МагъчIваялъе рес

Макьасда курорт базе буго


Макьасда балеб курорталъул проекталъул багьа бахана 200 млн евроялде. Экспертазул рагIабазда рекъон, Шималияб Кавказалда жеги букIинчIо гьединаб проект.

Курорталда гъорлъе инехъин буго 60 номералъул къадаралда гьалбал рещтIунел рукъзалги, сах гьариялъул централги, ресторанги, бассейналги, цогидабги. Курорталъе архитектураялъул къагIида тIаса бищун буго Stratex абулеб Италиялдаса архитектураялъул бюроялъ. ТIабигIаталъе зарал кколареб куцалда базе бугила кинабго. Экологиялъул рахъалъ бацIцIадабин рикIкIунеб къайи-цIа хIалтIизабизе бугила гьениб объектал ралаго.

Гьелги разе рагIула Макьасдасан бихьулеб хьиндаллъиялдехун балагьун. Гьенир гъоркьа руго лъим речIчIулел бакIалги, ЦIелмес, ЛъагIилухъ, Харахьи, Гьамущи-Мущули росабиги, жибго Макьасда тIаде балагьун буго Сивухъ росуги. Унголъунги гIажаибго берцинаб тIабигIат буго.

БакIалъул гIадамазул биценалда рекъон, Макьасда руго тIабигIиябги цогидабги кIваралъул бакIал. Масала, Сивухъан вачIун тIарикъаталъул шайих рещтIараб бакI. Гьенисан гьев, сахъадерилгун дандеги ккечIого, ЦIалкIитIе ун вуго воржун. Гьединго руго торф абулеб цIатариялъул кIуди-кIудиял гъатал. Кавказ квегъун хадуб, гIурусаз Хунзахъ хъала бала. Гьеб хинлъизабизе сверухълъиялда гъветI-рохьги букIинчIого, торф баччулеб букIуна хъаладухъе. Макьасде щварал чагIи тIоцере уна сахъадерил хан ПатагIалил ясал чвердолел рукIарал хIавузал рихьизеги. Хас гьабун Макьасде гьел чвердезе иналъе гIилла букIун буго гьениб лъелъ озон букIин.

Шамил ГIалиев, Хунзахъ музеялъул директор: «Макьасда букIана цIакъ гъваридаб хIорги, тIину гьечIеб хIорин абулаан гьелде. Мусудузул иццинги буго бакI. Гьел киналго руго ПатагIали ханасул рукIарал ракьал».

«Сумма» компаниялъул баяназда рекъон, Макьасда курорт базе буго 20I7 соналде щвезегIан. Гьелда тIад арал харжалин абуни тIадруссинаризе бажарула I0 соналдасан. Щайин абуни, масала, цохIо сордо-къоялъ жанир чIаралъухъ гьалбадерица кьезе кколеб гIарцул къадар 300-400 доллар кколеб буго. Гьелда релълъун руго цогидал багьабиги. Сардал ран гуребги, гьениб гIарац гьабизе ракIалда буго спортивиялгун рекIелгъеялъул тадбирал тIоритIунги, гIадамал сах гьариялдалъунги.

Гьелдалъун гьеб кколеб бугинха гIицIго хIаталдаса ун бечедал чагIаз хIухьбахъулеб курортин абураб пикру загьир гьабулеб буго республикаялда гIадамаз. Масала, музеялъул директор Шамиль ГIалиевас гьадин бицунеб буго.

Шамиль ГIалиев: «Квачараб бакI буго доб, кидаго накIкIул цIунги букIуна. Риидалцин чи гIунараб бакIин абула гьелде. Торфал жал рукIиналъ, гьаваги гьедигIан бацIцIадаб гьечIо. Чанго соналъ цебе пионеразул лагерь гьабизехъин букIун, жибго тунги букIана, данде кколеб бакI гьечIилан. Гъоба гъоркьехун ЧIчIидатIа бакI гьечIищ, гьагъаб буго курорталъе санагIатаб бакI. Амма гIарац бугони, бокьараб жо гьабизе кIвезеги бегьилаха. Гьединго хIухьабахъизеги сордо-къоялда жаниб 400 доллар кьезе кколин хъвалеб буго. Гьеб кколаха 12 азарго гъурущ. Щив гьениве вачIунев? Бечедал чагIи рачIунел ратани, цоги-цогидал курортазде инарищ гьел? Жибго берцинаб бакIни буго доб, кинабго тIалъиги, гъоркьехун бугеб мухъги бихьулеб. Лъаларо, букIинеги бегьулаха гьелъул перспектива».

Гьелда тIадеги Макьасда курорталда хурхараб цоги масъалаги буго. Масала, гьанжеялдаса чанго соналъ цеве Хунзахъ мухъалъе нухмалъи гьабулев вукIарав ГIисаев МухIамадица «Матлас» абулеб бакIал ралеб компаниялъухъе 49 соналъ ижараялъе кьун бугин гьабсагIаталда курорт балеб бугеб ракьилан бицана ЭР-ялъе Сивухъа НурмухIамад МухIамадовас. Республикаялда гIемерисезда гьев лъала курорт баялда дандечIарав чи хIисабалда. Амма гьедин бакIал ралеб компаниялъухъе ракьал ижараялъ кьезе бегьулилан хъван гьечIила къануналда. ТIадежоялъе гьебги кьун бугила аукционги гьабичIого.

НурмухIамад МухIамадов: «Гьеб курорт баялда нижер дагIба гьечIо. Базеги ккола, гьабизеги ккола, гурони нилъ кин церетIелел? Гьабеха къануналда рекъон. Амма хIукуматалъ гIадамазухъаги босун ракь кьола гIицIго хабзалазеги, ччугIа гIезабизе хIор гьабиялъеги, нухлуеги. Буго къанун экономикияб зонаялъулги, экономикаялъул хасаб зонаялдаги хурхараб. Гьелда рекъон гьабизе кколин бицун букIана дица гьев нижер мухъалъул бетIерасдаги. Гурони хIарамаб куцалда гъоб босизе гъол гIолохъабазги бегьилищха? ЦIакъго курорталда данде чIарал чагIи руго щаталги гIехьелги. Амма тIеренаб рокIкIадагIан гьезул ракьазда хъвараб бакI гьечIо гьениб. Рас хутIичIого хIалтIи буго сахъадерил ракьалда гьабулеб. Гьедин батани, ахIеха прокурорги, лъазе гьабеха нижеца сахъадерил ракь къануналда рекъон бахъулеб бугилан (ГIисаев дова вугеб мехалъ гьел ракьал Хунзахъ мухъалъул нахъраталил ракьал ругилан гьабун букIана хъвай-хъвагIай".

Maкьасда. Этнографияб букIун
Maкьасда. Этнографияб букIун

16 августалда Хунзахъ мухъалде вачIун вукIана «Сумма» компаниялъул бетIергьан Зиявудин МухIамадовас лъазабуна жинца Макьасда курорт базе бугилан. Гьесда цадахъ вукIана республикаялъул бетIерги.

Зиявудин МухIамадовасде щвелалде гьениб хасало хъещтIолеб бакI балеб бугилан лъазабун букIана гьесул вацгIал АхIмад Билаловасги. Амма Сочиялда Олимпиадаялъул объектал ралаго Россиялъул нухмалъиялъулгун дандеккунгутIиги лъугьун, Билаловас улка тана. Гьелдаса хадуб Макьасда курорт баялъул хабарги чIезе тун букIана.

XS
SM
MD
LG