МагъчIваялъе рес

ГI. Абакарова: "ГIарза кьуна, баянлъи гьечIо".


24 августалда Садия Арслановалъе хIал гьабурав низам цIуниялъул идараялъул хIалтIухъан ГIалиев ХIабиб диваналда цеве чIезавизе вукIиналда щаклъи буго ясалъул гIага-божаразул.

Дагъистаналъул жанисел ишазул экстремизмалде данде чIараб идараялда сверухъ къо бахъанагIан гIемерлъулел руго батIи-батIиял харбал. ГIиллаги гьелъие буго гьеб идараялъул хIалтIухъанас жиндирго хIалтIулеб рокъоеги ячун Садия Арслановалда тIад хIал гьабун. Гьелъул хIакъалъулъ цебеккун бицун букIана «Эркенлъи» радиоялъ.

Инсанасул ихтиярал цIунулезул баяназда рекъон, хIал гьабурай гIаданалъул рос вукIун вуго изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьеразулъ вукIарав чи ва лъагIалица цеве хасал тадбирал тIоритIулеб мехалда чIван вуго гьев. Гьаб сагIаталда гIемер хIинкъиялъ кIалъазецин кIолеб гьечIин гьей хIал гьабурай ясалда, сахлъиялъул рахъги гьелъул гьаб сагIат расги лъикIаб гьечIин бицана гьелъул гьалмагъалъ. ГIага-божараз рагьун абулеб буго гьелъул цIар Садия Арсланова букIин. Ва гьезул щаклъи кколеб буго Садияда хIал гьабурав ГIалиев ХIабиб диваналда цеве эхетиялда.

«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна хIал гьабурай ясалъул гIага-божаралгун. Гьелъул яц РахIмат хIалтIуда йкIун кIалъазе щвечIо. Садиял гьалмагъ, Абакарова ГIайшаца бицана Садия рокъое ячIун хадуй , гьелъул сахлъиялъеги гIакълу-лъаялъе зарал ккун букIин бихьулеб букIанилан. ХIал гьабун букIин хIужаялъе босун гIарза хъвазецин инкар гьабулеб букIанила гьелъ гIемер хIинкъиялъ.Жал цIех-рех чагIазухъе индал, гьениб жидер гIарза къабул гьабизе инкар гьабунила, нужер хъвай-хъвагIай бугеб бакIалда кьезе кколин гьебилан абун.

ГIайша Абакарова: «Ниж ана цIех-рехалъул коммитеталде, гьениб нижехъ букIараб гьитIинаб гIарзаялде кIварго кьечIо. Цинги гьенисан ниж цо цIех-рехчиясухъе анна. Гьес абуна жинда кIолин гIарза къабул гьабизе, амма нужеда бичIчIизе кколин,гьелъул хIасил букIунареблъи, щайгурелъул гьев гIадатияв полициялъулав гурин , гьев вугин хасаб идараялъул хIалтIухъан. Гьес нижехъа гIарза къабул гьабичIо. Нижее кумек гьабуна Рустамова Гюльнараца, гьелъ абуна ихтиярал цIунулез гьеб иш гьедин теларин. Гьелдаса хадуб ниж Хушеталде ана, гьениб хъван гIарзаги кьун, гьенисан ниж нахъеги батIияб цIех-рехалъул идараялде ана. Гьениб нижеда бичIчIизабуна гьесие щибго гьабуларин, гьес цереги кIиго гьитIинал васал рухун рукIанин, амма гьесие щибго гьабичIин. Гьесда нахъа ругел чагIаз гьев кисаго къватIиве вахъулин. Живго Алиев ХIабибица нижеда цебе чанги абуна жиндие щибго букIунарин жинда нахъа гIизагIан цIайи бугел чагIи ругин. Гьесул рагIабазда рекъон гьел руго ГIашурбеков Нурлан ва Мутаев Рамазан. Садияца экспертизаялъе жиндирго гъоркьан ретIелги кьуна. Гьенир рукIарал цIех-рехчагIаз нижеда абуна Москваялъ кверал ричун ругин гьезул бокьараб гьабизе, нижеда бичIчIизе кколин гьебилан. Хадуб щиб букIинебали лъаларо ГьабсагIат нижехъа гIицIго гIарза къабул гьабун гурого батIияб жо гьабичIо.»

Гьединго ГIайшаца баян гьабуна «Кавказпресс» интернет-сурсаталда хъван бугеб гьереси бугилан. Гьелъул рагIабазда рекъон, гьел хIал гьабун, хIинкъаби кьун тIамулел рукIун руго гьез жидедаго тIад хIалтIизе. Гьедин гьес хIинкъаби кьолаанила жал араб бакI лъачIого тIагIине гьарилин ва жидер лъимал чIвазе кколин абун.

Инсанасул ихтиярал цIунулев ГIисалмухIамад Набиевас «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна гьеб такъсир гьабун букIиналъе унгоги хIужа батани, гьеб такъсир гьабунги батани гьев чи тамихIалде ахIичIого толарин. Амма гьез ахIи бахъинабун батанани, хIужаги батичIони гьеб такъсир гьабун букIиналъе, гьеб ахIи гIодоцинин кватIичIого.

ГIисалмухIамад Набиев: «Гьеб лъугьа-бахъиналда сверун батIи-батIиял пикраби руго. Низам цIунулез гьединаб иш гьабун батанани , гьеб битIарабги батанани гьеб гьедин тезе бегьуларо. Гьеб букIине кколеб хIалалъ хIалтIи гьабунани гьев кивениги ворчIуларо, амма бугьтан лъолеб батанани гьеб батIияб хабар буго.»

Итернет-жамгIияталда гьеб лъугьа-бахъиналда сверухъ руго унел гIемерал бахIсал. Камулел гьечIо чагIи гьеб такъсир гьабурасе я шаргIиял къануназда я намус-яхIалъул кIануназда рекъон кинабгIаги ритIухъгьави гьечIилан. Цогияз абулеб буго гьеб ургъунго гьев чиясде рагIад рехизе биччараб хабар бугилан. Гьеб суал борхун Котрова къватIалда бугеб мажгиталда тIобитIизе букIана данделъи, амма гьеб нахъ бахъун буго. Гьеб данделъиялъул хIасилалда гьединал лъугьа-бахъинал ккунгутIиялъе щиб гьабизе ккелеб абураб суал букIине бугин аслияблъунилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьениса чияс. Гьединго интернеталда раккун руго батIи-батIиял жамгIиял хIаракатчагIазул кIалъаял гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун. ХIукуматалъ тамихI цо хIалалъ гьабизе ккелин киналго такъсирчагIазе, гьел щал ругелали хал гьабичIого, гурого халкъалъ жидецаго гьабулин диван гьединал чагIазейилан абулеб буго гьез.

XS
SM
MD
LG