МагъчIваялъе рес

АхIичIого рачIарал «гьалбал»


Талат къоялъ сверун ккун букIана Унсоколо мухъалъул нухмалъиялъул мина. Официалиял идарабаз гьеб баян мекъи бугилан абулеб букIана информалатаз цIех-рех гьабидал. «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Унсоколо мухъалъул нухмалъигун.

Унсоколо мухъалъул нухмалъиялъул мина сверун ккун букIиналъул хабар тIибитIана талат къоялъул къалъул гIужалде гIадин. Амма щиб гIиллаялдалъун тIоритIулел тадбирал гьелали лъиданиги лъалеб букIинчIо. Официалиял структурабаз гьеб баян тасдикъ гьабичIо жидеда лъалеб жо щибниги гьечIилан чIана гьел. ХIакъикъат лъазабун Унсколо мухъалдаса чагIазулгун бухьен гьабидалги мина сверун ккун бугилан абун гурони гьелъие гIилла лъалеб гьечIона лъиданиги.

Радалиса жиндирго къваригIелалъ Унсоколове щун вукIанин жив, гьурмада маскаби ххурал тIад аскариязул ретIелги ретIарал чагIи рукIанин нухмалъиялъул минаялда сверун чIунилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Генуб росдал бегавул МухIамадов ГIалиасхIабица. ТIокIаб батIияб лъалеб жо гьесдаги гьечIоан.

Гьоркьоб заман индал тIадеги баянал швана нижехъе. 2011 соналдаса байбихьун хIалтIулеб бугеб, цIакъго басриял минабахъ гIумру гьабун ругел гIадамал цIиял бакIазде гочинариялъул суал мухъалда кин унеб бугебали хал гьабизе рачIарал гIадамал ругин гьелилан бицана нижее Унсоколо мухъалъул нухмалъулесул кумекчи Баширов МухIамадица. Документазул хал гьабизе рачIунел чагIи гьурмада маскабиги ххун рачIиналъе гIилла щибилан гьикъидал Унсоколо мухъалда хIалуцараб ахIвал-хIал букIиналъ рачIун ругинха гьел гьанире. ТIокIаб щибниги ахIуд бахъинабизе ккараб хIал гьечIин гьелъул кинабго лъикI бугилан абулеб букIана гьес жиндирго кIалъаялда. Гьелда щвезегIан ункъо нухалъ батIайиса цин Россиялъул генералияб прокуратураялдаса, республикаялъул прокуратураялда гьединго цогидал идарабазул хIалтIухъабиги рачIун рукIанин гьенире. Гьезул тIокIал чIечIого тIоритIулел халгьабияз жидерго хIалтIуде регIизе толел гьечIин жалилан гIарзги букIана гьесул:

Баширов МухIамад: «Балагьараб мехалъ цохIо нижер мухъалда гурони гьеб программаялда рекъон гьабулеб хIалтIулъ цебетIей гьечIеб гIадаб жо кколеб буго. Живго президент Р. ГIабдулатIиповасги абун букIана Унсоколо ва Хасавюрт мухъалда гурони басриял минабахъа гIадамал цIиял бакIазде гочинариялъул суал беццизе ккараб къагIидаялъ гьечIилан. Нижер гIадаб захIматаб мухъалда хIалтIи берцинго унеб букIиналъищ гьел гIажаиблъизарун ругелали, бичIчIулеб гьечIоха".

Э.Р Щибилинха гьез абулеб бугеб халгьабиялда гьоркьоб?

Баширов МухIамад: "Щибилан эз батIаго абилеб. Эз гIайиб чIвазе кколеб хIалалъ хIалтIиги гьабун букIинчIо нижеца. ГIиси-бикъинал гIунгутIаби камурал чагIиги рукIунарелъул гьезад тIадги хIалтIулел ругелъул ниж.

Балагьараб мехалъ баркал кьезе кколеб бакIалд хIалтIи гьабуралъухъ нагIана кьолеб бакIалде бачIун буго иш. Лъаларо нижер мухъалдаги мацIихъабаз тIибитIизабураб хабаралда хадур рачIарал чагIийиш гьалали лъалеб гьечIо».

Дагьаб хадуса нижгун бeхьен гьабурав, жиндир цIар бицине разилъичIев чияс абулеб бугоан тIасабихьиялъе гьеб хабарги бицун хасаб хъулухъалъул гIадамал рачIиналъе букIараб хIакъикъияб гIилла бахчулеб бугин гьез. ХIакъикъат абуни тIубанго батIияб бугин. Амма телефоналдаса мухIканго кинабго бицине разилъичIо гьев.
XS
SM
MD
LG