МагъчIваялъе рес

Цо-цоязни лъелъцин балагьулеб буго политикияб пайда


Щуго къоялъ лъим гьечΙого хутΙун букΙана Хасавюрт шагьар. ГΙадатиял гΙадамазеги гьелдаса ккана зарал, раккизаруна батΙи-батΙиял проблемаби. Жидерго протест загьир гьабун гьез шагьаралъул администрациялда цебе 9 октябралда тΙобитΙана митинг. Нижер мухбир МахΙмудова ПатΙиматица абулеб буго, цо-цоязда гьеб хΙужжаялда нахъ бихьулеб бугин политикияб рагΙадин.

Лъел багьанаги батун мэрасде данде митинг тIобитIана
Хасавюрталъул лъел жаваб кьолеб ГОРВОДОКАНАЛ абулеб идараялъ Дагъэнерго ялъе кьезе бугеб кIудияб налъуе гIоло гьениб ток къотIун букIана энергокомпаниялъ. Ток гьечIого лъим кьабулел алаталги хIалтIичIого Хасавюрт щуго къоялъ лъимги гьечIого хутIун букIана. Гьелдаса разигьечIел ракIарун рукIана 9 октябралда шагьаралъул администрациялъул кIалтIа.

Хамизкъоялъ Хасавюрталда Сайгидпаша ГIумахановасде данде кIудияб митинг тIобитIизе бугин гьение рачIайин киналгойилан абун ахIи бан букIана интернеталдасан цо-цо гIадамаз. Лъица гьеб тIобитIулеб бугебалиги мухIкан гьабун букIинчIо. Хасавюрталда лъим къатIинабиялдаса разигьечIолъи загьир гьабун акция тIобитIизе кколин гIадамаз абулеб рагIигун гьеб ахIи-хIур ГIумахановасде дандебуссинабизе лъугьанин гьев вокьуларелщиналин абулеб буго чанги чагIаз. Гьебго пикруялъул рахъ кколеб буго Хасавюрталъул администрациялъул хIалтIухъан ХIайбула ГIумаровасги.

ГIумаров ХIайбула: «Гьеб цо-цоязул заказалда рекъон, ургъунго гьабураб акция букIана. Лъел суалги хIалае ккун гIадамал рагъаризаризе хIалбихьулеб буго шагьаралъул нухмалъиялде данде чIараз. Радал администрациялде аскIоре вакIарун вукIана 20-25 чи. Лъим гьечIолъиялдаса разигьечIин жалин абун гьенир данделъаразда лъим бачIун букIинцин лъалеб букIинчIо. Гьелъ бихьизабулеб буго багьанадай лъимги ккун гьенир гьусун ритIирал чагIи рукIин гьел. Гьедин ахIи-хIуралда рукIана гьенир данделъарал руччаби.

Нужее щибин цIехон аскIоре щведал цоялъ дида абуна жиндир тукен бугила, гьениб ток свинабиялъ жиндие 40 азарго гъурщил зарал кканилан. Лъел суалал рорхунин абун рачIаразда гьоркьой мун гьаний щиб гьабулейин абидал жавабги кьун бажаринчIо гьелъухъа. АхIдезе рачIарал дагьа-макъал чагIи гурони гьенир щалниги рукIинчIо. ГIемерисезда лъалелъул щай гьеб ахIи-хIур гьабулеб бугеб, сундуе гIоло, гьединлъидал гьенире рачIинеги бокьуларо гIадамазе.
Шагьаралда лъим къатIиналъе аслияб гIилла хасавюрталъулаз лъехъ гIарац кьунгутIи бугин, гьелъ багъаризабунин Горводоканалалдаги токалъул компанияздаги гьоркьоб дандеккунгутIиянги бицана «Эркенлъи» радиоялъе ГIумаров ХIайбулаца.

ГIумаров ХIайбула: «ГIадамазе лъехъе гIарац кьезе бокьулеб гьечIо. Гьезда кколеб буго Аллагьас жидее биччараб жо бугин гьеб лъим гьединлъидал гьелъухъ щибниги кьезе кколарилан. ГIадамаз гIарацги кьечIогоха Горводоканал налъукье ккун бугеб, гьезги киса босун кьелеб гIарац. Гьезул налъи цIакъго гIемерлъидал Дагъэнергоялъги Горводоканалалъе ток къана. Гьебги къан цохIониги лъим кьабулеб алатги хIалтIичIоголъидал гIадамал лъим гьечIого хутIун рукIарал. Жакъа сапаралдаса вуссун вачIарав Хасавюрталъул мэр Сайгидпаша ГIумаханов Дагъэнергоялъул вакилзабигун дандги чIван, нужее кьезе ругел налъаби тIуразаризе жинца кумек гьабилин къотIи-къайги гьабун жакъа радал кьунаха лъим»

Лъим гьечIеб гIан заманалда Дагъистаналъул ГIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъ хасал лъел цIурал автомобилал чIезарун рукIана Хасавюрталда. ГIадамаз бокьараб мехалда гьениса чIобого лъим босизеги бегьулаан, амма гьебги квание хIалтIизабун бажарулеб лъим гьечIин зигардиги камичIо хасавюрталъулазул. Гьезул цо-цояз лъазабуле букIана бичун босун лъимги хадуб гъолеб гьечIин, гьеб цIезе инее бакIги сверухълъиялда кибго гьечIолъиялда бан жидеца хъизанал батIиял шагьаразде ва росабалъе щвезаруниланцин.
XS
SM
MD
LG