МагъчIваялъе рес

ГанчIил сиязе батулеб гIарац школал къачIазе щай батулареб?


Dagestan. Russian teacher monumen
Dagestan. Russian teacher monumen

МахIачхъалаялда бугеб ГIурусазул мугIалималъе лъураб монумент къачIаялъе тахшагьаралъул нухмалъиялъ харж гьабизе буго кIиго миллионги хадубги гъурущ. ЦохIо гьеб монумент гуребги гьединго гьелда сверухъ бугеб бакIги къачIазе рагIула гьеб гIарцуде. Амма гьеб ганчIил сиялда хадуб хъулухъ гьабизе гIарац биччаялда дандечIун руго цо-цо гIадамал. Щай гьезул гьединаб пикру бугебали бицунеб буго гъоркьехун.

Интернет-мухъ

МахIачхъалаялда бугеб гьеб гIурусазул мугIалим ракIалде щвезабиялъе лъураб ганчIил сиялда гъоркь буго гьединго тахшагьаралъул тарихалъул музейги. Музеялъул жаниса рахъги, гьединго монументалда аскIоб бугеб гIатIилъиги къачIазе рагIула гьеб кIиго миллионги хадубги гъурщиде. Амма мугIалималъул монумент къачIазейищ гьеб гIарцул цIикIкIарасеб къадар ине бугеб, яги музеялъул минаги, сверухъе бакIгийищали жеги лъалеб гьечIо. «Эркенлъиялъул» мухбир дандчIвана гьеб мемориалияб комплексалъул нухмалъулев ХIажиев Багьавудингун. Гьеб кIиго миллион музеялъул минаялда жаниб киналго хIалтIаби гьаризе гIоларилан абулеб буго гьес

ХIажиев Багьавудин: «Чара гьечIого гьаризе кколел хIалтIабазе гьеб гIарац гIела, амма кинабго бакIалги къачIазе ккани гIоларо. ГIурус мугIалималъул монументалда сверухъе эхетарал маххул конструкциялги къачIазе ккани, жанибе регьел баккун кьватI-кьватIун ругел къадалги къачIазе ккани, цогидал гIунгутIаби лъугIизарище ккани гьеб кIиго миллионаладсаги цIикIкIараб гIарац къваригIуна. Нилъерго тахшагьаралда бугеб мемориалияб комплекс къачIалеб букIун тун рагIа-ракьанде щун, тIаде рачIарал гьалбадеридаса нечоларедухъ гьабизе ккеларищха хIалтIи».

ХIакъикъаталдаги музеялъул жаниса рахъалъ къадал ругоан чIегIерлъун, тIаса гачги ун бакI-бакIалда тIогьалаб кьерги бугоан рехун. Щуго соналда жаниб гьениб кинабгIаги хIалтIи гьабичIилан абуна Багьавудин ХIажиевас. Гьединго гIурус мугIалималъул монументалда сверухъ берцинлъиялъе лъурал маххул къотIелалги, гьури бахъанщинахъе хьвагIолел ругин. Амма бищунго хираго гьениб чIезе бугин музеялъул къватIиса къадаздаги, гьединго монументалда сверухъ ккун бугеб мраморалъул гамачI хисиялъул хIалтIийилан абуна Багьавудин ХIажиевас.

Гьеб монумент ккола Совет хIукумат гIуцIун хадуб мугIрузул мухъазда лъай кьеялъул иша роцIцIинабиялъул мурадалда, Россиялдаса Дагъистаналде рачIарал гIурусазул мугIалимзаби ракIалде щвезариялъул хIурматалда гьабураб си. Гьел мугIалимзабазул хIаракаталъул хIасилалда аза-азар дагъистаниял ругьунлъана хъвазе ва цIализе, магIарухъ рагьана гIемерал мактабал. Жакъаги гьел баркалагун ракIалде щвезарула цIикIкIараб ригьалъул чагIаз. Амма гьел мугIалимзабазе лъураб ганчIи си къачIазе биччачIого, гьез дарсал кьуралдаса нахъе тIокIаб килищ хъвачIого риххун иналде ккарал школа къачIазе щайин хIукуматалъ гьеб гIарац биччаларебилан абулеб буго цо-цо дагъистанияз. Гьединазул цояй ккола блоггер ва журналист Светлана Анохинаги.

Светлана Анохина: «ТIоцебесеб иргаялда абуни, дие жибго гьеб монумент рекIее гIоларо. ЦIакъго сурукъго бихьула дида гьеб. Гьединлъидал дица абила гьелда тIад хвезабулеб гIарацги, гьелда гъоркь бугеб музеялъе биччан, гьеб монумент тIубанго нахъе рехизе кколилан. Монументал къачIаялъул рахъ ккола дица, амма МахIачхъалаялъул майданалда бугеб Ленинил сиги, гьеб гIурус мугIалималъул монументги рихьизецин рокьуларо гьезул суриялъ. СагIид Амировас Москваялда живго берцин вихьизе гIоло къазе гьабуна гьеб гIаламат тахшагьар бакьулъ, амма гIурус мугIалималъул сипат гьелъ рагьулеб гьечIо дие. Гьеб цо. КIиабизе бугони, щай киназго гIочIол тIогьиб чIван бугеб гьеб гIурусазул мугIалимал абураб калима? РикIкIадаб Россиялдаса магIарухъ росабалъ лъай кьезе рачIарал, 18 сон барал гIолохъанал ясазда гъорлъ цохIо гIурусал гурелги рукIинчIелищ? Дир кIодоэбелги йикIана гIурус миллаталъул мугIалим. Амма цохIо гIурус абураб рагIуде щай гьениб тIадецуй гьабулебали бичIчIуларо.

Гьедин дицаги рахъккола гьел монументаздаса цебе цин риххун инехъин ругел, рикIкIадал магIарул росабалъ ругел школал къачIазе кколилан. Чанго соналъ цее дун щун йикIана БежтIа мухъалда бугеб НахIада росдал школалде. Гьениб бихьараб сураталъ дун гьалгъазаюн йикIана, тIубан тIатIала иналде ккун букIан гьеб гIемер басралъиялъ. Гьединал школал абуни гIемер руго магIарухъ. Гьел къачIаян абе цин, хIажат гьечIел ганчIил сиялги яризаризеян абе».

Гьединго марталъул ахиралда къватIибе бачIараб баяналда абулеб букIана МахIачхъалаялъул тахшагьаралъул къватIал, сквералгун, бульварал ва монументал къачIаялъе 121 миллионгун 658 680 гъурущ биччазе бугилан. Тахшагьаралъул майданалда бугеб Ленинил монументалда хадуб хъулухъ гьабуралъухъ бащдаб миллионалдасаги цIикIкIараб гIарац биччазе бугин лъарабго киназго гIад-хочI гьабулеб букIана гьеб хIукму.

XS
SM
MD
LG