МагъчIваялъе рес

ГI. Ибрагьимов: "НекIсияб Дербенталъул куцалъе хIинкъи буго."


23 октябралда Дагъистаналде иргадулаб нухалда вачIун вуго Россиялъул президентасул Шималияб Кавказалъул Федералияб округалда вугев вакил Сергей Меликов. Гьев вачIиналъе гIилла бугила 2015 соналъ кIодо гьабизе бугеб Дербенталъе 2000 сон тIубаялда хурхун тIобитIулеб байрамалде кин хIадурлъи унеб бугебалиян, лъазабулеб буго гьесул пресс-хъулухъалъ. Гьеб байрамалде Дербент къачIалебинги абун шагьаралъул тарихиял бакIал риххизарулел ругин абун рахIатхвезабун буго тарихчагIазулги.

Хамиз къоялъ Дагъистаналде вачIун вуго Шималияб Кавказалъул Федералияб округалда Россиялъул президентасул вакил Сергей Меликов. Аслияб къагIидаялъ гьеб сапар Меликовас бухьинабулеб буго Дербент шагьаралъ 2000 сон тIубай кIодо гьабиялда хурхун унел ругел хIадурлъазабул халгьабизе. Гьедин лъазабулеб буго Меликовасул пресс-хъулухъалъ.

Гьединго Сергей Меликовасда ракIалда рагIула Дербенталъул жамгIиятгун дандчIвазеги. Гьеб дандеруссиналдагIаги жидер ахIи хIакимчиясухъе щвезабизе рес букIинародайин абун вугин живилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дербенталъул Нарын-хъалаялъул музеялъул бетIер, тарихиял гIелмабазул кандидат Ибригьимов ГIалица. Гьес лъазабулеб буго жидер

рахIат хвезабун бугила чанги нус-нусги аза-азарги санал рарал Дербенталъул къватIалги къадалги, минабиги байрамалде хIадурлъи гьабулеб бугиланги абун риххизариялъ. Шагьаралъул тIалъиялъе гьеб суалалъул щибго къварилъи гьечIила, жидеца гьеб суалалде администрациялъул кIвар буссинабизе чанцIул хIалбихьаниги, гьелъул хIасил кколеб гьечIила.

ГIали Ибрагьимов: «Квеш ккараб жо буго байрамалде хIадурлъи дербенталъул гIадамазе балагьалде буссун букIин. Байрамалъул багьанаги батун жеги заман щвелалдего кинабго жо бухъа-хъан , гъутIби къотIун шагьаралда некIсияб шагьаралда балагь рещIтIинабун буго. Гьел хIалтIаби гьарулелъулги я тарихчагIазда, я нижер музеялъул хIалтIухъабазда, яги цойги гьединаб жо бичIчIулев цониги чиясулгун дандбалеб гьечIо. Цониги нухалда щибниги биххизабизе яги бухъизе буюри кьурав чиги ватуларо. ХIалтIухъабаз абула жидеда малъараб жо гьабулел чагIи ругила жал, тIалъиялде бахъейила гIарзилан. Щивин нужее нухмалъи гьабулев чийилан цIехани, цониги нухалъ гьев чиги вихьизавичIо дида. ЧанцIулго ана дун шагьаралъул администрациялдеги гьеб гъалмагъир лъугIизе тейин, хIалтIабиги магIна бугеб хIалалда, некIсиял бакIазе зарал кколареб хIалалъ гьарейин абун. Амма дун тIаса вихьизе жал рицин ругони гьезги цониги кьучIаб жо бицинчIо. Гьез лъазабуна байрамалде шагьар къачIалеб бугила, басриязул бакIалда цIиял гъутIбиги чIезе ругила. Гьедин абуралдаса бащадаб лъагIел ана, амма жеги цониги цIияб гъветI чIун гьечIо къотIарал басриязул бакIалда.

Гьединго ГIалица бицана 2015 соналъ кIодо гьабизе бугеб Дербенталъ 2000 сон баялъул байрамалде хIадурлъулеб мехалда, щиб кин гьениб гьабилебали дандбалеб цониги гIуцIиялда яги комиссиялда гъорлъ гьечIила я жив я жиндир идараялъул цониги хIалтIухъан. Гьединго цониги Дербент лъале тарихчиги шагьар рекIехъе лъалев цониги гьенив гIумру гьабун вуге чиги гьечIила гьезда гьоркьор. ТIалъиялъ жидедаго лъикIилан ккараб хIалалъ гьарулел ругила хIалтIаби. Гьединлъидал къачIалебинги абун цIикIкIунисеб бутIа хвезабулеб бугила байрамалде хIадурлъи гьабулаго.

ГIали Ибрагьимов, музеялъул нухмалъулев
ГIали Ибрагьимов, музеялъул нухмалъулев

ГIали Ибрагьимов: «Дербенталъул басрияб рахъ, гьанжесеб шагьаралъул бащалъи гьеб ккола къватIиб бугеб музей-заповедник. Гьелъул нухмалъулев хIисабалда, яги тарихчи хIисабалда цониги нухалъ я дида, яги дир цохIониги хIалтIухъанасда дандбачIо аза-азар санал рарал шагьаралъул къадал риххизарулеб мехалда. Шагьаралъул басрияб рахъалда гIумру гьабун ругел, гьениб бугеб щибаб гамачI лъалелин абизе бегьулел гIадамалги гьечIо гьенир. Гьедин гьабулеб жойищ букIунеб цIигьабун къачIай. Гьезул киналго хIалтIабаздаса азарго нухалда къиматаб буго жакъа биххун ине бугеб букIаниги гьединаб къадал цо кесек. Гьел чагIазда жидецаго гьабулеб бугеб жоялъул магIнацин бичIчIулеб гьечIо. БичIчIулеб гьечIолъи бихьулеб буго я тариххияб къагIидаялъ яги берцинлъиялъул рахъалъ данде кколареб гьанже заманалъул гIодоб кколеб къоно, азарго сон бараб къадазда цебесан ккун букIиналъги».

Гьединго Ибрагьимовасул рахIатхвезабун буго байрамалде хIадурулаго шагьараллъул басрияб рахъалда я лъим бачун яги чорокаб лъим ине рогIрал лъун, токалъул кваал рукIалиде рачун, гIадамазе санагIалъи гьабун гьечIиланги. Гьес абулеб буго байрамалъул багьаналъун кколеб Дербенталъул басрияб рахъбиххизаби гурони, гьелъие кинабгIаги пайда кколеб гьечIила. ГIадамазе санагIалъиялъе гьарулел киналгIаги хIалтIабиги шагьаралъул цIияб рахъалда ругезе гурони басрияб рахъалда гIумру гьабун ругезе щолел гьечIилан.

Ибрагьимовас рорхарал суалазе жаваб щвеялъул мурадалда «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Дербенталъул администрациялъул пресс-секретарь Ирина Шихшаевалъулгун. Гьелъ лъазабуна шагьаралъул кинабго нухмалъи гьаб сагIаталда Меликовасулгун дандчIваялда ругила, гьединлъидал гьел суалазда тIасан баян кьезе регIарав чи гьечIилан.

2015 соналъул риидал кIодо гьабизе ккола Дербенталъ 2000 сон тIубай. Гьеб байрамалде шагьар хIадуриялъе бюджеталдасан 2 миллиард гъурущ биччайилан бихьизабун букIана кIиго соналъ цебе Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас. Гьеб гIарцуде къачIазе кколел рукIана 2012 соналъул хасалихъе лъимкIанцIиялъул хIасилалда Дербенталда хвезарурал нухалги, риххизарурал рукъзалги. Гьел киналго тадбирал тIоритIизе гьеб кIиго миллиард гъурущ гIоларилан, дагьабги гIарац къваригIунилан лъазабун букIана Дербенталъул мэр Яралиев Имамица. Амма гьесул тIалабазухъ гIинтIамулев чи ккун гьечIо пачалихъалъул тIалъиялда.

XS
SM
MD
LG