МагъчIваялъе рес

Сундуе къваригIунеб тахшагьаралъул аслияб майдан?


"Справедливая Россия" партиялъул вакилзабазда ракIалда букIана исана 7 декабралда МахIачхъалаялда щуазарго чи гIахьаллъараб митинг тIобитIизе.

Дагъистаналъул юстициялъул министерлъиялъ гьезие гьукъун буго гьеб гьабизе. Щаяли баян гьабун буго 25 декабралда "справедливороссаз" жидерго офисалда МахIачхъалаялда тIобитIараб пресс-конференциялда.

ГьабсагIаталда Дагъистаналда бугеб жамгIиябгун политикияб ахIвал-хIалалда бан митинг "справедливороссазе" МахIачхъалаялъул аслияб майданалда, хIукуматалъул минаялда цебе тIобитIизе къваригIун букIана. Амма юстициялъул министерлъиялъ жаваб бачIана аслияб майданалда гьабизе бегьуларин, щайгурелъул гьениб бугин республикаялъул Конституциялъул диван. Гьединлъидал нужеца митинг гьабизе бегьулин Авартеатралда цебе, Редукторный мухъалда бугеб "Пирамида" кинотеатралда цебе, афгъаналъулазул паркалдаги, республикаялъул басмаханаялда цебеги. Амма хIукуматалъ митинг гьабейин бихьизабулеб Авартеатралда аскIосан уна Дагъистан къотIун Москваялдеги, Азербайжаналдеги, цогидалъуреги поездал хьвадулеб маххул нух. Ццим бахъукье митингчагIаз гьеб маххул нух къалин абураб пикру ракI кколаребдайин хIукуматалъул чагIаздаян гIажаиблъи загьир гьабулеб буго справедливороссаз. ТIадежоялъе гьедин митингал гьариялда бан хIукуматалъ жинцаго гьабураб хIукмуялда хъвалеб буго митингал гьаризе кколин маххулгун шагьранухаздаса, газил рогIраздаса, электроэнергия жанисан унел кварал рачараб бакIалдаса 50 , 100 метраялъ рикIкIад. Гьелги цогидалги тIасанкIалъаялги гьарун, митинг гьабизе къваригIиналъул документ цIидасан юстициялъул министерлъиялде кьолеб мехалда босун гьечIо гьезухъа, яги ахиралда хIалтIуда кквезе щолел рукIун гьечIо. Гьедин бицана ЭР-лъе справедливороссазул вакил Гъайирбиев Гъайирбица. Гьедин ахиралда документ почалдасан битI буго.

Гъайирбиев Гъайирби: "Нижее гьеб гьукъана, гьелдаса хадуб нижеца диваналде гIарза хъвана. ГIажаибаб жо буго гьеб. Ихтиярги кьун буго митингазе, гьукъулелги руго гьел. Амма нижеца цогIаги гIунгутIиги гьечIого хIадурун рукIана документал. Амма юстициялъул министерлъиялъ бихьизабуна жал митингаздаса хIинкъулеллъи. Митингал гьаричIого рукIиналъе ургъулел руго къанунал. Гьединлъидал нижер хIукму ккун букIана 12. 12. 2012 абилеб къоялъ 12 батIияб бакIалда 12-12 чиги витIун Москваялда пикетал тIоритIизе. Амма къануназухъ хал гьабураб мехалда гьел пикетал тIоритIиялъе кинабгIаги рес тун гьечIоан. Гьединлъидал хIукуматалъ жиндиего бокьухъе хIалтIизабулеб буго Конституцияги - гьенир рихьизарурал ресал гьадингосеб декларация буго. ГIадамалги дозда боцIилъун рихьулел руго".

Декабралъул байбихьуда МахIачхъалаялда митинг тIобитIизе хIукму ккун букIана исана 26 октябралда Москваялда дагъистанияз тIобитIараб съездалда. Гьеб тадбиралъ щибниги хIасилго кьунищин журналистаз гьикъидал справедливороссаз жаваб кьуна тIалъиялъул чагIи шура-хъуризе лъугьанин гьелдаса хадур - жидер квербакъиялдалъун ккун батаниги, гуреб батаниги, Дагъистаналъул тIалъиялъ байбихьун бугин жидеца рорхулел суалазде кIвар кьезе, гьелъул хIасилалда гьабураблъун бихьулеб бугоан гьезда гъоркьанкьида Дагъистаналъул президентас журналистазе кьураб пресс-конференцияги. Москваялде съездалде дагъистаниялги рачун унеб автобусалде кьвагьдон рукIана. ТIалъиялъ гьусарал чагIи ратилин гьел жидедеян абула съездалъул гIахьалчагIазул. Гурони щайила кIиго моцI ун хадубги гьел автобусалде кьвагьдарал чагIи щалали цIехоларел, гьелда сверун цIех-рехгицин байбихьун гьечIила. Дагъистаналъул тIалъиялъин абуни рикIкIуна жидедаго сверун ахIи-хIур букIине съездалъул гIахьалчагIаз жидецаго ургъараб гъалмагъир.

Пресс-конференциялда бицен ккана 2014 соналда Дагъистаналъул нухмалъулев вищиялъулги. Гъоркьанго жамагIатаз хIалтIи гьабичIони, хIакимзабаз кидаго гIадин гьереси гьаризе ругин рищиязул хIасилалин абуна гьениб жамгIиял хIаракатчагIаз. Амма Европаялъул диваналде щвезегIан гIарзахъдарав Гъайирбица абулеб буго Дагъистаналда ахIвал-хIал гьабсагIаталда бугеб гIадин хисичIого хутIани, щибниги релълъине гьечIилан.

Гъайирбиев Гъайирби: "РитIухълъи балагьизе лъугьин цо заманалдасан бумеранглъун кьабун бачIуна нилъедаго. ГIагарлъиялда бецIизе лъугьуна. Гьедин хъулухъалдаса нахъе рехана дир вац, яц. Вегизавуни вегун, вахъинавуни, вахъун вугони дозул тIадкIалъай букIунаро. ГьабсагIаталда Дагъистаналда щиб букIаниги гьабизе ккани, тIалъиялда рукIине ккола. Гьенир рукIине ккани, тIалъиялда тIад рекъон чIезе ккола. Рекъон чIечIони, добе нух щоларо".

Пресс-конференциялда справедливороссазул вакил Расулов Русланица абуна жидеца Москваялда съезд тIобитIараб 26 октябрь лъазабун бугин жидерго ихтиярал цIунун дагъистаниял къватIире рахъараб къолъун.
XS
SM
MD
LG