МагъчIваялъе рес

Ансал лъиданиги рагIунел гьечIо


Чанго сон буго Унсоколо мухъалъул ункъо росдал жамагIаталъул лъеда гъоркье арал ракьазухъ гIарац тIалаб гьабулеб бугелдаса. Амма жеги щун гьечIо. Гьал къоязда гьез рагьараб кагъат хъвана улкаялъул Президент Владимир Путинихъе. Кинал гIиллабазда бан гьезие рецIалил гIарац щолеб гьечIеб ва кинал суалал гьелда нахъа жеги рахчун ругелали цIех-рех гьабуна «Эркенлъиялъ»

Унсоколо мухъалъул ГьаракIуни, Рихьуни, Зирани, Майданское росаби ккола гьел. Исана щуябго сон буго гьезул рецIалил гIарац тIалаб гьабулеб бугелдаса. 2008 соналъ ГЭСазул рахъалъ ХIукуматалда цебе гIуцIараб комиссиялъ хIукму гьабун букIана лъел къадар 547 метрадул къадаралда эхеде бахинабизе. Амма хIисабалде босун букIараб къадаралдасаги цIикIкIун эхедеги бахун лъеда гъоркье ккун гIемераб магIишат гъанкъана тIадехун рехсарал росабазул. Гьелда бан гIемерал митингал, акциял, дандечIеял тIоритIана гьез жидерго дораги, МахIачхъалаялдаги. Гьал къоязда тахшагьаралда бугеб улкаялъул бетIер Владимир Путинил регионалияб вакиллъиялъул минаялъуреги ракIарун гьез рагьараб кагъат хъвана президентасухъе.

Лъеца гъанкъизабураб ракьалъул гIаммаб къадар бахунеб буго 1778 гектаралде, гьезда гьоркьоса ахал кколел руго 412 гектар, гьебин абуни ккола тIолабго Унсоколо мухъалда ругел киналго ахазул 54 процент. Гьединго лъеда гъоркье ккун гъанкъун руго боцIи кваналел мучIдузул 328 гектар, рецулел харибакIазул 49 гектар.

Гьел росабазда гьоркьоб бищунго кIудияб зарал ккун буго Рихьундерил росдал жамагIаталъе. Гьедин бицана «Эркенлъиялъе» гьезул жамагIатчи ХIамзатов ХIамзатица. Гьев гьединго ккола «Справедливость Общества» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулевги.

ХIамзатов ХIамзат: «Рихьундерил ахазул лъеда гъоркье ккун хвана 216 гектар, боцIи кваналел мучIдузул 125 гектар. Гьездаго цадахъ 184 гIолохъанаб хъизам буго жанир рукIине рукъзалги гьечIого. Гьезда гьоркьоб 58-ялъе диванханаялъул хIукму буго гьезие рукъзал кьезе кколилан. Кьезени киназего ккола хIакъикъаталдаги, амма гъол бащадаз жидеего цIодорлъи гьабулеб бгIадин дивнаханаялдеги ун тасдикъ гьабун буго жидерго къварилъи».

Гьеб гIарац щвеялъе киналго документалги хIадур гьарун, киналниги идарабаз тасдикъ гьабун бугилан бицана ХIамзатица хадубги. Амма гьеб гIарац бачIине кколеб рагIула федералияб бюджеталдаса. Гьеб тIалаб гьабулев чи хIукуматалъул нухмалъиялда гьоркьов гьечIолъиялъ бугин кинабго рагIалда бан хутIунилан абулеб буго рихьундерил жамгIияв хIаракатчияс.

ХIамзатов ХIамзат: « Гьеб гIарац кьейилан Москваялде ахIи балев чи гьечIого вугоха тIалъиялъул къапилаялда гьоркьов. ХIакъикъаталда гьеб гIарац тIалаб гьабизе кколеб идара буго Энергетикаялъул рахъалъ министерлъи. Гьелъ гIадамалги руго ццидахун».

Жидее гIарац щвезе кумек гьабеян ансадерица гьарун букIана исана риидал халкъалъулгун онлайн –конферениця тIобитIулеб мехалъ Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазанидаги. Амма жинда лъалелдаса нахъе бугин жиндица гьезие рецIалил гIарац тIалаб гьабулеб бугелдаса, тIокIаб чIечIого цохIо гьезие кьезе гIарац букIунарин улкаялъул бюджеталдаян ансадерил жамагIат разияб жаваб кьечIо Рамазаница гьезие.

Гьанже гьеб суалгун Халкъияб Мажлисалъул нухмалъулев ШихсагIидов Хизрихъе раккизе ракIалда буго гьезда. Гьев хIукуматалъул нухмалъулев вугеб мехалдаса нахъего букIараб суал кколин гьеб, гьединлъидал гьесда цогидаздасаги лъикIго бичIчIулин жидер унтиян бицана ХIамзат ХIазатовас. Гьелъулги хIасил ккечIони нахъойги митингал тIоритIизе ракIалда буго ансадерида.
XS
SM
MD
LG