МагъчIваялъе рес

ЦIиял къануназул рагIдукь хутIиладай гIелмияб хазина?


Россиялъул гIелмабазул академиялда сверухъ кIудияб хиса-баси ккезе бегьула гIагараб заманалда. Пачалихъияб Думаялъ хIадур гьабулеб буго гьеб гIуцIиялъул киналго ихтиярал пачалихъалъул къайимлъиялде гъорлъе унеб къануналъул проект. Амма киналго гIалимзабаз хъуй бахъинабуна гьелда рази гьечIолъиги загьир гьабун. Кинаб къисмат ккезе бегьулеб гьел хиса-басияздаа хадуб?

ТIолалго гIалимзабазул кIудияб рахIатхвезабун буго гьеб хабаралъ. Лъабнусго сонилаб тарих нахъа бугеб Россиялъул гIелмуялъул академиялда тIад зани чIвараб гIадаб жо гьабизехъан бугин гьеб къануналъилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул гIелмияб централъул нухмалъулев ГIамирханов Хизрица.

Жибго гIелму цебетIеялъе гьелъие пайдаяб рахъ пачалихъияб думаялъ хIадур гьабулеб реформаялда жаниб жинда бихьулеб гьечIин, гьанжелъагIан автономияб гIуцIи хIисабалда хIалтIулеб букIараб гIелмабазул академиялъул бетIергьанлъун хIукумат букIине бокьун бугин гьезие. Реформа гIумруялде бахъани гьелда тIад хважаинлъи гьабизе киналго ихтиярал щолел руго Россиялъул хIукуматалъе, гьединго жибго гIелмабазул академияги, сахлъи цIуниялъул ва росдал магIишаталъулги гIелмабазул академияги дандегьарун цо гьабизе буго. Гьединго гьел хиса-басиязда хадуб тIубанго нахъе бахъизе ракIалда рагIула член-корреспондент абураб гIелмияб цIарги.

Улкаялъул тIолабго гIелмияб ирсалда гьоркьоб гIелмуялъул академиялъ кколин гIицIго 13 процент, гьезие гIелмуялда хиса-басиял гьаризе ракIалда букIараб батани цин цере гьарун рукIарал щайин гьез рагIалде рахъинаруларел. Лъай кьеялда, медицинаялда реформа гьабизеян журан рукIанин гьел щибинха гьелъул ккарабилан гьикъулеб буго Хизри ГIамирхановас.

ГIамирханов Хизри: «ЛъикIал ишал гьарулел ругони гьел киназдасаго балъго гьарулеб гIадат гьечIо ва гьеб гуребги гIелмуялда жанир реформа гьабизе къасд гьабуна гьалдаса I5 соналъ цебе Туркмениялъги, щибха гьелъул ккараб. КIудияб пайда щванищ гьезул гIелмуялъе гьел хиса-басияздаса хадуб, щваниланго рагIичIо…».

Пачалихъияб думаялъ гьеб къануналъул проекталъул халгьаби тIобитIана июлалъул лъабабилеб къоялъ, депутатазул 234 чияс рахъ ккун, 84 чияс инкар гьабуна гьелдаса, коммунист партиялъул вакилзаби гьелда дандечIей загьир гьабун данделъи тIобитIулеб минаялдаса къватIире ун руго. Хадусеб халгьаби букIине буго сентябралда.

Гьелъ кутакалда рахIат хвезабун буго дагъистаналъул гIалимзабазулги. 12 батIияб гIелмияб институт бугеб Дагъистаналъул гIелмияб централда кIудиял хиса-басиял ккезе бегьула гьелдаса хадур. Жибго гIелмияб центр гьеб цIаралдаса махIрумлъун россиялъул гIелмияб академиялъул Дагъистаналда бугеб вакилъи абураб гIуцIиялде сверизе бугилан абулеб бугилан бицана Дагъистаналъул гIелмияб централъул нухмалъулес.

Жалго гIелмиял институтал абуни рикьизе рагIула лъабго батIияб тайпаялде. Гьезул тIоцересел ине рагIула гIелмияб цIех-рехал гьарулел цогидал гIелмиял институтазул бакIалда гIуцIарал гIелмиял агенствабазде гъорлъе, россиялъул хIукуматлъул къайимлъиялда гъоркь хIалтIизе, кIиабилел рикьизе рагIула батIи-батIиял хIукуматалъул идарабазде, лъабабилеб тайпайин абуни тIуранго къазе рагIула. Кинал гIелмиял институтал кинаб тайпаялде гъоркье ккелелли жеги лъаларилан абуна Хизри ГIамирхановас.

ГIелмулда жаниб хиса-басиял гьариялде дандечIун гьечIин живги жинда цадахъ хIалтIулелгиян бицана гIалимчияс хадубги. Амма гьадинаб реформа нижер лъиениги дандеккларин, щаяли гьадин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

ГIамирханов Хизри: «ГIелмуялда жаниб реформа гьабизе ккола, къваригIун буго гьениб хиса-басиял рукIине. Амма гьадинал гуроха. Гьел хиса-басиял гьаризе кколин маялда жиндирго хитIабалда президентасги абун букIана, амма ниж бутIа-бутIа гьабун рикьеян абулеб букIинчIоха гьениб. Гьабулеб бугони реформа гьабеха щибаб жоялъул тартибги цIунун, мухIканго, щибаб галиялъул пикруги гьабун ва гьелъ кьезе бугеб хIасилалъул хIисабги гьабун. Нахъойги тIадувуссун абила реформа гьабизе мех щун бугилан, гIелмуялъул академиялъ жиндирго ригь нахъа тана, къваригIун буго цIилъи, амма щалали лъаларел чагIазул рагIа-ракьанде щвечIел пикрабиги хIалтIизарун гуроха гьеб гьабулеб».
Нижеца гьединго гара-чIвари гьабуна дагъистаналъул гIалимзабазул централъул нухмалъулев хисулев Гъафуров Маликилгунги. Хизри ГIамирхановго гIадин гьевги ккола физикаялъулгун зоб-ракьалъул гIелму лъазабиялда тIад хIалтIулев гIалимчи. Жиндиргун пишацояс «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабураб пикру гIахьал гьабуна гьесги.

ГIелмуялъулгун бухьен бугев чиясда гурони гьелъул мацI бичIчIуларин, гьелъие гьунарги бугев чи тIаса вищун цIар чIвалеб гIадат букIанин гьанжелъагIан, гьалдаса хадуб хIукуматалъул нухмалъиялда гIодор чIун ругел хIакимзабаз улкаялъул гIелмуялъе нух кинаб куцалда бихьизабизе бугебали бичIчIизе кIолеб гьечIин жинядан абулеб бугоан гьесги.

Гъафуров Малик: «Реформаби узухъда къваригIун руго, гьанир гьабсагIат хIалтIулелщинал чIагIазул гIемерисезул буго кIудияб ригь, гьел хисизе чи гьечIо жакъа, щай, щайгурелъул 90 соназда гIемерав гIолохъанав гIалимчи ана гьаниса харж дагьаб букIун, 100 доллар букIана моцIалъе бихьизабураб гIарац, гьеб гIарцуде хъизанги хьихьизе рукъги ккун бажаруларелъул. 2008 соналъ циндаго цIикIкIинабуна нижее харж, кинабго рукIалиде бачIана, амма цIиял, бажари бугел гIолохъанал гIел гьечIо жакъа"

Э.Р: Гьанже цIалун рахъарал аспирантал ахIизе рес гьечIиш гьенире хIалтIизе?

Гъафуров Малик: «Гьел аспиранталги цин хIадур гьаризе кколелъул, хIалбихьи гьечIони кинан гьел гьанир хIалтIилел. БачIунеб 5-6 соналда жаниб кIудияб къварилъи букIине буго хIалтIухъабазул рахъалъ, гьелда тIад хIалтIи гьабизе ккола нижеца».

ГIелмуялда серухъ гьеб кинабго гIала-гъважа багъаризабурав чи россиялъул лъай кьеялъул министр Ливанов Дмитрий кколилан хъвалеб буго интернеталъул гьурмазда. Лъай кьеялъул системаялде вачIаралдаса гьес гьабичIебги аскIор ругез хIехьечIебги жо течIин гьанже гIелмуялда жаниб реформа гьабиялъул рахъалъги гьесул мурад гIумруялде бахъани улкаялъул гIелмияб хIаракатчилъи тIубанго чIун хутIизе бугилан абулеб буго гIемерисел гIалимзабаз.
XS
SM
MD
LG