIехон. Гьелъул гьариялда рекъон гьей гIаданалъул цIар рехсолеб гьечIо. Гьадин бицана гьелъ радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда:

Бухьеналъул министерлъиялъул хIалтIухъан: «Сефер ГIалиев хIалтIудаса вахъизе вугин абун харбал ахирисеб моцIицаго лъугIулел рукIинчIо. Щиб гьабунги республикаялъул тIалъиялъе гьев хъулухъалдаса вахъизе къваригIун вукIин бичIчIана нижедаги гьоркьоса къотIичIого министерлъиялде батIи-батIиял халгьабулел комиссиял рачIине байбихьараб мехалда. Чанги санаца щибизе рукIунелалицин лъаларел рукIарал гьел халгьабулел чагIи, цо моцIида жанир киналниги тIаде щвана. Нижер нухмалъулесе гванда бухъулеб букIин гьелдасанго бихьулеб букIана.

Лъица щибилан абуниги Сефер ГIалиев вуго лъикIав чиги, магIна бугев нухмалъулевги, гьесда жиндирго хIалтIиги лъикI лъала. Гьаб хъулухъ къваригIарав чи гьев гуреблъиги лъала нижеда, жиндидаго тIадкъараб иш гьабун ГIабдулатIиповас малъарабги гьабун бухьеналъул министрлъун чIана гьев. Гьаб хIалтIи гьечIониги гIезегIан гIарацги бугев, бухьеналги ругев, гIадамаз адабги гьабулев бизнесчиги вуго гьев. Гьес гIадал къотIи-къаял жидерго гIагаразулгун гьаричIел цониги хIакимзаби гьечIо нилъер гьанир, амма цохIо гьес гьабураб гурони бихьулеб гьечIоха нухмалъиялда. Нахъе реххизе багьана къваригIараб мехалда ралагьула гьединан питна гьабизе жал. Жидецаго хъулухъалдеги тIамун гьанже жидецаго нахъе щай реххаравали ва сундуе гIоло гьеб гьабулеб бугебали бичIчIулеб гьечIо».

Дагъистаналъул бокьарав хIакимчияс гьарулила Сефер ГIалиевас гIадал къотIи-къаялги, батIи-батIиял къагIидаби ургъун хIукуматалъул гIарац бикъичIогоги чIоларила гьел, гьениб гIадлъизе ккараб жо щибниги гьечIин абулеб буго Табасаран мухъалъул коррупциялде дандечIараб жамгIияб гIуцIиялъул гIахьалчи Къурбанов Гъазиханица. Гьев жамагIачиясул пикруялда рекъон тIалъиялъе дандекколел ругелгIан меххалъ гьел коррупционеразда квешго кIалъалев чи вукIунев гьечIо, дандекколарел чагIазде бугеб кIодо гьабун, гьечIеб балагьун гIайибал гIунтIизарулел руго.

Къурбанов Гъазихан: «Киналго бутIруз гьарула гьединал къотIи-къаялги, бокьараб хIилла-рекIкI ургъун бюджеталъул гIарацги жидерго чвантинибе бачIунеб хIал гьабула гьез. Масала, дида лъала Табасаран мухъалъул бетIерлъун вукIарав ШихмухIамадов НурмухIамадица I2 миллионги кьун босараб автомобиль жиндирго вацгIаласда тIад хъван букIана. Хадуб гьесулгун къотIи-къайги гьабун 45 азарго гъурущ моцIиеги кьун ижараялъ босун букIанин гьеб автомобилилан абурал документал гьарун рукIана гьес. Гьеб гIарацги мухъалъул бюджеталдаса кьезе ккеларищха, гьединго гьеб автомобилалъе хIажатабщинабги гьебго пачалихъалъул гIарцуде босулаан.

Гьеб буго гIадатлъун билълъараб къагIида, гьеб гIадлъизе ккараб жоги гуро. Гьедин гьел бакIалъул нухмалъулел хIалтIулеблъи республикаялъул нухмалъиялдаги гIезегIан лъикI лъала, амма жидедаго лъикIин ккечIого гьеб гьукъиялъе кинабгIаги хIалтIи гьабилин абун гьезда ракIалдецин кколаро. Масала, нижер мухъалъул цIияв бетIер кIиабилеб лъагIел буго хъулухъалда таралдаса. Гьевги гьев цIунарал чагIазул автомобилалги къойил хIалтIудеги нахъеги уна Хучниялдаса Дербенталде. Гьезул цохIонигияз жидерго чвантиниса гIарацги кьун босуларо бензинги, гьел автомобилазе хIажатбщинабги. Гьезги цо лъида бугониги хъван, цо щиб бугониги багьанаги батун бюджеталъул гIарац хвезабула».

Хъулухъалдаса вахъарав Сефер ГIалиев бухьеналъул министрлъун хIалтIун вуго кIиго соналъ, гьелда цеве гьев 20I0 соналдаса бахъараб 20I3 соналде щвезегIан Дагъистаналъул ракьазул ва мал-мулкалъул министерлъиялъул нухмалъулевлъун вукIун вуго. Гьев ккола техника бичулел «Ас» абулел тукабазул бетIергьанги.

XS
SM
MD
LG