МагъчIваялъе рес

Пашманаб детектив: кино гуро, жакъа къоялъул гIумру...


Дагъистаналда тIагIун вуго Казбек мухъалъул Дылым росулъа Гъанаматов ХIабибуллагь. Мухъалъул полициялъул хIалтIухъабаз хадуб хал кколеб букIин лъарав гьев лъутун аралдаса гьесул хабар лъалеб гьечIо гIагаразда. Гьезул рагIабазда рекъон салафиязулгун, я рохьилазулгун щибниги бухьен гьесул букIун гьечIо. Низам цIунулез гьесде гIунтIизабулеб гIайиб кьучI гьечIеб бугилан абулеб ХIабибулагьил хъизаналъул адвокат Сапият МухIамадовалъги.

Гьеб лъугьа-бахъин ккун буго 29 октябралда. Дылым росулъ жидерго гIагарал чагIазухъеги щун тIадруссун рачIунел Изиги гьелъул рос ХIабибулагьги. Телефоналда жанибе гIарац рехизе къватIиве вахъарав ХIабибулагьида аскIоре рачIун руго лъадарел чагIи гьезул цоясда тIад ярагъги букIун буго. ГьебсагIат жалго рекIун рукIараб автомобилалда жанивеги кIанцIун гьадал чагIаз дун я викъизехъин ватулин ялъуни чIвазехъин вугилан хъизамалдаги абуна хехго гьениса нахъе тIуризе гIамал гьабун буго гьес. Амма до чагIи хъахIаб, 14 маркаялъул автомобилалда гьазда хадур рачIунел руго. Гьалъ рачIунгеян къватIие яккун квер гьабуниги гьел нахъаруссун гьечIо, гьебмехалъ кодов ккун вукIарав микьго моцI барав вас автомобилалъул гордухъа къватIиве ваккизавун вуго Изица гьелъниги чIезе гьарилародайин гьелан. Амма гьелъги хадур рачIунезе щибниги асар гьабун гьечIо.

ХIабибулагьица кIудияб хехлъиялда хъамулеб букIиналъ жиндир лъимал рахъ-рахъалде речIчIизарулел рукIанилан бицунеб буго Изица хадубги. Лъимал хIинкъун ахIдезе, гIодизе лъугьун руго. Чара хварай гьелъ телефоналадса ахIи бан буго гьал гьоболлъухъ рукIарал ХIабибулагьил яцалъухъе щалали лъаларел чагIи жидеда хадур кколел ругилан. автомобиль жиндирго яцалъул мина бугеб рахъалдехун сверизе гьабун гьес, дол чагIи гьениреги рачIун руго. Рукъалда аскIор Изида рихьун руго гьазул ахIиялъухъе къватIире раккарал ХIабибулагьил гIагарлъиги, гьез кумекалъе ахIарал чагIиги. Гьезул рукъалда аскIоб чанго свериги бахъун рохь бугеб рахъалдехун сверун, гьанже нуж берцинго рукIаян гьазадаги абун рохьове тIурун ун вуго гьев.

ХIабибулагьида хадур кколел рукIарал чагIи ратун руго Казбек мухъалъул полициялъул хIалтIухъаби. Гьел гIажаиблъун хутIанин жидирго цIарги росасул цIарги бицараб мехалъ. Балагьараб мехалъ гьел цогидал чагIазда хадур сверулел рукIун ратизе ругилан абулеб буго Изица.

Гьелдаса хадуб полициялдеги ячун Изидаса гьез тIалаб гьабун буго гьай рекIун йикIараб автомобилалъур жегиги чагIи рукIанилан абураб кагътида гъоркь гъулбасизе гьабеян. Амма гьелъ инкар гьабун буго:

Гъанаматова Изи: «Дир далил буго гьелъие. Автомобилалда жанир дида аскIой нахъехун рахъалда дир яс гурев чи вукIинчIо. Гьеб гьезда жидедагоги бихьана. Амма хадур гьел лъугьана автомобилалъул богажникалда жаниса кIиго чи къватIиве вахъанин жидецаян, амма гьеб гьереси буго. Гьереси бугилан дица ахIи-хIур байдал руцIцIунги чIана гьел».

ХIабибулагь рекIун вукIараб автомобиль бикъараб бугилан абун буго низам цIунулез. Гьес гьеб босаралдаса бан букIун моцIгIанасеб заман. Росас лъихъа гьеб босун букIарабалиги Изида лъалеб гьечIо. Гьебго къоялъ гьалъухъа изнуги босичIого ХIабибулагьил рокъоб чIухьги бан буго Казбекалъул низам цIунулез. Полициялъул хIалтIухъабаз хадуб хал кквезе гIадаб жо гьес гьабун букIинчIилан абулеб буго буго чIужуялъ, ралел бакIаздаги хIалтIун хъизан рукъалъе гIарац балагьулев вукIанин гьев. Я салафиязулин, я цоги гьезда релълъараб умматалъулгунги щибниги гьоркьоблъи букIинчIин гьесул.
ГьабсагIат ХIабибулагьил хIакъалъулъ лъалеб хабар гьечIо щибниги. Гьесул хъизам Изил ихтиярал цIунулел руго Хасавюрталдаса адвокат Сапият МухIамадовалъ. БетIергьабаздаги лъачIого гьезул рокъоб чIухь барал полициялъул хIалтIухъаби тамихIалде цIазе кколилан абулеб буго гьелъ. Гьелъул хIакъалъулъ Жанисел ишазул министрасухъеги цIех-рехалъул комитеталдеги гIарза хъвазехъин буго гьелъ.
Жинда бахъараб ццим ХIабибулагьида бецIулеб бугилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Эсенаев Давудица. Гьев ккола Казбек мухъалъул мажлисалъул депутат.

Араб соналда полициялъул хIалтIухъан чIваялъе гIайибияв чи вугиланги абун жиндир вас Эсенаев Зураб кквезе тIубараб хасаб операциялда релълъараб жо гьабун букIанин гьез жиндир рукъалда аскIоб. ХIалае Чачаназул Ханкала абулеб городалдаса рагъулаб автомобиль «Урал» цIун къуваталъул хIалтIухъабиги ахIун. Амма гьеб букIанин живго Казбек мухъалъул жанисел ишазул идараялъул нухмалъулес жиндир васасда бугьтанги лъун гьабураб ахIи-хIур. Исана гьез гIужие восанин ХIабибулагьги:

Эсенаев Давуд: «Дирги полициялъул нухмалъулесулги дагIба ккеялдалъун байбихьи лъуна гьелъие. Дир автомобильбатана рукъалад аскIоб гьакибурдулги эхедехун сверизарун лъун. Гьелъие гIайибиял чагIи ратизе заман байдал дица скIове вачIун абуна гьес рачIайила гьеб иш къазе, лъагIалил ахирги щолеб бугин, жинца гьабураб хIалтIул баянги кьезе кколила жанибе, гьелъул квал-квал кколеб бугила жинде абун. Дица инкар гьабидал гьев дие хIинкъи кьезе лъугьана. Дицаги кьварун лъазабуна дие щибниги гьабуни дуеги лъикI ккезе гьечIилан. Гьелдаса хадуб рачIана гьел дир васада хадур».
Казбек мухъалъул полициялъул нухмалъиялъул рахъалдаса гьеб тIоцебесеб нух гурин гIадамазе гIакъуба кьолеб бугелдасян цIакъ ракIбакъван буго Давудил. МахIачхъалаялде минитгалде рахъунги гьелъул хIакъикъат президентасухъе щвезабичIого чIезе ракIалда гьечIо гьесда.
XS
SM
MD
LG