МагъчIваялъе рес

Шималияб Кавказалда бищунго хIалтIул бакIал камун руго Дагъистаналда


«РосБизнесКонсталтинг» агентлъиялъ дагьалъ цебе тIобитIараб гьикъа-бакъиялда гIумру гьабизе санагIалъиялъулги, хIалтIизе бакIал рукIиналъулги, моцIрое щолеб харжилги рахъалъ Шималияб Кавказалъул шагьарал ахираб кьерде ккана. Амма гьелдаго цадахъ цIикIкун руго гьеб регионалда гIумру гьабулел гIадамалги.

«РосБизнесКонсалтинг» агентлъиялъ гьабураб гьикъа-бакъиялда рекъон, Шималияб Кавказалъул шагьарал инчIо Россиялъул бищунго бечедалги мискиналги шагьаразул сияхIалде. Амма гьелдаго цадахъ Грозный шагьар бихьизабулеб буго бищунго дагь гIадамазе харжал щолеб шагьарлъун. 74 абилеб бакIалда буго гьеб. 71 абилеб бакIалда буго Дагъистан.

Амма Шималияб Кавказалда бищунго гIадамазе хIалтIизе бакIал гьечIолъиялъул рахъалъ бищун ахирисеб кьере ккун буго Дагъистан.

Дагъистаналъул росаби чIунтулел ругин ахIи балеб буго цо къокъаялъ. Гьелъие гIилла ккола гьениб хIалтIи гьечIолъи. Гьедин бицунеб буго ЭР-ялъе жамгIияв хIаракатчи ва журналист ГIалисултан ГъазимухIамадовас.

ГIалисултан ГъазимухIамадов: «МагIарухъа гIадамал гочунел руго лъарагIлъиялде. Гъоба буго кIиго батIияб тенденция. Доба хIалтIи гьечIолъиялъ дора чIайилан кинха абилеб гIадамазда: бекьун хурги щолеб гьечIони, гIицIго боцIи хьихьизе гурони ресги гьечIони?».

ХIалтIизе бакIал гьечIолъиялъ рахъалъ иш цIакъго квеш мугIрузда мухъазда букIунин кидагоян бицана ЭР-ялъе социолог Загьид ГIабдулагатовас. 60-70 процент букIунила хIалтIи гьечIого хутIарал гIадамазул. Гьединго статистикаялде божилъи гьабизе бегьуларинги абуна гьес.

Загьид ГIабдулагатов: «ГIадамал унел гьечIо жал хIалтIи гьечIого хутIун ругин абун пачалихъалъухъа гIарац, пособиял росизе, гьединлъидал божилъи гьбаизе бегьулел баянал рукIунаро гьеб статистика гьабулел хIалтIухъабазул. Масала, цо мухъалда вугев социалияб хъулухъалъул хIалтIухъанас бицана дида жиндихъе кагъат бачIун букIанила МахIачхъалаялдаса нужер мухъалда хIалтIуда чан вугевали бихьизабеян хъвараб. КигIан хъвалебин гьикъанила жинца нухмалъулесда. Гьа, гIунги тIокIги гIадамал рихьизарейин жаваб кьунила гьес».

ХIалтIи гьечIого хутIарал гIадамазул къадар Россиялда жаниб босани, 12 гIан процент букIанила гъоркьисала. Амма хIакъикъаталда Дагъистаналда гьеб къадар 8 проценталда бащадаб бугони, мадар букIунин рикIкIунеб буго социолог Загьид ГIабдулагатовас. Гьединлъидал 8 проценталдаса тIаде борчIулеб бугелъул, гьелъул магIна кколин гIадамал хIалтIиги гьечIого хутIун рукIиналъул рахъалъ республикаялда кризис лъугьун букIинилан абуна гьес.

Гьедин хIалтIи балагьизе дагъистаниял Россиялде унеб гIадат буго советияб заманалдасаго. Гьезул цо-цоял гIарацги гьабун, чанго моцIидаса нахъруссун рачIуна. Советияб заманалда гьелда абулаан халатал гъурщазда хадур унел ругилан. Цогидал абуни дораго парахалъун чIола. Масала, Дагъистан тун къватIир гIумру гьабулел лезгиязул къадар 74 азарго, даргиязул – 84 азарго, тумазул – 16 азарго чи вугин бицана ЭР-лъе Дагъистаналъул ГIелмияб Централдаса социолог КъакъахIасанов ХIажикъурбаница.

КъакъахIасанов ХIажикъурбан: «Дагъистан тун къватIиб гIумру гьабулеб буго кинавниги 56 азарго магIарулас».

Гьесул рагIабазда рекъон, магIарулазул 5 азарго чи вуго Москваялда, 4 аза-азар чи вуго Карелиялдагун Чачаналда. Нарт бахъулел бакIазда Тюменалде хIалтIизе ун руго 3 азариде гIунтIун чи магIарулазул.

Россиялъул дарадаялда босани, МахIачхъала бугин Москва гIаинаб шагьарин абула дагъистанияз. Гьенире хIалтIизе рачIуна сверухъ ругел шагьараздаса чагIи. Амма гIумру гьабизе гьез тIаса бищула Каспийск, Буйнакск, Избербаш гIадал гIисинал шагьарал.

Гьединлъидал бечедал гIадамалги аслияб куцалда МахIачхъалаялда рукIунин абураб пикру буго цо-цоязул. Гьединго цогидаз рикIкIуна гьединал чагIи Хасавюрталдаги цIикIкIун ратизе бегьулин. Щайин абуни даран-базаралъул шагьарлъун рикIкIуна гьеб.

Багьабазул рахъалъ МахIачхъала рикIкIуна бищун хирияблъун.

ЭР-гун гара-чIвариялда рукIарал гIадамазул гIемерисез гIумру гьабиялъегун рацIцIалъиялъул рахъалъ санагIатаб шагьараллъун рехсана Каспийскгун Избербаш. КвегIенлъаби гьчеIеб шагьарлъун рикIкIана Буйнакск. Хасго лъел къварилъи бугила гьениб. ГIадамал гIемераб ва чорокаблъун рехсана Дербент.

«РосБизнесКонсалтингалъул» гьикъа-бакъиялда рекъон, бищунго гIадамал тIаде цIикIкунел шагьараллъун кколел руго Избербашги Хасавюртги.

XS
SM
MD
LG