МагъчIваялъе рес

Лъица гIадамал диналде гIагар гьаризе кколел?


Дагъистаналда буго батIи-батIияб даражаялда исламияб лъай кьолеб цIалул 1 847 идара. Гьел ккола мадрасабиги, мажгиталги, цогидалги. Амма гьенир хIалтIулел чагIазул жидерго лъай мукъсанаб буго.

Гьединаб магIна букIана 13 июналда Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул данделъиялда гьабураб Мурад Заргишиевасул кIалъаялъул. Гьев ккола динияб суал тIаде кколеб комитеталъул нухмалъулев. Гьеб данделъиялда гьоркьоб лъун букIана Дагъистаналда исламияб лъай кьеялъул суал.

Гьениб бицана пачалихъги динги батIа-батIаго букIине кколин рикIкIинчIого, хIукуматалъул рахъалдасанги букIине кккелин диниял гIуцIабазе кумек. Масала, гIатIид гьаризе ккелин цереккун гIуцIун рукIарал программаби, мажгитазул дибирзабазул лъай борхизабулел хасал курсал рукIине ккелин. Гьеб хIалтIуда гъорлъе журазе ккелин республикаялда ругел исламиял цIалул идарабазул хIалтIухъабиго гIадин, блогералги, цогидалги. Дибирзабазе аттестация гьабизе кколин суал дагьалъ цебе республикаялъул нухмалъулесги борхана.
Амма бусурбабазул идараялъул вакилзабаз ЭР-ялъе абун букIана гьединал аттестациял жидеца тIокIалъ чIечIого гьарулин, Рамазан ГIабдулатIиповасул тIадкъаялда бараб жо гьениб гьечIила.

Гьезие гьединго бокьуларо мажгитазул имамзаби лъаялъул рахъалъ гIодобегIанаб даражаялъул ругилан абизе, гьединго рекIее гIоларо исламияб лъаялда хадур дагъистаниял гIараб улкабазде инги. Гьенире щвезегIан инчIониги гIураб лъай Дагъистаналдаги щолин рикIкIуна бусурбабазул официалияб идараялъ.

Лъаялда хадур дагъистаниял гIараб улкабазде ине бокьунгутIиялъе гIилла буго гьениса руссингун гIолилазулъ радикалияб бербалагьи цIикIкIунин абураб пикру лъугьун букIин. Гьедин республикаялда кколел кьвагьа-гIанхъиязулъ аслияб гIахьаллъи радикалазул букIунилан низам цIунулезулги буго гьездехун дагIба. Диниял дандеккунгутIабазда бан жалго салафитазул дагIба-рагIи тIарикъатчагIазулгунги букIуна.

Салафитал гIемерал мухъазда гьоркьоб цо-цо мехалда ЦIумада мухъги рехсола республикаялда. Амма гьабсагIаталда жидер мухъалда салафитазулги суфиязулги гьедин бицинегIанасел дандеккунгутIаби гьечIин бицана ЭР-ялъе ЦIумада мухъалъул нухмалъулев Камилов МухIамадица. Жидедаго тIадаб динги гьабун, жамагIаталъул хIалтIабалъги гIахьаллъун рукIунила гьел. ТIадежоялъе жидер салафитал ругила спорт бокьулел чагIи.

МухIамад Камилов: «Жидерго команда гIуцIана гъоз. 30 командаялда гьоркьоб тIоцебесеб бакIги босана. КинабгIаги дандечIейги гьечIо гьезул. Ккараб бакIалда субботникалде рахъуна, ккараб бакIалда хIалтIула, жиедего магIишат гьабулел рукIуна.

Мегеж тун бугилан цо-цо харбал рукIуна. Биччай абе, сунна буго гьеб. Мегеж тунилан тушманлъийищ гьабизе кколеб? ГьечIеб бакIалда проблема гьабизе бегьуларо. Щивав чияс Аллагьасда цебе кьела жаваб – жиндирго хIалтIулги, ишазулги, гIамалалъулги. Гьанже рохьор ругезулгунги гьечIо проблема. Гьенирги нижехъа чагIи гуро рукIарал. КъватIиса рукIана. Гьанже гIодобиччай лъугьун буго, хасго республикаялъул нухмалъиялде Рамазан ГIабдулатIипов вачIиндал. Гьес халкъалдехун вуссун хабар бицунеб букIиналъулги батилаха кумек. Гьединго къойилго бицине рес гьечIониги, зама-заманалдасан гIалимзабазги бицуна гIадамазе хIакъикъат…».

Гьес бицунел салафиталги руго аслияб куцалда гIараб улкабазда лъай щварал.
Доб цебехун бицен гьабураб Халкъияб Мажлисалъул данделъиялда МахIачхъалаялъул Жума-мажгиталъул дибир СагIадуев МухIамадрасулица абуна лъай кьезе гIалимзаби къватIиса ахIулеб гIадат букIанила цо заманалда. Гьеб къагIида гьанжеги такрар гьабизе бегьилила.
XS
SM
MD
LG